🕙 24-minute read

Дагъистани Адабияб Ирс - 10

Each bar represents the percentage of words per 1000 most common words.
Total number of words is 3143
Total number of unique words is 1637
0.0 of words are in the 2000 most common words
0.0 of words are in the 5000 most common words
0.0 of words are in the 8000 most common words
  Аварагас абуна.
  Валлагь, гъелилан абун,
  Эв Варакъат гьедана:
  – Щай гъолеван абуни,
  Мун авараг лъугьана.
  Гьанже цодагьав нахъа
  Мун илчилъун лъугьана.
  Илчилъун лъугьун дуца
  Гьел диналде ахӏила.
  Умумулъан батараб
  Квешаб жо те абила.
  Гӏемерисел гӏадамал
  Дуе тушман лъугьина.
  Аварагзабазул хӏал
  Гьеб куцалда букӏуна.
  Гьадин гьаб рагӏи бицун,
  Эв Варакъат кӏалъана.
  Авараггун Хадижат
  Рокъоре нахъ руссана.
  Цодагьабго мехалде
  Эв Варакъат хун ана.
  Аварагасде вахӏю
  Лъабго соналъ къотӏана.
  Нахъойги Хӏабибуллагь
  Хӏираялде хьвадана.
  Авараглъиялъул хӏал
  Хӏабибасде бачӏана.
  Кинниги лъабго соналъ
  Вахӏю-Къуръан къотӏана.
  Мех-мех бихьун, Исрапил
  Ракӏ батизе хьвадана.
  Гьеб хӏалалда авараг
  Лъабго соналъ хутӏана.
  
  Кӏикъоялда лъабго сон
  Гӏумруялъул тӏубана.
  Цинги Хӏира магӏарда
  Хӏабибуллагь вукӏаго,
  Тӏасан гьаракь рагӏана
  Зодове валагьеян.
  Хирияб бетӏер борхун,
  Зодобе бер тӏамуна.
  Зоб-ракьалда гьоркьоб бакӏ
  Жибрилас цӏун бихьана.
  Аслияб сураталда
  Жибрил вихьун, туркӏана.
  Гьебсагӏат нахъги вуссун,
  Хадижатихъе щвана.
  Дир хӏал хисун бугилан,
  Бусен тӏамизабуна.
  Ракӏалде хӏинкъи ккейи
  Хадижада бицана.
  Гьанжеги берда цеве
  Тӏамун вугин абуна.
  Гьале гьаб рокъов, гьанив
  Аскӏов вугин кӏалъана.
  Гьебсагӏат Хадижаца
  Чохтӏо ччукӏизабуна.
  Ботӏрол чохӏтӏоги бахъун,
  Гъалал гьурщизаруна.
  Гьебсагӏат берзукьа ун,
  Малайкзаби лъутана.
  Нахъойги чохтӏо къайдал,
  Тӏад руссун эл рачӏана.
  Гьедин Хӏабибас бицун,
  Хадижатида лъана.
  Хазина буголъи лъан,
  Илчилъи элъ баркана.
  Муддассиргун Мурзаммил
  Рещтӏун, тӏаде ворхана.
  Тӏолго хӏинкъи тӏаса ун,
  Авараглъи тӏатана.
  Гьебсагӏаталъ Мухӏамад
  Бичас расул гьавуна.
  Халкъ диналде ахӏизе
  
  Илчилъун эв витӏана.
  Рещтӏана эсде Къуръан,
  Аят-аят байгинат.
  Загьирлъана эсдасан
  Батӏа-батӏа мугӏжизат.
  Къого соналда жаниб
  Даим Къуръан рещтӏана.
  Къойил Жабраил вачӏун,
  Балъгоял жал рицана.
  Зоб-ракьалъул авараг,
  Расуллагь лъугьана.
  Гӏадамалгун жундузда
  Дин малъизе витӏана.
  Мухӏамадил шаригӏат
  Гӏаламалъе гӏаммлъана.
  Цойги шаргӏалъул тӏахьал
  Къуръаналъ хвезаруна.
  Хатам ул-анбияълъун
  Бичас тӏаса вищана.
  Мухӏамадида хадув
  Илчи витӏи гьукъана.
  Тӏадегӏанав аллагьас
  Зоб-ракь бижун букӏана.
  Маккаялъул ракьалда
  Тӏоцебе кьучӏ тӏамуна.
  Кагӏба-рукъан абуни
  Малаикзабаз бана.
  Нуралъул Кагӏбаги бан,
  Элда тӏавап гьабуна.
  Цинги Адам-авараг
  Маккаялде вачӏана.
  Гамачӏ буцӏун Кагӏба-рукъ
  Тӏоцебе эс гьабуна.
  Малайкзабазул Кагӏба
  Зодобе борхун ана.
  Кагӏбаялда дандбитӏун
  Байт ул-магӏмур лъугьана.
  Шагьаразул эбеллъун
  Бичас Макка гьабуна.
  Мухтарасул шагьарлъун
  Макка бищи рекъана.
  
  Маккаялъул ракьалда
  Мухӏамад загьирлъана.
  Гӏадамалги женалги
  Диналде эс ахӏана.
  Асхӏабзабазул имам
  Умматалъул хирияв
  Абубакар тӏокӏлъана
  Тӏоцебе иман лъурав.
  Гӏалицаги гьитӏинго
  Тӏагьал гӏамал босана.
  Балугълъичӏевго чияс
  Тӏоцебе иман лъуна.
  Абубакар абуни
  Цӏакъав гӏакъил вукӏана.
  Хъанчие лагълъи гьаби
  Эсда рихун букӏана.
  Кинго далил гьечӏого,
  Чара къосун букӏана.
  Аварагас ахӏигун,
  Инкар къотӏун вуссана.
  Хӏарисанил вас Зайид –
  Лъабабилев лъугьана.
  Хӏабибасул хирияв
  Абубакар кӏалъана.
  Иманалде рачӏаян,
  Нух бихьизе гьабуна.
  Гӏусмангун Гӏабдуррахӏман,
  Сагӏдугун Зубайр, Тӏалхӏат,
  Абубакаргун рачӏун,
  Битӏана эз шагьадат.
  Тӏоцебе иман лъурал
  Гъалбацӏал гьел лъугьана.
  Цинги цо-цоккун рачӏун,
  Гӏемерав чи вуссана.
  Чӏахӏиязул цевехъан
  Абубакар лъугьана.
  Гӏисиназул цевехъан
  Гӏали лъугьин бичӏчӏана.
  Руччабазул цеехъан
  Хадижат-кубра ккана.
  Аварагасда цадахъ
  
