🕙 24-minute read

Дагъистани Адабияб Ирс - 09

Each bar represents the percentage of words per 1000 most common words.
Total number of words is 3093
Total number of unique words is 1677
0.0 of words are in the 2000 most common words
0.0 of words are in the 5000 most common words
0.0 of words are in the 8000 most common words
  Ираваналъул бортана.
  Шагьниш рикӏкӏун, шагь лъугьун,
  Цинги шагьлъи хвелилан,
  Сатӏихӏица абуна,
  Авараг вахъинилан.
  Парис мажусиязул
  Цӏаял свин дуда лъана.
  Цӏияб шаригӏат лъугьун,
  Цӏа свинаби къотӏана.
  Сава-кул ракьулъе ккун,
  Дида бихьун букӏана.
  Битӏараб дин тӏибитӏун,
  Тӏекъаб дин хвей бицана.
  Самава гӏор, гӏаксалда
  Щун, гӏадамал гъанкъана.
  Щвараб гӏор гӏадин рачӏун,
  Гӏарабиял бергьина.
  Къазил къузатил макьу
  Дица гьадин къотӏила.
  Гӏажам шагьасул улка
  
  Гӏарабияхъе щвела.
  Гӏараб кухӏайланалги,
  Дажлат бахун, регьила.
  Ануширванил улка
  Аварагас босила.
  Истанбулалъул къирал
  Къайсарил си гвангъана,
  Истанбулгун Асия
  Тӏагьахъе ккей къотӏана.
  Къайсар парччахӏасдаса
  Ахӏмадил бо бергьина,
  Кисрал къираллъиги хун,
  Хъанчал малакь мерхьина.
  Гьедин гаргадилаго,
  Сатӏихӏил рухӏ бахъана.
  Эл балъгоял харбалгун
  Гӏабдул-масихӏ вуссана.
  Кисрал маданиялде
  Гӏабдулмасихӏ вачӏана.
  Ануширванида эс
  Сатӏихӏил пал бицана.
  Анцӏила ункъо парччахӏ
  Лъугьинилан къотӏидал,
  Ануширван вохана,
  Инилан гӏемер мехал.
  Цинги Ануширван хун,
  Вас кисралъун лъугьана.
  Анцӏила ункъо кисра
  Цоцазда хадур хвана.
  Нахъа авараг вахъун,
  Кисрал цо рахъ бахъана.
  Гӏумарил хвалчабаца
  Кисрал гӏажам босана.
  Гӏарабияз эзда тӏад
  Рагъул корал роркьана.
  Кисрал хъахӏал кӏалгӏаби
  Хъат кьабун эз рахъана.
  Гӏараб кухӏайланаца
  Капур малакь мерхьана.
  Тӏарамагъадисев шагь
  Яздажирдин вукӏана.
  
  Гӏусманил заманаялъ
  Эв Яздажирдги чӏвана.
  Сасанияб кисрал мулк
  Гьаб куцалда тӏагӏана.
  АВАРАГ ГЬАВУН ХАДУБ АВАРАГЛЪУН ВИТӏИЗЕГӏАН ЦЕРЕККУН
  ЛЪУГЬАРАЛ ХАВАРИКЪУЛ ГӏАДАТАЛ, ГӏАЖАИБАЛ ХӏАЛАТАЛ, ТАМАШАЯЛ
  ИРГЬАСАТАЛ
  Мухӏамад гьавун хадуб,
  Халкъалде витӏизегӏан,
  Лъугьарал иргьасатал
  Цӏализин иргадасан.
  Гӏиса-авараг гӏадин,
  Гьавигун гаргадана.
  Тӏагьал кини кӏибикӏун,
  Малакгун хӏур чӏухӏана207.
  Кинитӏа килищ битӏун,
  Моцӏ гьаргьазе гьабуна.
  Эбелалъул ургьивго
  Гӏакълуялда вукӏана.
  Рахьдал цӏо тӏагӏинегӏан
  Эбелалда хахана.
  Хадуб цо дагьаб мехалъ
  Субайбатихъе кьуна.
  Имгӏал Абулагьабил
  Гъараваш эй йикӏана.
  Вацасул вас хахидал,
  Эс эй тархъан гьаюна.
  Ахӏмад гьавураб сардилъ,
  Абулагьаб вохана.
  Тӏагьае хидматалъе
  Сувайбат эс йитӏана.
  Абулагьабил лагьбу
  Элдалъун бигьалъула.
  Щибаб итни сордоялъ
  Гӏазаб тӏаса босула.
  Кинабниги махлукъат
  Халикъасда гьардана.
  
  Малакгун хӏур чӏухӏана…– малаикзабигун хӏурулгӏинзаби чӏухӏана абураб магӏнаялда.
  
  Ахӏмад хахизе хьуллъун,
  Бичасе эл хӏелана.
  Нижеца хьихьилилан,
  Малайкзабаз гьарана.
  Нижеца цӏунилилан,
  Зоб-ракьалъ гӏарза кьуна.
  Жундул, хӏанчӏи, хӏайванал –
  Киналго дагӏбадана.
  Хӏалимав бетӏергьанас
  Эзда лъазе гьабуна,
  Хӏалиматица хьихьи
  Эзда бичӏчӏизабуна.
  Нижее кьеян абун,
  Хӏурулгӏинал гӏодана.
  Маккаялъул халкъалъул
  Гӏадатал рукӏунаан
  Гьава лъикӏаб бакӏалде
  Эз лъимал ритӏулаан.
  Гӏурбан гӏашираталъул
  Рахьдал улбул кколаан.
  Гӏалхуда гӏун, ракӏ цӏакълъун,
  Бахӏарзал лъугьунаан.
  Мех-мехалъ рахьдал улбул
  Энире рачӏунаан.
  Гьаруралщинал лъимал
  Хахизе росулаан.
  Хьихьун кӏудиял гӏедал,
  Нахъе эл рачунаан.
  Маккаялъул агьлуялъ
  Эл бечед гьарулаан.
  Банисагӏдин абураб
  Цо гӏашират букӏана.
  Ахӏмад гьавураб гӏужалъ
  Эзул чагӏи рачӏана.
  Гӏемерал рахьдал улбул
  Маккаялда рещтӏана
  Хӏарисил Хӏалиматги
  Рос Хӏарисгун ячӏана.
  Киналго рахьдал улбуз
  Базарлихъал гьаруна.
  Маккаялъул агьлуялъ
  
