🕙 24-minute read

Дагъистани Адабияб Ирс - 08

Each bar represents the percentage of words per 1000 most common words.
Total number of words is 3089
Total number of unique words is 1565
0.0 of words are in the 2000 most common words
0.0 of words are in the 5000 most common words
0.0 of words are in the 8000 most common words
  Цо мазгьабги ккун чӏана.
  Эсул мазгьаб ккурав чи
  Уртудукъус лъугьана.
  Цинги эзда жанибги
  Гӏемераб хилап ккана.
  Насранияб Гӏисал дин
  
  Цинги Румаб парччахӏлъи эб кӏийиде бикьана… – Нилъер эраялъул 395 соналда Румаб
  
  парччахӏлъи (Рим империя) бикьана кӏиго пачалихъалде – Бакъбаккул (Византия) империялдги
  Бакътӏерхьул (Румаб) империялдеги.
  
  Кьучӏдаса батӏалъана.
  Диналдасан макъсадго
  Аллагь цо гьави буго.
  Ширкалдасаги цӏунун,
  Гӏибадат гьаби буго.
  Насраниял абуни,
  Цадахъго капурлъана.
  Хъанчие лагълъи гьабун,
  Мушрикаллъун лъугьана.
  Насраниял гурелги
  Гъоркьго капур рукӏана.
  Патратаб заман бачӏун,
  Тӏолго къосун рукӏана.
  Гӏемерисеб халкъалъул
  Тӏабигӏат батӏалъана.
  Низам буцӏцӏун кканиги,
  Пискъу-пужур цӏикӏкӏана.
  Аврупагун Анатӏил
  Къустӏантӏинихъ букӏана.
  Мисригун Шам, Гӏиракъги
  Эсде буссун букӏана.
  Кинниги квешаб гӏамал
  Гӏаскаралъул букӏана.
  Гӏасиял жал гьаризе
  Гӏадамазда малъана.
  Жариратулгӏарабги
  Эзда кодобе ккечӏо,
  Хӏижазалъул халкъалде
  Эзул хъублъи бахинчӏо.
  Гӏарабиязда жаниб
  Ункъо дин хьвадулаан.
  Инжилгун Тавраталде
  Цо-цоял гьетӏулаан.
  Цо дагьалго чагӏаца
  Халилил дин кколаан.
  Малъал къотӏун, черх чурун,
  Суннатги гьабулаан.
  Цо тамунги букӏана
  Хъанчазе лъагълъи гьабун.
  Цойги батӏи-батӏияб
  Жоялъе хъулухъ гьабун.
  
  Цинги эл гӏарабиял
  Хӏажалде рачӏунаан.
  Кагӏбаялда хъанчал ран,
  Тӏаван гьабун унаан.
  Гьединаб гьеб куцалда
  Халкъ пасалъун букӏана.
  Патратаб заман бачӏун,
  Аллагь кӏочон вукӏана.
  Цо авараг вахъине
  Хӏакълъун тӏадаб букӏана.
  Тӏухьдуца бицухъеяв
  Чи вахъине мех щвана.
  Тӏадегӏанав аллагьас
  Хира гьавун вижарав,
  Инжилгун Тавраталда
  Жиндир сипатал хъварав,
  Ахир заман авараг
  Вахъине мех гӏунтӏана.
  Мухӏамад-Хӏабибулагь
  Вахъине гӏагарлъана.
  Гӏиса авараг гьавун,
  Щунусго сон тӏубана.
  Лъабкъоялда микьго сон
  Элда тӏадеги бана.
  Цинги нилъер авараг
  Ахӏмад бичас вижана.
  Аминатица гьавун,
  Зоб-ракь нуралъул цӏуна.
  Мухӏамад гьавиялде
  Гӏагарлъидал замана,
  Гӏемерал гӏаламатал
  Халкъалда загьирлъана.
  Гьавун вахъарав мехалъ,
  Мугӏжизатал тӏатана.
  Мавлидгун Мигӏражалда
  Рехсей эзул лъугьана.
  Алхӏамдулиллагь, бечед,
  Щибаб рецц дуе буго.
  Мухӏамадил умматлъун
  Дуца ниж гьарун руго.
  Гьаниб гьаб назму лъугьун,
  