  Тӏоцебе эз как бана.
  Абугӏубайдат, Хӏаттаб,
  Гӏумарил яс Патӏимат,
  Элъул рос Зайдил Сагӏид,
  Аркъам, Абусаламат.
  Мазгӏунил лъимал Гӏусман,
  Гӏабдуллагьгун Къуддамат.
  Аварагасул имгӏал,
  Хӏарисил вас Гӏубайдат,
  Ибну Сагӏду Билалгун
  Румияв Сугьайб щвана.
  Басирил вас Гӏамаргун
  Эбел Самигат ана.
  Рикӏкӏараб тартибалда
  Иман лъун, эл руссана.
  Цинги эзда нахъвилълъун,
  Гӏемерав чи вачӏана.
  Тӏоцебе аварагас
  Балъгого эл ахӏана.
  «Пасдагӏ биматуъ мару»
  Рещтӏун тӏатинабуна.
  Къурайщазул ханзаби
  Нахъе цӏан, руцӏцӏун чӏана.
  Хъанчазе лагълъи гьабун,
  Тӏепун, тӏупун рукӏана.
  Цинги Аллагьас Къуръан,
  Хъанчал какун, рещтӏана.
  Тӏанчӏи чӏвараб ци гӏадин,
  Эл ццидахун лъугьана.
  Абутӏалибихъе ун,
  Абужагьал ахӏдана.
  Мухӏамадил кӏал къаян,
  Къурайшиял кӏалъана.
  Мухӏамадил квелъ къазе
  Абутӏалиб рекъана.
  Эзда рекъараб бицун,
  Къурайшиял ритӏана.
  Абутӏалибица къан,
  Аллагьасул квелъ гӏелищ.
  Капуразул хӏухьелалъ
  Бакъул нур свинабилищ.
  
  Хъанчал тун, тавхӏидалде
  Аллагьас эл ахӏана.
  Къойилго Къуръан рещтӏун,
  Аварагас цӏалана.
  Абужагьалгун Гӏутбат,
  Абусупян цолъана.
  Даруннадваталде эз
  Санадидал ахӏана.
  Абутӏалибихъе ун,
  Нахъойги эл ахӏдана.
  Мухӏамадил кӏал къаян,
  Къурайщиял семана.
  Кӏал къалареб батани,
  Мун ватӏалъе абуна.
  Дуца эв цӏунугеян,
  Абужагьал кӏалъана.
  Цинги Абутӏалибил
  Абилеб жо тӏагӏана.
  Гӏалил инсул хӏатӏазукь
  Багӏараб цӏа бакана.
  Васасдаса хирияв
  Вацасул вас кин телев?
  Тӏолго тухум кьал гьабун,
  Эсдехун кин вуссинев?
  Цинги авараг ахӏун,
  Абутӏалиб кӏалъана.
  Цӏуниларин абураб
  Цо ишарат бичӏчӏана.
  Кӏудияв имгӏаласул
  Рагӏул таъсир лъугьана.
  Хӏабибасул ракӏ бекун,
  Магӏил берал чвахана.
  – Дир эменги имгӏалги,
  Аллагьас дун витӏана.
  Битӏараб дин малъизе
  Бичас дида тӏад лъуна.
  Капурзабазул рагӏухъ
  Гӏенеккун бегьиларо.
  Эзул хъанчал реццизе
  Тӏехьалда рекъеларо.
  Дуца дун цӏуничӏони,
  
  Аллагьас дун цӏунила.
  Аллагьас тӏовитӏарас
  Дир дин къабул гьабила.
  ...Гьеб куцалда ракӏ бекун,
  Авараг нахъ вуссана.
  Хьихьарав инсуца квер
  Тӏаса боси бакӏлъана.
  Хӏабибасул ракӏ беки
  Эсдаги цӏакъ бакӏлъана.
  Дун чӏаго вукӏун, дир вас,
  Мун хӏинкъуге абуна.
  Бокьухъе вукӏайилан
  Имгӏал хадув ахӏдана.
  Рахӏимасул рекӏее
  Дагьаб маргьам бачӏана.
  Нахъаги Абутӏалиб
  Цӏакъго хӏалае чӏана.
  Хӏабиб цӏунизейилан
  Эс куркьби тӏиритӏана.
  – Мухӏамадил шапагӏат
  Щвелилан бугеб дир хьул.
  Кинниги дагьаб гӏайиб
  Тӏухум тезе кӏвечӏелъул.
  Гӏарабиязул гӏадат
  Тамашаяб букӏана.
  Цояв хвараб бакӏалда
  Тухум хвелин лъугьуна.
  Асхӏабзабаз абуни
  Эб гӏадат рехун тана.
  Жагьилаб гӏадатги тун,
  Диналъул рахъ ккун чӏана.
  Киналго муъминзаби
  Вацал-яцал лъугьана.
  Капурлъиги батӏалъун,
  Цоцалъ тушманлъи ккана.
  Зайнабил рос Абулгӏас
  Тӏагьал цо дурц вукӏана.
  Тӏагьал вацгӏал эв вукӏун,
  Мушрикалгун цолъана.
  Имгӏал Абулагьабги
  Инкар ккун гьалаглъана.
  