  Лъимал эзухъе кьуна.
  Хӏабибуллагь абуни
  Халиматица ана.
  Ятим вугилан абун,
  Цогидаз нахъе чӏвана.
  Хӏабибасул гьурмада
  Гьайбатаб нур бихьана.
  Хӏалимат эсда хурхун,
  Квегӏаб кеке битӏана.
  Кваранаб кекеялда
  Хӏабибуллагь речӏчӏана.
  Рахьдал яц Шимаеян
  Квегӏаб кеке рехана.
  Тӏагьада бер ккелилан,
  Хӏалимат цӏакъ хӏинкъана.
  Хӏасад ккезе гурилан
  Тӏад гормендо бигъана.
  Хӏижазалъул хӏамузда
  Хӏарис, Хӏалимат рекӏун,
  Мухӏамадги кодов ккун,
  Руссана къапилагун.
  Загӏипалго хӏамузда
  Тӏад эл рекӏун рукӏана.
  Хӏабибасул баркаталъ,
  Барти гӏадин, йоргъана.
  Хӏалиматги Хӏарисги
  Хӏабибгун рокъор щвана.
  Хӏалиматил рукъалда
  Хӏабибасул нур чӏана.
  Хӏалиматил рукъ бакъун,
  Къварилъи ккун рукӏана.
  Хӏабиб хахаралдаса
  Хӏисаб хун бечелъана.
  Банисагӏдил росабалъ
  Ракъул сонал рукӏана.
  Хӏабиб вачӏаралдаса
  Къварилъи тӏаса ана.
  Дуниял ригьдаллъана,
  Хӏайванал рахьдаллъана,
  Пихъал-хурзалги рижун,
  Алжан гӏадин лъугьана.
  
  Хӏалиматил бакӏалда
  Хӏорал гӏиял рукӏана.
  Эл хӏорал лемагазул
  Рахьдал хӏорал лъугьана.
  Хӏарисил варанаби
  Азарал жал рукӏана,
  Ахӏмад вачун, кьаралъун,
  Кьуру гӏадин лъугьана.
  Ахӏмадил рахьдал эмен
  Хӏарисида бихьана
  Хӏабибасул мурзигӏат –
  Хӏалиматгун кӏалъана:
  – Тӏадегӏанав аллагьас
  Нилъее давла кьуна.
  Нилъер тухумалдего
  Баркат тӏаде рещтӏана.
  Гъов вас вачаралдаса,
  Батӏияб хӏал бачӏана.
  Гьасие хидмат гьаби
  Нилъеда тӏад парзлъана.
  Боржунеб жоялдаса
  Мухӏамад эз цӏунана,
  Гӏодов лъезе течӏого,
  Хазиналъун хьихьана.
  Тӏолго банисагӏдилал
  Сагӏадаталде щвана.
  Сагӏдиязул Хӏалимат
  Хӏабибасул нурлъана.
  Лъикӏалгун данделъарал
  Лъикӏлъиялде рахуна,
  Сагӏидил хъулухъчагӏи
  Сугӏадаал лъугьуна.
  Цохӏо къоялъ гӏолаан
  Цо моцӏ бараб лъимергӏан,
  Кӏиго моцӏиде вахъун,
  Щугоялде хьвадарав.
  Ичӏго моцӏ тӏубалелде
  Пасихӏаб мацӏ кӏалъана.
  Хӏабибасул хӏалалда
  Хӏалимат хӏайранлъана.
  Мех-мех бихьун Хӏалимат
  
  Мухӏамадгун унаан.
  Аминатил ихӏсаналъ
  Гъанун нахъ йисунаан.
  Мухӏамад-Хӏабибасул
  Кӏиго лъагӏел тӏубана.
  Хӏабиб нахъе вачине
  Эбелалъе бокьана.
  Аминатил хӏатӏида
  Эй Хӏалимат речӏчӏана.
  Гьава-лъин лъикӏаб бакӏалъ
  Дихъ тейилан хӏелана.
  Маккаяллъул гьаваги
  Дагьаб бакӏаб бугелъул,
  Нахъго Тӏагьа витӏана,
  Мех-мехалъ вихьулелъул.
  Жиндирго васасдаса
  Тӏагьа элъий вокьана.
  Бахъараб гьородаса
  Эз Мухӏамад цӏунана.
  Цо къояца Хӏалимат
  Гъапуллъун ккун ятана.
  Шимаги Мухӏамадги
  Кьагӏазде ун ратана.
  Хеккого нахъе рачӏун,
  Хӏалиматихъе щвана.
  Бакъ бухӏулъ щай аралан,
  Шимада эй кӏалъана.
  Мухӏамадил рахьдал яц
  Шимаца жаваб кьуна,
  Дир вацасда тӏад накӏкӏ чӏун,
  Бакъ чӏвачӏилан абуна.
  – Нижее рагӏадалъе
  Тӏад накӏкӏ чӏун букӏунаан.
  Ниж кирехун аниги,
  Эбги цадахъ унаан.
  Хӏарисги Хӏалиматги
  Цӏакъ хӏайранлъун хутӏана.
  Хӏисаб гьечӏел хӏурматал
  Хӏабибасе гьаруна.
  Бахьи бугеб гьурмада
  Гьайбатаб нур букӏана.
  