  Дица щукру гьабуна.
  Мухӏамад-хӏабибасде
  Дица салат битӏана.
  Гьаб назму цӏаларасде
  Дир цӏакъ гьари лъугьана
  Патӏихӏа тӏаме абун,
  Дир васигат тӏубана.
  Лаиллагьа иллаллагь,
  Мухӏамад расулуллагь.
  Гӏумар Зияудинил
  Мунагьал чуре, аллагь.
  Амина ямгӏину.
  Тӏадегӏанав бичасе
  Азалалда бокьана
  Жиндирго нуралдаса
  Цо къабза нур босана.
  Эб нур Мухӏамад лъугьун,
  Тасбихӏалда букӏана.
  Цинги бичас тӏагьал нур
  Ункъо бутӏа гьабуна.
  Цояб бутӏаялдаса
  Лавхӏулмахӏпуз бижана.
  Лавхӏулмахӏпузалда тӏад
  Къаламалъ къадар хъвана.
  Кӏиабилеб бутӏадул
  Гӏаршги Курсги бижана.
  Хӏабибасул цӏар бичас
  Гӏаршалда гьадин хъвана:
  Лаилагьа иллаллагь
  Абурав муъминлъана,
  Мухӏамад расулуллагь
  Цадахъ аби тӏалъана.
  Лъабабилеб бутӏадул
  Бакъ-моцӏ, зоб-ракь бижана,
  Ункъабилеб бутӏадул
  Тӏолго алжан гьабуна.
  Адам вижилалдего
  Авараглъун вукӏана.
  Мухӏамад-Хӏабибасул
  Рухӏ аслулъун лъугьана.
  Цинги Адам вижизе
  
  Аллагьасе бокьана.
  Адамил тӏинаталде
  Нуралъул тӏири щвана.
  Хӏал кӏолев бетӏергьанас
  Цинги Адам вижана.
  Адамил черхалдалъун
  Гӏалам берцин гьабуна.
  Адамил нодоялда
  Мухӏамадил нур чӏана.
  Дир Хӏабибасул нуран
  Бичас элде абуна.
  Адамил гьурмада чӏун,
  Ахӏмадил нур бихьана.
  Киналго малайкзаби
  Суждаялда речӏчӏана.
  Адамил гьурмада чӏван,
  Илбисалъ бер къанщана.
  Хӏатӏидехун балагьун,
  Эб тушман махӏрумлъана.
  Адамил нодоялда
  Нуралъ гӏемер мех бана
  Шис гьавилалде эб нур
  Хӏаваде накълулъана.
  Шис-авараг гьавигун,
  Эб нур эсде бачӏана
  Шисил гьумералда нур
  Моцӏ гӏадин парпадана.
  Цинги Нухӏил гьурмада
  Бакъ гӏадин эб гвангъана.
  Цоцазда хадуб гӏунтӏун
  Ибрагьимихъе щвана.
  Цинги Исмагӏилида
  Эб тажалъуб лъугьана.
  Хутӏарал тӏолго хъвани,
  Халалъилин хӏинкъана.
  Азалалдаса кӏвараб
  Эб нур бичас цӏунана.
  Нахъа Аминатихъе
  Аманат кобоб щвана.
  Меседил силсилагун
  Эб нур элда хурхана.
  
  Нуралда тӏадги нур чӏун,
  Нур-Мухӏамад лъугьана.
  НИЛЪЕР АВАРАГ ГЬАВИЛАЛДЕГО ЦЕРЕГО ЛЪУГЬАРАЛ ГӏАЛАМАТАЛ
  Исмагӏилил наслудал
  Ахир заманаялда
  Ахӏмад-авараг вахъин
  Хъван букӏана тӏухьдузда.
  Илчизабазда жанив
  Бищун хира гьавуна.
  Мухӏамад-авараган
  Анбияаз бицана.
  Гӏараб улкаялдаса
  Авараг загьирлъана.
  Ахир заманаялъул
  Хӏикматазда рекъана.
  Румазул квешаб гӏадат
  Гӏарабиялъ букӏинчӏо.
  Аслияб питрат цӏунун,
  Адаб эз рехун течӏо.
  Хӏижаз гӏарабиязул
  Берцинаб мацӏ букӏана.
  Уммиял ругониги,
  Эл пасихӏал рукӏана.
  Гӏараб мацӏалда рекъон,
  Къуръан рещтӏин рекъана.
  Цо Къугӏуказ абураб
  Макка рагӏал букӏана.
  Щибаб зулкъагӏидаялъ
  Эниб ярмука лъуна.
  Киналго шагӏирзаби
  Санайил данделъана.
  Шигӏруялъ бергьарасе
  Цӏар кӏудияб букӏана.
  Къасидат, шигӏру, назму
  Булайигъзабаз гьабун.
  Вагӏза, насихӏат, хутӏба
  Пасихӏзабаз гьабуна.
  Шигӏру къацандизабун
  Шагӏирзаби рачӏана.
  