  Чӏужу Уммухӏамилги
  Жужахӏалъул цӏалъана.
  Росги лъадиги рекъон,
  Зияналъе эл чӏана.
  Релъедал Тӏагьал тӏохде,
  Магь баччун, заз элъ бана.
  Гӏутбаги Гӏутайбатги
  Инсуда нахърилълъана.
  Гӏагаразе хӏинкъи кьей
  Хӏабибасда тӏад лъуна.
  «Анзир гӏаширатака»
  Тӏасан аят рещтӏана.
  Гьебмехаца авараг
  Санаялде вахана.
  Я сабахӏагьин абун,
  Хӏабибас ахӏи бана.
  Киналго гьашимиял,
  Къурайшиял рачӏана.
  Щиб дур ахӏи бай абун,
  Абулагьаб кӏалъана.
  Цӏар-цӏар бахъун, тухумал
  Аварагас ахӏана.
  Эзие хӏинкъи кьезе
  Цӏакъаб вагӏза гьабуна.
  Къубайсалда гъоркь рещтӏун,
  Боял ругин абуна.
  Дида нуж божилищан,
  Гьикъана эс бичӏчӏизе.
  Божилин нижан абун,
  Данде жаваб гьабуна.
  Гьереси бихьичӏилан,
  Киналго мукӏурлъана.
  Нуж божилел ратани,
  Дихъ гӏенекке абуна,
  «Ананназирулгӏур» – ян
  Абун мисал бачана.
  Нужее хӏинкъи кьезе
  Аллагьас дун витӏана.
  Жужахӏалъул цӏадаре
  Нуж ккелилан абуна.
  Аллагьасде ширк ккурал
  
  Жужахӏалъуре ккела.
  Хъанчазе бетӏер чӏварал
  Гӏазабалъе хӏакълъила.
  Аллагь цо гьавурасе
  Алжан насиб гьабила.
  Къураналъул нухалда
  Арал чагӏи рорчӏила.
  Диде иман лъечӏесул
  Ахират–хоб бухӏила.
  Диде иман лъурав чи
  Шапагӏаталъ восила.
  Гьедин гьеб хӏинкъиги кьун,
  Хӏабибуллагь кӏалъана.
  Жужахӏ цебе чӏун бугин
  Эзда бичӏчӏизабуна.
  Гьениб Абулагьабил
  Квешаб гӏамал къосана.
  Гьалъийищ ниж ахӏарал
  Абун, эв ццидахана.
  «Таббанлака» – ян абун,
  Расуласде хьандана.
  Гьасда нуж божугеян
  Гӏадамазде ахӏдана.
  Абулагьабил рагӏи
  Расуласе бакӏлъана.
  Ракӏ бекараб куцалда
  Рокъове нахъ вуссана.
  Хӏабибасул ракӏ батун,
  Бичас вахӏю рещтӏана.
  Абулагьабил къосин
  Къуръаналъ лъазабуна.
  Тӏаббат ядаги рещтӏун,
  Абулагьаб кӏалъана,
  Хӏаммалаталхӏатӏабан
  Эсул чӏужу рехсана208.
  Уммухӏамил гамачӏгун
  Хӏабиб чӏвазе йортана.
  Жабраилас кваркьи ккун,
  Вихьичӏо, нахъ юссана.
  
  Тӏаббат ядаги рештӏун, Абулагьаб кӏалъана, Хӏаммалаталхӏатӏабан гьесул чӏужу рехсана…–
  
  Какун таббат рещтӏиндал,
  Эзда цӏакъ квеш букӏана.
  Къватӏир чӏвазарунилан,
  Гӏиприт гӏадин лъугьана.
  Гӏутбаги Гӏутайбатги
  Кӏиявго вас ахӏана.
  Рукъигат, Уммукулсум
  Эзда риччазаруна.
  Мусудулги риччан тун,
  Масадал эз рачана.
  Нуразда цӏар тӏамидал,
  Наралде эл тӏамуна.
  Яс йиччарай гӏечӏого,
  Гӏутайбат гӏер-гӏедана.
  Аварагасул гурдел
  Габур туркӏун, эс тӏуна.
  Хъурмаца чӏвайги абун,
  Аварагас абуна.
  Гъалбацӏ тӏаде тӏамеян,
  Аллагьасде гьардана.
  Цо анкьиде Гӏутайбат
  Шамалде абун ана.
  Зуркъа абураб бакӏалъ
  Гъалбацӏ тӏаде кӏанцӏана.
  Гурдел габур элъ тӏуна.
  Гӏутайбатил рукьбиги
  Эб гъалбацӏалъ рукъана.
  Аварагасул дугӏа
  Мугӏжизатлъун лъугьана.
  Цинги нахъа Рукъигат
  Гӏусманица ячана.
  Рукъигат хваралъуе
  Уммукулсумги кьуна209.
  Абулагьабил лъимал
  Жужахӏалъуре ана.
  Гӏусмание абуни
  
  Цинги нахъа Рукъигат Гӏусманица ячана. Рукъигат хваралъуе Уммукулсумги кьуна… –
  
  Жиндирго чӏужу Рукъигат, Мухӏамадил яс, хвараб мехалъ, Гӏусман-халифас лъадилъун ячана
  гьесул цгидай яс –Уммукулсум. Гьелъухъ гьесие гӏарабазулгун бусурбабазул тарихалда щвана
  Зу-н-Нурайн (Кӏиго Чирахъул Бетӏергьан) абураб хӏурматияб цӏар.
  
  Алжанул рохел щвана.
  Хӏабибасул цевего
  Къасим абун вас хведал,
  Нахъа Гӏабдуллагьги хун,
  Вас гьечӏого хутӏидал,
  Къосарал къурайшиял
  Гаргадизе лъугьана.
  Мухӏамадил бакӏ кквезе
  Вас хутӏичӏин абуна.
  Эв хванани, эсул цӏар
  Кӏочон телин хӏал хьана.
  Рехсезе васго гьечӏев
  Абтар вугин рохана.
  Хӏал къвагъаяб къавмалда
  Ракӏалде киндай ккечӏеб,
  Мухӏамадил лъималлъун
  Уммат букӏин кин лъачӏеб.
  Къурайшаца авараг
  Гьедин инжит гьавидал,
  Мухӏамад-Хӏабибасул
  Ракӏ бекизе гьабидал.
  Инна агӏтӏайна рещтӏун,
  Аллагьас ракӏ батана210.
  Алжанул Кавсаралъул
  Рохел эсда бицана.
  Дунгун цадахъ умматалъ
  Мун рехселин абуна.
  Дур тушманин абтаран,
  Гьувал абтар211 рещтӏана.
  Цойги зиян гьабизе
  Аллагьас эл гьукъана.
  Абутӏалибихъаги
  Дагьал нахъе эл къана.
  Абубакар абуни,
  Тухумалъ эв цӏунана.
  Кӏудияб тухум букӏун,
  Хан гӏадин эв хьихьана.
  Цогидал муъминзаби
  