  Гьурмал равхӏанияталъ
  Рухӏазе пайиз щвана.
  Тӏагьал тӏавру-хӏаракат
  Тӏолго батӏа букӏана.
  Лъимал расандулаго,
  Тӏад вахъун чӏун вукӏана.
  Кӏиго малаик вачӏун,
  Вачун ун, ракӏ рагьана.
  Ракӏ чурун, бацӏцӏад гьабун,
  Гӏелмудал цӏезабуна.
  Гӏемерал гӏажаибал
  Гӏадамазе тӏатана.
  Гӏисинлъималаздацин
  Иргьасатал рихьана.
  Хӏалиматги Хӏарисги
  Хӏабибасда хӏинкъана.
  Ункъабилеб сонаца
  Эбелалъухъе кьуна.
  Эвги вачун, Аминат
  Мадинаялде ана.
  Баниннажар абураб
  Вацгӏалзабахъе щвана.
  Жугьутӏазул башхахам
  Мадиналда вукӏана.
  Ахӏмадил нур бихьигун,
  Эв кагьинасда лъана.
  Мухӏамадил шамаил,
  Шаклу эсда бихьана.
  Гьале гьав авараган,
  Эв кагьинас бицана.
  Сайигъатгун, саламгун
  Аминат нахъ юссана.
  Хӏабибуллагьгун цадахъ
  Къапилагун яхъана.
  Аллагьасул хӏикматалъ
  Нухда эбел унтана.
  Маккаялде гӏагарлъухъ
  Къадаралде эй щвана.
  Хириясул гӏумруялъ
  Ункъо сон бан букӏана.
  Гурхӏарай эбелги хун,
  
  Нахъойги ятимлъана.
  Ахӏмадил инсул эмен
  Жеги чӏаго вукӏана.
  Гӏабдулмутӏалиб абун
  Эсул тавуш букӏана.
  Мухӏамад-Хӏабибасул
  Эс цӏакъ хӏурмат гьабуна.
  Авараг лъугьуневлъи
  Эсда бичӏчӏун букӏана.
  Гӏабдулмутӏалибица
  Авараг аскӏов ккуна.
  Ахӏмадил баркат щвезе,
  Цадахъ хьвадизавуна.
  Гьеб гӏужалъ Хӏижазалда
  Цӏакъаб ракъи бачӏана.
  Дуниялго ракъдаллъун,
  Цӏакъ тӏощел багьалъана.
  Гӏабдулмутӏалибихъе
  Гӏарабиял рачӏана.
  Цӏад гьаризе вахъаян,
  Къурайшиял гьардана.
  Мухӏамадил кверги ккун,
  Гӏабдулмутӏалиб ана.
  Къубайс магӏарде вахун,
  Аллагьасе хӏелана.
  Хӏабибасул баркаталъ
  Гӏемерал цӏадал рана,
  Къахӏтӏунгъала тӏаса ун,
  Баркаталъул нур чӏана.
  Хӏижаз гӏарабиязул
  Ракъул сонал рукӏана.
  Пихъал-хуралги рижун,
  Алжан гӏадин лъугьана.
  Гӏабдулмутӏалиб веццун,
  Шагӏирзаби кӏалъана.
  Мухӏамад-Хӏабиб рехсон,
  Назму берцин гьабуна.
  Гьеб мехалъ Хӏабибасул
  Ункъо лъагӏел букӏана.
  Элдаса цо сон индал,
  Гӏабдулмутӏалиб хвана.
  
  Кӏудияв дадаги хун,
  Хӏабибуллагь гӏодана.
  Цинги Мухӏамад-Хӏабиб
  Имгӏалас данде къана.
  Инсул вац Абутӏалиб
  Гӏалил эмен вукӏана.
  Жиндирго рухӏ гӏадинан,
  Эс Мухӏамад цӏунана.
  Ахӏмад авараг вахъин
  Эсдаги лъан букӏана.
  Эб соналъги ракъдаллъи
  Маккаялде бачӏана.
  Абутӏалибидаса
  Цӏад гьари эз гьарана.
  Мухӏамадил кверги ккун,
  Кагӏбаялда хурхана.
  Хӏабибуллагьас килищ
  Зодобехун битӏана.
  Гьебсагӏаталъ зодосан
  Бичасул рахӏмат щвана.
  Баркат бугеб цӏадги бан,
  Гӏатӏилъи тӏаде щвана.
  Гӏарпатӏатил вас Жагьам
  Гьалъул бицун кӏалъана.
  Абутӏалибгун Тӏагьа
  Эс шигӏрудалъ веццана.
  Абутӏалибицаги
  Багъилаб назму гьабун,
  Мухӏамадил карамат
  Бицана, килищ битӏун.
  Анцӏила кӏиго лъагӏун,
  Хӏабибасул букӏана.
  Шамалде базар босун,
  Абутӏалибгун ана.
  Шамалъул улкаялда
  Бусраялде эл щвана.
  Бусраялъул рагӏалда
  Гъотӏол рагӏдукь рукӏана.
  Эб гъотӏода гӏагарлъухъ
  Цо килиса букӏана.
  Килисалда жанив
  
  Чӏун цо кашиш вукӏана.
  Эв кашишасул цӏарги
  Жиржис абун букӏана.
  Бухӏайраян тӏокӏцӏар лъун,
  Эсул тавуш бахъана.
  Маккаялъул къапила
  Бухӏайрада бихьана.
  Эб карваналда цадахъ
  Хьвадулеб накӏкӏ бихьана.
  Эзие рагӏадалъе
  Тӏад накӏкӏ чӏун букӏунаан.
  Кирехун эл аниги,
  Цадахъ билълъун унаан.
  Эл гъоркь чӏараб гъотӏолги
  Батӏияб хӏал лъугьана.
  Цӏидасан тӏамахги бан,
  Зумрудгӏан гӏурччинлъана.
  Эв Бухӏайра абуни
  Цӏакъав гӏалим вукӏана.
  Загьидав рагьибилан
  Тавуш бахъун букӏана.
  Маккаялъул къапилан
  Гьедин эсда бихьана.
  Къапилаялда цадахъ
  Авараг вати лъана.
  Гьебсагӏат Бухӏайрица
  Абутӏалиб ахӏана.
  Кьер-кьераб квен кваназе
  Карван дагӏват гьабуна.
  Хъанчал ругеб бакӏалде
  Ахӏмад лъугьунароан.
  Нагагь лъугьине ккани,
  Хъанчал рортун унаан.
  Мухӏамадие зиян
  Лъугьине гурин абун,
  Бухӏайрахъе вачинчӏо;
  Хӏабиб тана къай хьихьун.
  Абутӏалибгун карван
  Кашишасухъе щвана.
  Бухӏайрал квен кваназе
  Киналго гӏодор чӏана.
  