  Пасихӏлъи данде кквезе
  Балигъзаби регьана.
  Пасихӏзабазул тавуш
  Маккаялда бахъана.
  Кагӏбаялъул къадазда
  Эзул къасидат бана.
  Шагӏирзабазул бетӏер
  Имраулкъайс вукӏана.
  Эс гьабураб къасидат
  Борхалъуда букӏана.
  Эсул шигӏруялда гъоркь
  Лабидил шигӏру бана.
  Лабидида гъоркьехун
  Щуго шигӏру букӏана.
  Авараг вахъиналде
  Ункъо шигӏру батана.
  «Мугӏаддакъатун абгӏагь»200
  Эзда цӏарал рукӏана.
  Исхӏакъги Исмагӏилги
  Кӏиявго вац вукӏана.
  Ибрагьим-Халиласул
  Кӏиявго вас вукӏана.
  Ибрагьим-Халиласде
  Бичас вахӏю рещтӏана:
  Дур кӏиявго васасда
  Авараглъи хаслъана.
  Киналго анбияал
  Цоясдасан лъугьана.
  Цохӏо Ахӏмад-авараг
  Цоясдасан лъугьана.
  Ибрагьимица рохел
  Лъималазда бицана.
  Исмагӏилги Исхӏакъги
  Суждаялда речӏчӏана.
  Кинниги Исмагӏилил
  Цӏакъаб гӏакълу лъугьана,
  Дир наслудал Мухӏамад
  Лъугьагиян гьардана.
  Исмагӏилил гьеб дугӏа
  
  Авараг вахъиналде Ункъо шигӏру батана. «Мугӏаддакъатун абгӏаъ» Эзда цӏарал рукӏана… –
  
  Бичас къабул гьабуна.
  Цохӏо Ахӏмад-авараг
  Эсие насиблъана.
  Гьеб куцалда аллагьас
  Тавраталда цӏалана.
  Гӏисал Инжилалдаги
  Гьеб хӏалалда рещтӏана.
  Исхӏакъил наслуялъул
  Авараглъи тӏубана.
  Исмагӏилил лъимаде
  Камилаб ирга щвана.
  Исмагӏилил наслуялъ
  Цӏакъго насаб цӏунана.
  Жазиятулгӏарабгун
  Хӏижаз цӏун эл рукӏана.
  Исмагӏилил наслудал
  Гӏаднанилал рукӏана.
  Гӏаднанилазда гъорлъги
  Музар тухум тӏокӏлъана.
  Музарилазда гъорлъги
  Къурайищ тӏокӏ рорчӏана.
  Къурайшиязда жаниб
  Гьашимилал тӏокӏлъана.
  Аварагасул эмен
  Гӏабдуллагьан вукӏана.
  Гӏабдуллагьил рикӏкӏина:
  Гӏабдулмутӏалиб, Гьашим,
  Гӏабдулманап, Къусаю,
  Эсул эмен Хӏакамгун,
  Маррат, Кагӏбу, Луаю,
  Гъалиб, Пигьрумаликгун
  Цинги Назар, Кинанат.
  Эсул эмен Хузаймат,
  Эсул эмен Мудрикат.
  Цинги Илясгун Музар
  Эсул эменги Низар.
  Цинги Мугӏадгун Гӏаднан,
  Эсул эменги Къиндар.
  Исмагӏилил наслудал
  Умумул эл лъугьана,
  Мухӏамад-Хӏабибасул
  