  Инна агӏтӏайна рештӏун, Аллагьас ракӏ батана… –
  
  Дур тушманин абтаран, Гьувал абтар рештӏана… –
  
  Капурзабаз рухана.
  Муртадлъеян нуж абун,
  Гӏазаб чӏамизабуна.
  Гӏаммарил эбелалъе
  Гӏакъуба цӏакъ гьабуна.
  Аварагас изну кьун,
  Ибнумасгӏуд витӏана.
  Аррахӏман212 цӏализелъун
  Къурайшияхъе ана.
  Даруннадваталде ун,
  Эс аррахӏман цӏалана.
  Абужагьлица эсул,
  Хъат кьабун, гӏин лъукъана.
  Гӏин лъукъун, Ибнумасгӏуд
  Гӏодилаго вачӏана.
  Мухӏамад-расулуллагь
  Цӏакъ ракӏ бакъван лъугьана.
  Гьебсагӏат Жибрил вачӏун,
  Ланаспагӏан213 цӏалана.
  Абужагьалил бетӏер
  Гьас къотӏилин бицана.
  Нахъа Бадруялда эс
  Эсул бетӏер къотӏана.
  Абужагьалил гӏинда
  Хъанцӏа бан вехъерхъана.
  Лапаспагӏан абураб
  Аят нахъа тӏубана.
  Хӏабибасул мугӏжизат
  Бакъ гӏадин загьирлъана.
  Билалилги каранда
  Капураз цӏа бакана.
  Кӏалдиб чӏолохъжоги бан,
  Росулъ свердизавуна.
  Хӏабашияв Билалил
  Хӏал тӏадеги цӏикӏкӏана.
  Аллагь цо, аллагь цоян,
  Къватӏ-къватӏазда ахӏдана.
  Каранда къаналги лъун,
  
  Аррахӏман цӏализелъун, Къурайшияхъе ана… –
  
  Гьебсагӏат Жибрил вачӏун, Ланаспагӏан цӏалана… –
  
  Гьез гьев чӏвалев ватана.
  Абубакарица эв
  Вичун восун тархъана.
  Бахьи бугел гӏадамал
  Иманалде рачӏана.
  Бахьи къосараб къавмалъ
  Къварилъи цӏакъ гьабуна.
  Авараглъи загьирлъун,
  Щуабилеб сонаца,
  Гьижра гьабизе изну
  Кьуна эзий Тӏагьаца.
  Хӏабибас рухсат кьедал,
  Муъминзаби рохана.
  Хӏабаш улкаялдехун
  Хӏабибас эл ритӏана.
  Тӏоцебе гьижра гьабун,
  Гӏаппанил Гӏусман ана.
  Аварагасул ясги
  Рукъигатги ячана.
  Гӏавамил вас Зубайир
  Элгун цадахъ вахъана.
  Мазгӏунил вас Гӏусманги
  Эзул гьалмагъ лъугьана.
  Гӏавпил Гӏабдурахӏмангун
  Ибнумахӏсуд вукӏана.
  Эл щуязулго хъизан,
  Кулпат цадахъ букӏана.
  Маккаялдаса рахъун,
  Ралъдал рагӏалде щвана.
  Априкъа ракьалдехун
  Гамица эл рахъана.
  Хӏабашистаналъул шагь
  Нажашихъе эл щвана.
  Нажашица эзие
  Цӏакъаб хӏурмат гьабуна.
  Эзда хадув Гӏалил вац
  Кӏудияв Жагӏпар ана.
  Эв Жагӏпарутӏтӏаярги
  Эзда аскӏове щвана.
  Хӏабаш нажашида цӏар
  Азхӏаматин букӏана.
  
  Гӏиса-аварагасул
  Диналда эв ватана.
  Мухӏамад-Хӏабибасде
  Нахъа эс иман лъуна.
  Эсул цӏакъаб квербакъи
  Гьаб диналъе лъугьана.
  Капуравго вукӏаго,
  Мугьажирал рокьана.
  Эс мугьажирзабазе
  Рукъзал, ахал рикьана.
  Эсул хӏурмат рагӏидал,
  Гӏемер чи вагъарана.
  Цоцазда хадуб гьижра
  Асхӏабзабаз гьабуна.
  Нажашиясда аскӏор
  Асхӏабал гӏемерлъана.
  Асхӏабзабазул нуралъ
  Эсул кор свинабуна.
  Цинги Маккаялъул халкъ
  Цӏакъ къварилъун лъугьана.
  Гьижра гьабун эл риччай
  Эзда ракӏалда къана.
  Эл нахъе гъеян абун,
  Нажашихъе чи ана.
  Рабигӏал Гӏабдуллагьгун
  Гӏасил Гӏамру витӏана.
  Нажашихъе эл щвана,
  Эсие бетӏер чӏвана.
  Гъол нижехъе кьейилан
  Эв кӏиявго хӏелана.
  Эв кӏудияв парччахӏас
  Къадараб жо гьабилищ?
  Аман гьарун кӏанцӏарал
  Тушманзабахъе кьелищ?
  Эв кӏиясулго кӏалдиб
  Нажашица зар бана.
  Залимзаби нуж абун,
  Бадибе хӏацӏу туна.
  Рабигӏал Гӏабдуллагун
  Гӏасил Гӏамру гӏодана.
  Эздаса хьулги къотӏун,
  