  Бухӏайраца эзие
  Цӏакъб хӏурмат гьабуна.
  Эзул хӏал-хӏукму гьикъун,
  Мухӏканлъи лъазабуна.
  Эсул савмагӏаялде
  Ахӏмадил нур бачӏинчӏо.
  Чадир гӏадин тӏад чӏараб
  Хъахӏаб накӏкӏ багъаричӏо.
  Бухӏайра цӏакъ хӏайранлъун,
  Хӏисаб гьабун ургъана.
  Къаялда чи танищан,
  Эс эздехун абуна.
  Дир вас танилан абун,
  Абутӏалиб кӏалъана.
  Дур вас ватиларилан,
  Бухӏайрал бахӏс лъугьана.
  Эвги вачун вачӏаян
  Абутӏалиб витӏана.
  Расулуллагьгун цадахъ
  Эб хъахӏаб накӏкӏ бачӏана.
  Авараглъиялъул нур
  Бухӏайрада бихьана.
  Мухӏамадул Мустӏапа
  Савмагӏаялде щвана.
  Савмагӏаялъул хъанчал
  Гӏодоре гъенон ана.
  Эл гӏаламатал рихьун,
  Кашишзаби гӏодана.
  Ахӏмад авараг вукӏин
  Бухӏайрада бичӏчӏана.
  Бухӏайрал кашишзабаз
  Эсда цебе квен лъуна.
  Кванан рахъун хадуса
  Лимон-шербет бачӏана.
  Абутӏалибгун Ахӏмад
  Бухӏайраца ахӏана.
  Батӏияб халват гьабун,
  Жиржис элгун кӏалъана.
  Дица дуда цо дагьал
  Жал гьикъилин абуна.
  Бухӏайраца Тӏагьда
  
  Битӏун бицин гьарана.
  Латгун Манатгун хъанчал
  Гьоркьор ккун, эв гьардана.
  Хъанчал гьоркьор кквей рихин
  Хӏабибас лъазабуна.
  Цинги аллагь гьоркьов ккун,
  Бухӏайрада гьарана.
  Аллагьасе гӏололъун
  Битӏун бице абуна.
  Бухӏайраца гьикъарал
  Жал Хӏабибас рищана.
  Бухӏайрада лъачӏелцин
  Ракӏалдещвезаруна.
  Мугьруннубувват бихьи
  Бухӏайрае бокьана.
  Квегӏаб бугьналогода
  Адабалда баана.
  Тӏухьдуца абухъеяв
  Авараг вукӏин лъана.
  Гӏуламааз рицарал
  Гӏаламатал ратана.
  Гӏиса-аварагасги
  Тӏагьа вачӏин бицана.
  Ахӏмадил рохел бицун,
  Дун вачӏинин абуна.
  Гьанжеги Инжилалда
  Мухӏамадил цӏар буго.
  Баракълид вачӏинилан
  Инжилалда хъван буго.
  Гӏибранияб мацӏалда
  Баракълидалъул магӏна
  Зоб-ракьалда веццарав
  Мухӏамадан гьабуна.
  Инжилалда цӏар хъварав
  Баракълид Ахӏмад вукӏин
  Бухӏайрада бичӏчӏана,
  Ракӏчӏей гьабуна гьедин.
  Цинги Абутӏалибгун
  Бухӏайра гаргадана.
  Мухӏамад Шамалде ин
  Бухӏайраца гьукъана.
  
  Ягьудиял ахӏбарал
  Хӏадур ругин бицана.
  Аварагасе зарар
  Эз гьабилин кӏалъана.
  Гьанже гьав нухда вукӏин
  Эзда лъалин абуна.
  Нужум гӏелму лъалезда
  Шамалде ин бичӏчӏана.
  Бухӏайрал рагӏиялде
  Абутӏалиб вуссана.
  Бусраялда базар лъун,
  Базар-матахӏ бичана.
  Бусраялъул матахӏги
  Бичизелъун босана.
  Мухӏамадгин цадахъ гьел
  Маккаялде руссана.
  Гӏаламалъун пахрулъи
  Гӏолохъанчи лъугьана.
  Гьитӏинлъиги тӏаса ун,
  Булугъалде вахана.
  Азалияб нуралъул
  Нуранияб кьералъул,
  Рувхӏанияб ракӏалъул,
  Рухӏ бугеб рагӏиялъул,
  Моцӏ гӏадаб гьумералъул,
  Гьайбатаб лагаялъул,
  Битӏараб къотӏиялъул,
  Сипат малаикасул,
  Къурайшиязда жанив
  Тӏаса вищун тӏокӏлъарав
  Мухӏамадул Аминан
  Жиндир тавуш бахъарав,
  Анцӏила ункъо лъагӏун
  Мухӏамадил букӏана.
  Имгӏал Зубайргун Ахӏмад
  Яманалдехун ана.
  Гьениса базар босун,
  Маккаялде руссана.
  Унаго, рачӏунаго,
  Иргьасатал тӏатана.
  Гӏаламалъул рахӏматас
  
  Цинги къого сон бана.
  Къойилго малайкзаби
  Рихьун цере тӏамуна.
  Мех-мех бихьун, эл рачӏун,
  Эзул рагӏи рагӏана.
  Витӏизе мех щвечӏилан
  Цоцазда эл кӏалъана.
  Парччахӏзабазул парччахӏ,
  Анбияазул султӏан,
  Ахир заман авараг
  Абуна мун вугилан.
  Абутӏалибидехун
  Тӏагьаца эб баккана.
  Гьаб щиб хӏикматан абун,
  Кагьинасда вихьана.
  Тӏагьал квер ккун эв кагьин
  Набзалде валагьана.
  Мухӏамадил пайизалъ
  Эв мехтизе гьавуна.
  Мукъаддасаб Тӏагьал черх
  Саламатаб букӏин лъана.
  Авараглъун витӏизе
  Гӏуж гӏагарлъи бицана.
  Ахӏмадида рихьулел
  Малайкзаби абуна,
  Авараглъи тӏатине
  Байбихьилъун рикӏкӏана.
  Гьеб мехалъ Маккаялда
  Цо бика машгьурлъана.
  Хувайлид-ханасул яс
  Хадижат цӏар букӏана.
  Хан росги хун, гьитӏинго
  Къороллъун эй хутӏана.
  Къурайшиял ясазул
  Бищун лъикӏай йикӏана.
  Элъул бечелъиялъул
  Тавуш бахъун букӏана.
  Маккаялъул росаби
  Ижараялъе ккуна.
  Хадижатида макьилъ
  Цо сордоялъ бихьана:
  