  Маккаялде руссана.
  Авараглъи загьирлъун
  Анкьабилеб сонаца,
  Сапаялда гӏодов чӏун
  Вукӏаго цо къояца,
  Аварагасда тӏаде
  Абужагьал вачӏана,
  Хӏехьеларел рагӏаби
  Хӏабибасда абуна.
  Чӏужу гӏадин хьандана,
  Нухдасан къотӏун ана,
  Эв малгӏунасул хьами
  Гӏадамазда рагӏана.
  Хӏалимав Хӏабибуллагь,
  Сабру гьабун, кӏалъачӏо.
  Ахӏмакъасе жаваб кьей
  Вуцӏцӏун чӏей гӏадаб гьечӏо.
  Жадгӏал вас Гӏабдуллагьил
  Цо гъараваш йикӏана.
  Абужагьалил хьами
  Элда цӏакъ квеш букӏана.
  Эб рагӏи элда рагӏун,
  Хӏамзатихъе кӏанцӏана.
  Нуж бихьинал гурищан,
  Хьамураб жо бицана.
  Вуссунго гьечӏониги,
  Имгӏаллъидал, яхӏ ккана.
  Хӏамзатил хӏамияталъ
  Нусабго сан сорона.
  Дица вихьилин эван,
  Тӏад ярагъ бан, вортана.
  Къурайшал данделъараб
  Годекӏаниве щвана.
  Дир вацасул васасде
  Мун хьанданищ абуна.
  Абужагьалил бетӏер
  Чӏорбутӏ кьабун бекана.
  Чӏоралъул хечги тункун,
  Ботӏрода ругъун лъуна.
  Тухум цоцалъ баларо,
  Абужагьал вуцӏцӏана.
  
  Хӏамзат Мухӏамадиде
  Вуссине гурин абун,
  Абужагьал кӏалъана,
  Гӏайиб дидаян абун.
  Хӏамзатиде рортизе
  Гӏадамал эс гьукъана.
  Хӏамзатие тарзия
  Ккун эв лагӏин кӏалъана.
  Хӏамзат бахӏарчи абун,
  Тавуш бахъун букӏана.
  Багьадурлъиялъул цӏар
  Хӏижазалда борхана.
  Эв бусурманлъилилан
  Абужагьал хӏинкъана.
  Хӏамзат бусурманлъани,
  Хӏалтӏи хванин кӏалъана.
  Абужагьалги лъукъун,
  Хӏамзат рокъове щвана.
  Лъугьараб жо бицине,
  Хӏабибасухъе ана.
  Вацасул вас вохизе,
  Эл хабарал рицана.
  Гьабураб гьунар бицун,
  Ракӏ батизе гьабуна.
  Мухӏамад-Хӏабибуллагь
  Хӏамзатида кӏалъана.
  Жагьилияб хӏамият
  Хӏажатгьечӏин абуна.
  – Диналъул яхӏ гурони,
  Дие дур яхӏ кӏваричӏо.
  Мун бусурманлъичӏонани,
  Дудехун рокьи гьечӏо.
  Хӏабибас Хӏамзатие
  Цо таважугь гьабуна
  Гьебсагӏат иманги лъун,
  Шагьадатлъи битӏана.
  Имгӏал Хӏамзат вуссиндал,
  Хӏабибуллагь вохана.
  Диналъе къуват бачӏин
  Къурайшазда бичӏчӏана.
  Абужагьалиде эс
  
  Цӏакъаб хабар битӏана.
  Хӏабиб инжит гьавурав
  Дица чӏвалин абуна.
  Авараг вецциялъул
  Назмаби эс гьаруна.
  Киналго бусурбаби
  Шадлихъ гьабун рохана.
  Хӏамзат бусурманлъидал,
  Къурайшиял гӏодана.
  Абужагьал абуни
  Мажнун гӏадин жендана.
  Даруннадваталде ун,
  Диванал эз гьаруна.
  Щибдай гьабун лъикӏилан,
  Эз гӏакълу данде бана.
  Мухӏамад чӏван лъикӏилан,
  Абужагьал кӏалъана.
  Эв чӏвачӏони, эсул дин
  Тӏатунилан абуна.
  Киналго санадидал
  Эб жоялда рекъана.
  Хӏабиб чӏварав чиясе
  Боцӏи къотӏи гьабуна.
  Хатӏтӏабил вас Гӏумарил
  Нусабго сан сорона.
  Ахӏмад дица чӏвалилан,
  Эв эхеде вахъана.
  Киназго баркала кьун,
  Гӏумарил квер босана.
  Маккаялъул бетӏерлъун
  Мун телилан кӏалъана.
  Ярагъ-матахӏ босизе
  Гӏумар рокъове ана.
  Хвалчен къан, къолден ретӏун,
  Къватӏиве эв вахъана.
  Нугӏаймин абурав чи
  Унаго данде ккана.
  Киве мун, Гӏумар, абун,
  Нугӏаймица гьикъана.
  Гӏарабиязда жаниб
  Гъалмагъал ккезабурав,
  
  Гъавгъаялъул бетӏерлъун
  Маккаялда вахъарав.
  Мухӏамадил черхалда
  Дуниял тезабизе
  Унев вугин абуна
  Эв чӏван рахӏат гьабизе.
  Мушкилабго жоялда
  Дуца квер бан бугилан,
  Нугӏайм эсда кӏалъана,
  Эб жо жибго тейилан.
  Гьашимиял гъалбацӏаз
  Нуж гъурулин абуна.
  Авараг чӏвалелдего
  Мун чӏвалилан кӏалъана.
  Мунги эзул чийищан
  Гӏумар эсде вагъана.
  Нугӏайм чӏвазе хвалчаде
  Гӏумарил квер бегьана.
  Нугӏаймица Гӏумарил
  Рагӏи сверизабуна.
  Дун чӏвачӏого, яц чӏваян,
  Эсда эс кӏал гьикъана.
  Дурго яц Патӏиматги
  Яцалъул рос Сагӏидги,
  Иман лъун, руссун ругин,
  Чӏваян абуна элги.
  Эб рагӏи эс абидал,
  Гӏумарил цӏоб тӏурана.
  Уяб жо бугодаян,
  Яцалдехун сверана.
  Яцги росги гьебсагӏат
  Тӏагӏаталда рукӏана.
  Гьеб къоялъ «Тӏа гьа» рещтӏун,
  Эб цӏалулел рукӏана.
  Хӏаббаб абурав хӏапиз
  Эзухъе щун вукӏана.
  Жайраналъул тӏохьода
  Тӏа гьа хъвалев вукӏана.
  Гӏумар кавудахъе щун,
  Эзул гъапу бухана.
  Эзул цӏали рагӏидал,
  
  Гӏадалзун нах гьалана.
  Патӏиматги Сагӏидги
  Гӏакълуялдаса ана.
  Щибдай гьабун лъикӏилан,
  Эл цоцазде ургъана.
  Тӏа гьа хъвараб сахӏипа
  Хаббабица бахчана.
  Рукъалъул дулабалда
  Жанив Хаббаб вахчана.
  Патӏиматица гъапу
  Гӏумарие рагьана.
  Гӏумар жаниве лъугьун,
  Эл бусурманлъи лъана.
  Гӏумарица Сагӏидил
  Гъеж ккун гӏодов речӏчӏана.
  Патӏиматил гьумер чӏван,
  Бидулъ белъинабуна.
  Гӏумарил эй яцалда
  Малайкзаби гурхӏана.
  Хӏакимав бетӏергьанас
  Элъул ракӏ цӏакъ гьабуна.
  Гӏумарида бадие
  Ялагьун эй ягъана.
  Бетӏер къотӏаниги ниж
  Руссинарин кӏалъана.
  Бичасукьа хӏинкъаян,
  Элъ эсий хӏинкъи кьуна.
  Хъанчазе бетӏер чӏвазе
  Мун нечеян кӏал бана.
  Гьабгонияб мугӏжизат
  Жинца бихьизабулев,
  Къойилго Къуръан рещтӏун,
  Балъгоял жал рицунев
  Аллагьсул авараг
  Гьанив цеве вукӏаго,
  Эсде инкар гьабизе
  Мун нечеян абуна.
  – Аллагьасде иман лъун,
  Ниж бусурманлъун руго.
  Мухӏамад-аварагги
  Илчиян ракӏ чӏун буго.
  
  Дуцаги иман лъуни,
  Дур мунагьал чурила.
  Мун бусурманлъичӏони,
  Ахират-хоб бухӏила.
  Гьедин эй яц лъукъидал,
  Гӏумарил цинн чучана.
  Кигӏанго абуниги,
  Яцлъидал, эв гурхӏана.
  Яцалъул рагӏабаца
  Эсул ракӏ тӏеренлъана.
  Нужер цӏали щиб абун
  Яцалдехун гьикъана.
  Аллагьасул каламин,
  Элъ цо кагъат бихьана.
  Дуцагоги цӏалеян
  Гӏумарихъе эб кьуна.
  Цӏализе-хъвазе лъалев
  Чи эв Гӏумар вукӏана.
  Тӏа гьаялъул аятал
  Хъвараб тӏамач батана.
  Элъул пасихӏлъиялда
  Эв Гӏумар хӏайранлъана.
  Хайраткилщил бащдаб тӏогь
  Гӏумарица хӏанчӏана.
  Абураб аят бихьун,
  Иман рекӏелъ босана.
  Гъваридаб пикру гьабун,
  Гӏумар гӏенеккун чӏана.
  Гӏумарил ракӏалда тӏад
  Яцалъги ракӏ бухьана.
  Сагӏидгун Хаббабица
  Таважугьал гьаруна.
  Эл лъабазулго нуралъ
  Эсул нар свинабуна.
  Гьеб гӏужалъ аварагас
  Дугӏа гьабун букӏана.
  Исламалдалъун Гӏумар
  Хира гьави гьарана.
  Гъугъараб зоб гӏадинан,
  Гьесул керен гъарана.
  Шагьадалъеги битӏун,
  
  Гӏумар бусурманлъана.
  Исламалдалъун Гӏумар
  Бичас хира гьавуна.
  Гӏумаридалъун ислам
  Бичас таид гьабуна.
  Цинги хӏапиз Хаббабил
  Хӏинкъи тӏаса босана.
  Вахчун вукӏаралъуса
  Къватӏиве эв кӏанцӏана.
  Гӏумарил кверги босун,
  Бусурманлъи баркана.
  Хаббабгун цадахъ Гӏумар
  Хӏабибасухъе ана.
  Гьеб къояца авараг
  Цо рокъов чӏун вукӏана.
  Киналго асхӏабзаби
  Сухӏбаталда рукӏана.
  Ярагъгун Гӏумар вихьун,
  Асхӏабзаби хӏинкъана.
  Хӏинкъуге нужан абун,
  Гъалбацӏ Хӏамзат кӏалъана.
  Лъикӏлъиялъе вачӏани,
  Хъашгелдиян абила.
  Квешлъиялъе ватани,
  Дица бетӏер къотӏила.
  Гӏумаргун гугаризе
  Дун гӏелилан абуна.
  Гӏумар вагъарилалде
  Дица чӏвалин кӏалъана.
  Цинги Гӏумар кӏалтӏе щун,
  Изну тӏалаб гьабуна.
  Гӏумар бусурманлъарав
  Жабраилас бицана.
  Аварагас изну кьун,
  Гӏумар жанив лъугьана.
  Эсда эл божичӏого,
  Гъуждулги ккун, вачана.
  Хӏабибасухъе щведал,
  Гӏумар виччазавуна.
  Шагьадалъе битӏеян,
  Аварагас абуна.
  