  Квенчӏелтӏасан бакъ баккун,
  Зоб-ракь гвангъизабуна.
  Кагьинзаби ракӏарун,
  Макьу къотӏизабуна.
  Аварагасул чӏужу
  Мун лъугьинин абуна.
  Цинги Хадижат йохун,
  Халгьабун чӏун йикӏана.
  Мухӏамад-аараган
  Ишаратал лъугьана.
  Цинги Мухӏамадихъе
  Элъ Майсара витӏана.
  Шамалъул базаралде
  Назирлъун ин гьарана.
  Дур баркат щвезе бокьун
  Бугилан эй гьардана.
  Эй нахъ чӏвагейин абун,
  Абутӏалиб хӏелана.
  Абутӏалибил хъатир
  Аварагас гьабуна.
  Хадижатил базаралъ
  Назирлъун Ахӏмад ана.
  Майсараян абурав
  Хадижал лагъги вачун,
  Ахӏмад Шамалде ана,
  Кӏудияб къапилагун.
  Шамалъул улкаялде
  Бусраялде эл щвана.
  Савмагӏаялда цере
  Гъотӏода гъоркь рещтӏана.
  Савмагӏаялъул рагьиб
  Бухӏайра хун ватана.
  Бухӏайра хун Настӏура
  Рагьиблъун тун ватана.
  Авараглъиялъул нур
  Настӏурада бихьана.
  Савмагӏаги жибго тун,
  Майсаратихъе щвана.
  Майсаратгун Настӏура
  Гьудулзаби рукӏана.
  Церего цоцазда лъан,
  
  Цӏакъ гьуинлъи букӏана.
  Майсаратгун Настӏура
  Халват гьабун кӏалъана.
  Хатамуланбияан
  Шагьадалъе битӏана.
  Хӏабибасул хӏатӏида
  Убач гьабун гӏодана.
  Шапагӏаталъ восеян
  Настӏура хӏелхӏедана.
  Настӏурайин абуни
  Цӏакъав гӏалим вукӏана.
  Бухӏайрадего щварав
  Бахӏрулъун эв ватана.
  Настӏураца Мухӏамад
  Шамалде ин нахъчӏвана.
  Хиянатал жугьутӏаз
  Зиян гьаби бицана.
  Бусраялда базар лъун,
  Бича-хиси гьабуна.
  Шамалдасаги тӏокӏлъи
  Бусраялда бахана.
  Майсаратгун Мухӏамад
  Маккаялде руссана.
  Кинабго къапилагун
  Макка рагӏалде щвана.
  Цӏакъ бухӏараб къояца
  Маккаялде эл щвана.
  Шамалъул базар бачӏин
  Хадижада бицана.
  Руччабигун Хадижат
  Борхалъуде яхана.
  Жиндирго къапиладухъ
  Халккун ялагьун чӏана.
  Гьениб Хадижатица
  Цӏакъаб хӏикмат бихьана.
  Хӏабибасул ботӏрода
  Тӏад рагӏад бан бихьана.
  Кӏиго малаик вачӏун,
  Куркьбал тӏиритӏун руго.
  Чадир гӏадин цӏо хъахӏлъун,
  Цадахъ рачӏунел руго.
  
  Майсарат цеве вачӏун,
  Хадижатихъе щвана.
  Мухӏамадил лъугьрал
  Мугӏжизатал рицана.
  Алжаналъул хазина
  Хирияв Ахӏмад вукӏин
  Хадижатида лъана,
  Макьу битӏараб букӏин.
  Базаралъул хӏисабал
  Майсарица рикӏкӏана.
  Мухӏамадил баркаталъ
  Базар хайираб ккана.
  Маккаялъул ханзабаз
  Эй Хадижат гьарана,
  Дун унев чи батӏаян,
  Тӏолгоял элъ нахъчӏвана.
  Хӏабибасул махӏаббат
  Элъул чорхолъ босана.
  Рабитӏаялъ элъул ракӏ
  Нуралъул цӏезабуна.
  Гьоркьор гӏадамал тӏамун,
  Жийго гьаризаюна.
  Абутӏалибги вачӏун,
  Элда магьари лъуна.
  Къурайшазул синдидал
  Дагӏват гьабун ахӏана.
  Хадижатил бакӏалда
  Ханзаби данделъана.
  Кӏиябго рахъалдасан
  Гӏагарлъи бачӏун чӏана.
  Мухӏамадги Хӏамзатгун
  Вачӏун энив вукӏана.
  Квен кваналалде цебе
  Цин эз магьари лъуна.
  Магьариялъе кколел
  Хутӏбаби эз гьаруна.
  Къоло щуго сон тӏубан
  Хайруланам вукӏана.
  Хадижатулкубраян
  Хайрул нисаъ ячана.
  Хадижатил бихьараб
  
  Макьу битӏун улъана.
  Бакъги моцӏги данделъун,
  Нуралда тӏад нур чӏана.
  Хадижатил бечелъи
  Халиласде буссана.
  Тӏад ретӏараб ретӏел тун,
  Элъ боцӏи чӏезабуна.
  Нигӏматалде шукру лъун,
  Садакъа, къурбан хъуна.
  Киналго гъул-гъараваш
  Тархъан тун, магӏаш кьуна.
  Ячун цо лъагӏилалде,
  Нур гӏадав вас гьавуна.
  Сайгидатулнисаъгун
  Сайгидуннас рохана.
  Нур гӏадав эв васасда
  Къасим абун цӏар лъуна.
  Абулкъасиман ахӏун,
  Хӏабибуллагь вохана.
  Лъабго лъагӏараб лъимер
  Къасим унтун хун ана.
  Инналиллагьи абун,
  Эбел-эмен гӏодана.
  Цинги аварагасул
  Лъеберго сон тӏубана.
  Хадижаца яс гьаюн,
  Эс Зайнабан цӏар лъуна.
  Лъебералда лъабго сон
  Хӏабибас бан букӏана.
  Нахъойги Хадижаца
  Яс Рукъигат гьаюна.
  Лъебералда анлъго сон
  Мухӏамадил лъагӏана.
  Цинги Хадижатица
  Уммукулсум гьаюна.
  Гӏаламалъул пахрулъи
  Кӏикъойиде вахана.
  Хадижаца яс гьаюн,
  Патӏиматан цӏар лъуна.
  Авараглъигун цадахъ
  Эй Патӏимат гьаюна.
  
  Мухӏамад-хӏабибасе
  Бищун эй хиралъана.
  Патӏиматулзагьраян
  Элда тӏокӏцӏар абуна.
  Сайгидатуннисаян
  Хӏадисалда бицана.
  Эй уйкъайго яс гӏедал,
  Эл россабазе кьуна.
  Эзул лъугьараб къиса
  Дица нахъа бицина.
  Авараг лъугьун хадув
  Вас Гӏабдуллагь гьавуна.
  Гӏабдуллагь гьитӏинго хун,
  Тӏагьал магӏу гирана.
  Тӏагьае Хадижаца
  Гьел анлъалго гьаруна.
  Нахъа Аварагасе
  Рухӏ гӏадав вас гьавуна.
  Маригатица гьавун,
  Ибрагьимил цӏар лъуна.
  Цинги Ибрагьимги хун,
  Тӏагьал магӏу гирана.
  Инналиллагьи абун,
  Асхӏабзаби гӏодана.
  Мухӏамад-Хӏабибасул
  Анлъго лъимер лъугьана.
  Къасимги, Гӏабдуллагьги,
  Ибрагьимги хун ана.
  Ункъайго яс абуни
  Кӏудиял гӏун рукӏана.
  Лъабго васгун ункъо яс –
  Эзул рехсей лъугьана.
  Зайнабин абурай яс
  Абулгӏасие кьуна.
  Кигӏан гӏасилъаниги,
  Нахъа эв мутӏигӏлъана.
  Рукъигат абурай яс
  Гӏутбае кьун йикӏана.
  Уммукулсум абуни
  Гӏутайбатие кьуна.
  Гӏутбаги Гӏутайбатги
  
  Кӏиявго вац вукӏана.
  Имгӏал Абулагьабил
  Лъималлъун эл рукӏана.
  Абулагьаб абуни
  Квешав тушман вукӏана.
  Эсул чӏужу-лъималги
  Тушманлъиялъе чӏана.
  «Табат яда» абураб
  Аят эсухъ рещтӏана.
  «Хӏамалаталхӏатӏабги»
  Чӏужуялъухъ рещтӏана.
  «Табат» рещтӏин рагӏидал,
  Кӏиявго вас ахӏана.
  Мухӏамадил ясазда
  Цӏар тӏамеян абуна.
  Эл борхьил лъималаца
  Кӏияйго яс йиччана.
  Гӏутба тӏаде кӏанцӏун ун,
  Авараг кӏовокӏана.
  Мун хъурмаца чӏвайгиян,
  Аварагас абуна.
  Цинги Шамалъул нухда
  Гъалбацӏалъ эв тӏутӏуна.
  Цинги нахъа Рукъигат
  Гӏусманица ячана.
  Рукъигат хваралъуе
  Уммукулсумги кьуна.
  Эб кӏиябго нур бачун,
  Гӏусман тӏадегӏанлъана.
  Гӏусманазиннурайнин
  Эсул тавуш бахъана.
  Патӏиматулзагьраги
  Росасе ине гӏуна.
  Гӏалиюлмуртазае
  Аварагас эй кьуна.
  Абутӏалибил Гӏали
  Элъул вацгӏал вукӏана.
  Вацгӏаласе Загьраца
  Хӏасан, Хӏусен гьавуна.
  Аварагасул наслу
  Загьрадасан бачӏана.
  
  Патӏиматил зуригат
  Шаринсайгид лъугьана.
  Лъималазул къисаби
  Гьенир гьоркьор къотӏизин.
  Тӏад вуссун Мухӏамадил
  Мугъжизатал цӏализин.
  Лъебералда щуго сон
  Хӏабибас бан букӏана.
  Бичас гӏелму-хӏикмат кьун,
  Батӏияв чи лъугьана.
  Гьебмехалъ Маккаялда
  Жумгьурият букӏана.
  Масжид ул-Хӏарамалда
  Даруннават букӏана.
  Жумгьуразул бетӏерлъун
  Абужагьал вукӏана.
  Гӏемерисезул гӏакълу
  Хӏакамлъун эз гьабуна.
  Зулму гьабунгутӏизе
  Цойги мажлис гьабуна.
  Эб мажлисалда гъорлъ хъван
  Аварагги вукӏана.
  Гьеб соналъ Маккаялде
  Цо квешаб ссил бачӏана.
  Ссилалъ къед биххизабун,
  Кагӏба-рукъ цӏадаллъана.
  Кагӏба-рукъалда гӏодоб
  Цо донг бухъун букӏана.
  Кагӏбаялъул хазина
  Эниб цӏунун букӏана.
  Къед биххараб бакӏихъан
  Цӏогьор лъугьун ватана.
  Кагӏба-рукъ бикьулаго,
  Ккун эсул квер батана.
  (Къисил хубтӏа)
  «Ле, гӏадамал, гӏенекке,
  Рагӏараб цӏунун хьихье.
  Цӏунараб рагӏудаса
  Мунпагӏат босун бихье.
  Яшав, арав чи хвела,
  Хварав паналъун уна.
  