  Шапигӏасда аскӏоб эс
  Шагьадалъе битӏана.
  Киналго асхӏабзаби
  Рохун такбир бачана.
  Асхӏабзабазул гьаракь
  Къватӏ-къватӏалде рагӏана.
  Къурайшияб къавмалъул
  Рекӏелъ чӏорал речӏчӏана.
  Лъабго къоялъ цебеккун
  Хӏамзат вуссун вохана.
  Гьанже Гӏумарги вуссун,
  Цӏакъаб шадлъихъ гьабуна.
  Чан чи нуж ругел абун,
  Гӏумарица гьакъана.
  Кӏикъоабилев мунан,
  Асхӏабзаби кӏалъана.
  Нуж щайха чӏарал абун,
  Гӏумарица абуна.
  Кагӏба сверун как базе
  Рилълъаян эв лъугьана.
  Расулуллагьасдаги
  Эб рагӏи лъикӏ бихьана.
  Тӏатун тӏагӏат гьабизе
  Гӏумар сабаблъун ккана.
  Жавзаялъул борж гӏадин
  Гӏумар цевехъанлъана.
  Сартӏаналъул цӏва гӏадин,
  Эсул хвалчен гвангъана.
  Асадалъул цӏва гӏадин,
  Гӏали хадув ваккана.
  Зулпукъаралъул пирхи
  Пири гӏадин речӏчӏана.
  Моцӏ гӏадин, Абубакар
  Кваранисан лъугьана.
  Бакъ гӏадинан, авараг
  Гьоркьове ккезавуна.
  Асхӏабзабазул мавкиб
  Кавкаплъун хадурлъана.
  Мизаналъул цӏва гӏадин,
  Низамалда дурана.
  Лаиллагь бачунаго,
  
  Эл къватӏире лъугьана.
  Такбиралъул гьаракьалъ
  Ракь гьаргьазе гьабуна.
  Гӏумарихъ ралагьун чӏун,
  Санадидал рукӏана.
  Авараг чӏван вачӏине,
  Кӏудияб хьул букӏана.
  Цинги рикӏкӏадасанго
  Гӏумар эзда вихьана.
  Эсда хадув авараг,
  Асхӏабзаби рукӏана.
  Гӏумариде мутӏигӏлъун,
  Эл рачӏунел ругилан,
  Санадидал рохана,
  Муртадлъун ратилилан.
  Абужагьал абуни,
  Жен пикруяв чи вукӏун,
  Лъикӏаб рачӏин гьечӏилан,
  Кӏалъана эв рекӏекълъун.
  Гӏумар гӏагарлъидал эз,
  Гьаб щиб жоян, гьикъана.
  Гъугъараб зоб гӏадинан,
  Эс шагьадалъе кьуна.
  Лъалесда дун лъалилан,
  Гӏумарица абуна.
  Лъаларесда лъалилан,
  Дун Гӏумаран ахӏдана.
  Гӏумар бусурманлъи лъан,
  Лъавудаса эл ана.
  Турайдул тӏанчӏи гӏадин,
  Чӏинчӏалахъ эл риххана.
  Аварагасул мавкиб
  Кагӏбаялде лъугьана.
  Масжидулхӏарамалда
  Сап-сап гьабун эл чӏана.
  Майданалда как бана,
  Кагӏба къиблалъун ккуна.
  Тӏатун такбирги бачун,
  Авараг имамлъана.
  Эб как, щиб как абуни,
  Бакъанил как букӏана.
  
  Къойилго кӏи-кӏи как бай
  Цебего парз букӏана.
  Къол щуябго как базе
  Жеги парзлъун букӏинчӏо.
  Радал-бакъанида эз
  Кӏиго ракагӏат течӏо.
  Хӏакъабги батӏулабги
  Гьеб къоялъ батӏалъана.
  Гӏумар сабаб лъугьиндал,
  Гӏумарулпарукълъана.
  Гьеб къоялде щвезегӏан
  Майданалда как бачӏо.
  Киналго асхӏабзаби
  Цойиде данделъичӏо.
  Балъго тӏагӏатги гьабун,
  Рокъо-рокъор рукӏана.
  Цо-цо мехалъ Хӏабибгун
  Рокъоб жамагӏат бана.
  Живго Хӏабибуллагьги
  Расги хӏинкъулароан.
  Кагӏбаялда данд битӏун
  Къойилго как балаан.
  Кинниги капурзабаз,
  Квал-квални гьабулаан.
  Хӏабибасул как хвезе
  Эз хъуй-хъай гьабулаан.
  Цо къоялъ как балаго,
  Квешаз хӏилла ургъана.
  Суждаялда вукӏаго,
  Тӏад цо гӏурдул лъун тана.
  Мугъзада гӏурдулги лъун,
  Синдидал гӏагӏадана.
  Гьитӏинай яс Патӏимат
  Ячӏун тӏаса рехана.
  Микьго-ичӏго сон барай
  Яс Патӏимат йикӏана.
  Ракӏ бекун гӏодулаго,
  Гӏурусазде214 хьандана.
  Саламги кьун, авараг
  
  Гӏурусал абураб рагӏи гьаниб хӏалтӏизабун буго капурзаби абураб магӏнаялда.
  
  Аллагьасде гьардана.
  Цӏар-цӏар абун, гьал чагӏи
  Гьалаг гьаре абуна.
  Къурайш гьалаг гьареян,
  Лъабцӏул такрар гьабуна.
  Гьишамил Абужагьал
  Гьалаг гьави гьарана.
  Рабигӏатил Гӏутбатгун
  Шайбатги квеш рехсана.
  Гӏутбатил вас Валидги
  Гьалаг гьаве абуна.
  Халапил вас Умаят
  Гьалаглъизе хӏелана.
  Абимугъайтӏил квешав
  Вас Гӏукъбаги рехсана.
  Саюгьзамулжамгӏулн
  Гьебсагӏат Жибрил щвана.
  Ункъабилеб аяталъ
  Бицана эл гьалаглъи.
  Кинниги квербакъизе
  Къурайшакьа хӏинкъана.
  Гьадин гьаб хӏадис бицун,
  Ибнумахӏсуд кӏалъана.
  Тамашаяб мугӏжизат
  Нахъа эз бицун лъана.
  Аварагасул дугӏа
  Бичас къабул гьабуна.
  Гьав анлъавго капурчи
  Цо къоялъ гьалаглъана.
  Нахъа эл Бадруялда
  Цойидасан гъурана.
  Эзул квешал балканал
  Цо гъуялъур махӏцана.
  Гьедин, бералда бихьун,
  Ибнумасхӏудил хӏадис
  Бухарияс бицана.
  Щуго малгӏунасеги
  Квешаб дугӏа гьабуна.
  Хехго тӏаде балагь щун,
  Тӏатӏалаго тӏагӏана.
  Мутӏалибил вас Асватӏ
  