  Бачӏунеб жо бачӏуна,
  Лъугьунеб жо лъугьуна.
  Зодосан цӏадал рала,
  Гӏодосан хер баккула.
  Кваназе рикъзи кьола
  Бетӏербахъи гьабула.
  Эбел-эмен рукӏуна,
  Вацал-яцал лъугьуна.
  Ургьибго рухӏ бачӏуна,
  Чӏаго къватӏир рачӏуна.
  Гьитӏинал кӏодолъула,
  Кӏудиялги херлъула.
  Цинги киналго хола,
  Хадуб кьери гӏунтӏула.
  Гьудуллъи данделъула,
  Хеккого батӏалъула.
  Зодосан хабар буго,
  Гӏодосан гӏибрат буго.
  Гӏаламатазда хадур
  Аятал тӏатун руго.
  Сордо ун, къо къалъула,
  Къо ун, сордо бецӏлъула.
  Зодор цӏваби хьвадула,
  Бакъалъул борж хисула.
  Хӏамал боржалъ их чӏола,
  Сартӏаналъ рии чӏола.
  Мизаналъ хасалихълъи,
  Жадюялъ хасел ккола.
  Рорхатал мугӏрул руго,
  Гӏибрат боссе ккун буго.
  Мугӏрул-карачалаби
  Ралъдада жанир руго.
  Хвечӏев чи хутӏуларо,
  Арав нахъ вуссунаро.
  Ракӏ рекъонищ эл чӏарал,
  Кьижунищан лъаларо.
  Хъублъулареб гьа гьедун,
  Гьанже гьав Къис гьедула.
  Балъгояб рагӏи бицун,
  Нужер гӏинзуниб лъола.
  Гьаб диналдаса лъикӏаб
  
  Бичасул цо дин буго.
  Аллагьасул авараг
  Гьанже тӏатине вуго.
  Гьанже гьев загьирлъизе
  Тӏаде мех гӏунтӏун буго.
  Эсул хирияб рагӏад
  Нужеда тӏад чӏун буго.
  Эсде щун иман лъурав
  Алжаналъуве ккела.
  Эсдехун инкар ккурав
  Жужахӏалъе хӏакълъила.
  Гъаплаталъул агьлуги
  Бичас гьалаг гьабула.
  Цебе араб капурлъи
  Квешаб бакӏалде ккаги.
  Ва, дир аяд жамагӏат,
  Умумул кире арал?
  Умумузул умумул
  Нужер кире риларал?
  Унтарал кире арал,
  Щокълъарал кире арал?
  Унтаразде раккарал –
  Элги кире ритӏарал?
  Хӏал-гуч цӏакъал пиргӏавнал –
  Эл кирехун тӏагӏарал?
  Щулалъулъ хъулби рарал,
  Щутӏалаб кӏалгӏа барал,
  Сарай гӏуцӏун къачӏарал
  Къиралзаби кир арал?
  Эзул боцӏи киб араб?
  Хъизан-кулпат кир арал?
  Къосарал, гӏасилъарал
  Гӏадамал кире арал?
  Боцӏи данде гьабурал,
  Хазина цӏезабурал,
  Нужер бетӏергьан дунан
  Дагӏбадизе лъугьарал –
  Эл ханзаби, шагьзаби
  Гӏодоредай тӏерхьана?
  Эзул гьанже хӏухь гьечӏин,
  Зодоредай роржана.
  
  Нужедаса гӏемераб
  Боцӏи эзул букӏинчӏищ7
  Нужедаса халатаб
  Гӏумру эзул тӏагӏинчӏищ?
  Гьаб рукъалъул гьобоялъ
  Эзул гьан ханжу ххана.
  Хӏурмат бугел чурхдузул
  Хӏур лъугьине гьабичӏищ?
  Эзул рукьбиги турун,
  Гьанже ракь лъугьун буго.
  Эзул хъулбиги чӏунтун,
  Чорокго хутӏун руго.
  Эзул юртазда жаниб
  Хӏутӏ-хъумур бегун буго.
  Гӏуцӏарал кӏалгӏаби хун,
  Гьабзаца гӏуцӏун руго.
  Вореха, гьанже нужги
  Эл гӏадин гӏасилъуге.
  Гӏадада гӏумру биччан,
  Гъаплаталда рукӏунге.
  Аллагь тун нахъияб жо
  Тӏолго паналъун уна.
  Боцӏи, лъимал абуни,
  Цо сагӏаталъ тӏагӏуна.
  Гӏиса, бичасул васан,
  Абизе бегьиларо.
  Жив гьави, жинца гьави
  Бичасда рекъоларо.
  Цо гурони гьечӏилан
  Бичасда ракӏчӏезабе.
  Тӏадегӏанав бичасе
  Тӏагӏат, гӏибадат гьабе.
  Хвалил гӏоралъ унеб халкъ
  Нахъаса къотӏуларо.
  Гӏор баккулеб, чвахулеб
  Бакӏ берда бихьуларо.
  Хвалил гӏурулъе ккарав
  Рагӏалде вахунаро.
  Нахъе тӏагӏат гьабизе
  Хварав чи вуссунаро.
  Цере арал гӏадамал
  
  Нилъее гӏибрат буго.
  Эл гӏадамал ховухъе
  Нилъ-нилъги хвезе руго.
  Хварав мехалъ батулеб
  Гӏамал къваригӏун буго.
  Къваригӏел гьечӏеб хӏалтӏи
  Кинабго тезе буго».
  ...Къис ибну Сагӏидатил
  Цӏакъаб хутӏба тӏубана.
  Гӏакълу бугев чиясда
  Элъул магӏна бичӏчӏана.
  Гьебмехалъ аварагги
  Машгьаралда вукӏана.
  Къис вихьун, Къисил хутӏба
  Хӏабибасда рагӏана.
  Абубакарицани
  Рекӏехъе лъазабуна.
  Нахъойги Хӏабибасе
  Эс эб хутӏба цӏалана.
  Къис ибну Сагӏидатил
  Гӏумру рагӏалде ккана.
  Авараг вахъиналде
  Дагьав цевеккун хвана.
  Нахъа Хӏабибасухъе
  Къисил вацгӏал вачӏана.
  Жаруд абун машгьурав
  Къис гӏадав чи вукӏана.
  Жарудица иман лъун,
  Авараг цӏакъ вохана.
  Къисил хутӏба лъалищан,
  Аварагас гьикъана.
  Дида лъалилан абун,
  Абубакар кӏанцӏана.
  Аварагги Жарудги
  Гӏенеккун, эс цӏалана.
  Къис веццун, аварагас
  Жаруд вохизавуна.
  Умматун вахӏидатун
  Эв вахъинин абуна.
  Гӏаламалъул пахрулъи
  Кӏикъойиде вахана.
  
  Авараглъиялъул таж
  Бетӏералде рещтӏана.
  Кӏикъоялда лъабилъги
  Илчилъун эв витӏана.
  Рисалатаб тахиде
  Набигьуллагь вахана.
  Лъикӏал макьаби рихьун,
  Тӏоцебе байбихьана.
  Анлъго моцӏалъ Тӏагьаде
  Макьилъ вахӏю рещтӏана.
  Макьилъ бихьанщинаб жо
  Кинабго улъулаан.
  Тӏагӏбир хӏажат гьечӏого,
  Бакъ гӏадин тӏатунаан.
  Цинги бичас Тӏагьае
  Халват бокьизабуна.
  Халияб бакӏалде ун,
  Тӏагӏат хира гьабуна.
  Хӏира магӏардеги ун,
  Гӏемер сардал ралаан.
  Хӏираялъул нохъода
  Къоял ран вачӏунаан.
  Ракӏбанщинахъе вачӏун,
  Хадижахъе щолаан.
  Нахъойги азих босун,
  Хӏираялде унаан.
  Ракӏалъул зикруялда,
  Пикруялда вукӏана.
  Муракъабаялда чӏун,
  Рекӏелгъей цӏакъ бачӏана.
  Паязасул пайизалъ
  Хӏира мегӏер гъанкъана.
  Хӏисаб гьечӏеб тажалли
  Хӏабибасе лъугьана.
  Аллагьасул нур бихьун,
  Мухӏамад вилун ккана.
  Ралъдалъе тӏураб тӏири
  Гӏадин Тӏагьа тӏерхьана.
  Цоги тажалги гьабун,
  Тӏагьа вигьинавуна.
  Мушагьадат хӏехьезе
  
  Рекӏее къуват кьуна.
  Махӏву ун, сахӏву бачӏун,
  Живго жиндаго чӏана.
  Панипиллагь вукӏаго,
  Бакъибиллагь лъугьана.
  Цинги Хӏира магӏарда
  Бичас вахӏю рещтӏана.
  Икърагъ-суратги босун,
  Жибрил Тӏагьахъе щвана.
  Каламуллагь цӏалеян
  Жабраилас абуна.
  Дун цӏаларав гурилан,
  Хӏабибуллагь кӏалъана.
  Жабраилас авараг
  Урхъун къвалакье къана.
  Къвал бан, дугъдазе гьавун,
  Дарман тӏагӏинабуна.
  Виччанги тун, нахъойги
  Икъраъ цӏале абуна.
  Дун цӏаларав гурилан,
  Хӏабибас жаваб кьуна.
  Кӏиабизеги къвал бан,
  Ахӏмад эс данде къана.
  Цинги виччан, нахъойги
  Икъраъ цӏале абуна.
  Дун гӏалимчи гурилан,
  Аварагас абуна.
  Лъабабизе данде къан,
  Цинги тӏубан виччана.
  Эс гӏаламал инсана
  Малам ягӏлам цӏалана.
  Жабраиласда цадахъ
  Хӏабибасги цӏалана.
  Бисмаллагь малъичӏого,
  Щуго аят эб гӏуна.
  Икъраалъул аятал
  Ракӏалда накъишлъана.
  Вахӏюялъул гьайбаталъ
  Дагьаб дагьшат бачӏана.
  Черхалъул хӏалги хисун,
  Хадижатихъе щвана.
  
  Дие бусен тӏамеян,
  Хадижада абуна.
  Тӏад юргъан бан тӏупеян,
  Элъий амру гьабуна.
  Цо сагӏатгӏан мехаца
  Хӏабиб вегун вукӏана.
  Лъугьанщинал хабарал
  Хадижада рицана.
  Хӏабибасул ракӏ батун,
  Хадижат цӏакъ кӏалъана.
  Мухӏамад-Хӏабибасда
  Авараглъи баркана.
  Навпалил вас Варакъат
  Маккаялда вукӏана.
  Гӏисал диналда вугев
  Цӏакъав шайих вукӏана.
  Хадижатгун Варакъат
  Вацгӏал-яцгӏал рукӏана.
  Кӏодолъун, канлъи арав
  Гӏалимчи эв ватана.
  Хӏабибуллагьги вачун
  Хадижат эсде ана.
  Хӏираялда рихьарал
  Хӏикматал эз рицана.
  Варакъат, рухӏги бачӏун,
  Кӏутӏун тӏаде вахъана.
  Мухӏамадил квералда
  Убач гьабун гӏодана.
  Мухӏамад-Хӏабибасда
  Авараглъи баркана.
  Ахир заманаялъул
  Авараг мун абуна.
  Тавратгун Инжилалда
  Дур цӏар бугин бицана.
  Дуда вихьарав малайк
  Жибрил вугин кӏалъана.
  – Гӏолохъанчи анищан
  Дица хиял гьабула.
  Дун хвечӏого хутӏани,
  Дуе кумек гьабила.
  Нахъа Маккаялдаса
  
  Мун эз къватӏиве гъела.
  Мадина ракьалдехун
  Дуца гьижра гьабила.
  Гьеб мехалда дун щвани,
  Дуе гӏоло рухӏ кьела.
  Дур хириял хӏатӏазул
  Чурараб лъим гьекъела.
  Унго эз дун гъелищан,
  
You have read 1 text from Avar literature.