  Бецлъун хехгого хвана.
  Гӏабдулгъусилги Асвад
  Квешаб унти чӏван хвана.
  Хишдалъан цо чӏорги щун,
  Валид гьалаглъун хвана.
  Василил вас Гӏасида,
  Цо зазги къан, хун ана.
  Харисил гӏадалзул нах
  Хьодол къвачӏа лъугьана.
  Гьев щуявго капурчи
  Квер биххилин вукӏана.
  Цебе гьедин къварилъи
  Аварагасе ккана.
  Асхӏабзабазул как-дин
  Балъго-балъго букӏана.
  Гӏумар вуссараб къоялъ,
  Кӏикъого чи эл гӏуна.
  Гӏумар сабаблъунги ккун,
  Эз дин тӏатинабуна.
  Кинабгӏаги хиралъи
  Аварагасе буго.
  Гӏумар, Гӏали, Хӏамзатги
  Бакъалъул цӏваби руго.
  Авараг Хӏабиб лъугьун
  Ункъабилеб сон щвана.
  Абужагьалил гӏамал
  Нахъойги цӏакъ къосана.
  Аварагасе буйзе
  Квешаб макру ургъана.
  Даруннадваталде эс
  Санадидал ахӏана.
  Тирщун тӏадеги вахъун,
  Даруннадваталъул халкъ
  Гьесухъ гӏенеккун чӏана.
  Гьанже гьашимиязул
  Хайир хванин абуна.
  Абутӏалибил нилъей
  Пайда гьечӏин кӏалъана.
  Гьашимияб кьибилгун
  Нилъ кьаллъизе ккун руго.
  Эзулгун гара-чӏвари
  
  Нилъеца тезе буго.
  Абулагьаб гуресе
  Нужеца салам кьоге.
  Эзул чи данде ккани,
  Вере, гьумер битӏуге.
  Гьашимияб тухумгун
  Бича-хиси гьабуге.
  Бусурманав-капурав
  Эзул чигун кӏалъаге.
  Мухӏамадие хӏал кьей
  Эз тезехъинеб гьечӏо.
  Тухумалъул бетӏерас
  Эв рехун толев гьечӏо.
  Абутӏалибица нилъ
  Гьанжелъагӏан хьихьана.
  Гьанжеялдаса нахъе
  Нилъеца эв рехана.
  Эзулгун алиш-бариш
  Нилъеца гьабиларо.
  Ясал кьун, ясал рачун,
  Ригьинал гьариларо.
  Абужагьалил рагӏи
  Эзда рекъон бихьана.
  Эсул рагӏи къабуллъун,
  Къурайшияз хъат чӏвана.
  Абужагьлил рагӏуда
  Эл киналго гьедана.
  Гьашимияб кьибилгун
  Кьаллъун лъикӏин абуна.
  Гьедин гьедун, къотӏи ккун,
  Къотӏуе кагъат хъвана.
  Киназго мугьруги чӏван,
  Кагӏба-рукъалда бана.
  Абутӏалибиде эб
  Квешаб хабар рагӏана.
  Гьашимиязул авал
  Цо бакӏалда букӏана.
  Шигӏбу Абитӏалибан
  Эзда цӏар лъун букӏана.
  Гьеб махӏилаялдайин
  Хӏабиб гьавун вукӏарав.
  
  Гьанже хӏажизабазги
  Зияратлъун эб ккураб.
  Гьашимиязул кьибил
  Эб бакӏалда букӏана.
  Тӏолго бусурманлъиги
  Энибе бакӏарана.
  Сверун ккурал гӏадинан,
  Жанирго эл хутӏана.
  Къватӏире рахъинчӏого,
  Тӏагӏаталда рукӏана.
  Гьашимияб кьибилалъ
  Авараг цӏакъ цӏунана.
  Абулагьаб абуни,
  Капурлъигун цолъана.
  Эвги эсул хъизанги
  Жужахӏалъуре ана.
  Бусурбаби абуни,
  Авараггун цолъана.
  Хӏетӏ лъуралъуб бетӏер лъун,
  Рухӏ бичизе къачӏана.
  Авараг расул лъугьун,
  Микьабилеб сонаца,
  Моцӏ хъвалхьун Хӏабибасе
  Шакъулкъамар лъугьана.
  Цо сонаца къурайшаз
  Гӏакъалаби данде рана,
  Хӏабибасул хӏалбихьи
  Эзда рекъон бихьана.
  Цо сордоялъ капурлъи
  Кинабго тӏаделъана.
  Хӏабибасул хӏалбихьун,
  Мугӏжизатал гьарана.
  Гамачӏ кӏалъазабеян,
  Къурайшаца абуна.
  Кодор росарал чӏинхал
  Тасбихӏ гьабун кӏалъана.
  Моцӏ хъвалхьинабе абун,
  Абужагьал жендана.
  Шавкъулкъамар лъугьани,
  Руссине къотӏи ккана.
  Аллагьсул рахъалъан
  
  Жабраил тӏаде щвана.
  Щавкъулкъамар лъугьине,
  Къубайсалде ахӏана.
  Эл къурайшалги рачун,
  Къубайсалде вахана.
  Халкъалдаго тӏатине,
  Гӏакӏа ахӏизабуна.
  Маккаялъул тӏолго халкъ
  Къубайсалде бахана.
  Эзул хъизан-кулпатги
  Цо тӏохазде рахана.
  Хӏажалъул мех эб букӏун,
  Росуго цӏун букӏана.
  Минаялъул къо лъугӏун,
  Къаси рещтӏун рукӏана.
  Моцӏ бащалъун, къад гӏадин,
  Моцӏрол канлъи букӏана.
  Кинавго чиясул бер
  
You have read 1 text from Avar literature.