  Нур эздасан бачӏана.
  Гӏаднанил Мугӏадие
  Низар гьавун, нур чӏана.
  Гьесул гӏакъикъаталъе
  Кӏиго варани хъуна.
  Мугӏадида гӏайиб чӏван,
  Гӏадамал гаргадана.
  Гьав васасе гьаб дагӏват
  Дагьаб бугин ахӏдана.
  Эб дагӏват эз дагь гьабун,
  Мугӏад нечон хутӏана.
  Дагьаб магӏнадул Низар
  Васасда цӏар эс лъуна.
  Гьадин бичас Гӏаднанил
  Наслу тӏаса бищана.
  Мухӏамад-Хӏабибасул
  Нур эсда хас гьабуна.
  Низарил вас Музарил
  Цӏакъаб тавуш бахъана.
  Эзул наслуялда гъорлъ
  Кагӏбул хӏурмат цӏикӏкӏана,
  Кагӏбуца Кагӏбаялда
  Вагӏза-хутӏба гьабуна.
  Дир наслудал авараг
  Вахъинилан бицана.
  Къурайшиязул бетӏер
  Цинги Къусай лъугьана.
  Маккаялъул бетӏерлъи
  Тӏолго эсухъе ккана.
  Кагӏбаялъул ихтияр
  Исмагӏилихъ букӏана.
  Исмагӏил-авараг хун,
  Кӏул лъималахъе ккана.
  Нахъа жургьумал бергьун,
  Кагӏба-рукъ эз хьихьана.
  Жургьумаца Кагӏба-рукъ
  Къачӏан, цӏидасан бана.
  Цинги Макка рагӏалда
  Хазагӏатилал чӏана.
  Яманалдаса рачӏун,
  Кагӏба эзухъе ккана.
  
  Цинги гьев Къусаюца
  Къурайш данде гьабуна.
  Кагӏбаялъул ихтияр
  Къурайшиязухъе кьуна.
  Къусаюца Кагӏба-рукъ
  Цӏидасан берцин бана.
  Даруннадватан абун,
  Элда цӏар машгьурлъана.
  Макка бахъизегӏан эб
  Даруннадват букӏана.
  Гьанже Хӏанапил макъам
  Эб бакӏалда букӏана.
  Къусаюл гьитӏинав вас
  Загьру абун вукӏана.
  Тӏагьал эбел Аминат
  Эб наслудул лъугьана.
  Къусаю хун, лъабго вас
  Эсул нахъе хутӏана.
  Гӏабдулманап, Гӏабдуддар,
  Гӏабдулгӏазиз рукӏана.
  Маккаялъул бетӏерлъун
  Гӏабдулманап эз тана.
  Кагӏба-рукъалъул кӏулги
  Гӏабдуддарихъе кьуна.
  Банишайбат абураб
  Тухум эсул лъугьана.
  Гьале гьанжеги – харги
  Кӏулал эзухъ хутӏана.
  Гӏабдулманап хун хадув,
  Ункъо вас нахъе тана.
  Гьашим, Гӏабдушамс, Навпал,
  Мутӏалибги вукӏана.
  Гӏабдушамсил наслудал
  Баниумаят лъвана.
  Мугӏависил тухумлъун
  Эсул кьери лъугьана.
  Гӏабдулманап хун хадув
  Гьашим бетӏерлъун тана.
  Гьашимил тухумалда
  Мухӏамадил нур чӏана.
  Риидал Шамалдехун,
  
  Хасало Яманалде
  Къурайшиял унаан
  Санайил базаралде.
  Гьашимги къапилагун
  Шамалде ун вукӏана.
  Цодагьал къоял разе
  Мадинаялда чӏана.
  Ясриязул ханасда
  Гьашимил нур бихьана.
  Дир яс дуца ячеян
  Гьашимида гьарана.
  Эзул тухумалда цӏар
  Банинажар батана.
  Ханасул ясалда цӏар
  Салма-бика букӏана.
  Гьашимица эй Салма,
  Магьари лъун, ячана.
  Тӏайбаялъул тӏолго халкъ
  Берталъе эс ахӏана.
  Цо дагьалго къояца
  Мадинаялда чӏана.
  Гьашимил гьурмадаса
  Нур Салмаде бачӏана.
  Къинай эй Салмаги тун,
  Гьашим Шамалде ана.
  Гъазза абураб росулъ
  Къадаралде эв щвана.
  Гьашим хвеялъул хабар
  Бахӏаралда рагӏана.
  Макка-Мадинаялда
  Эсул магӏу бахъана.
  Цинги Мадинаялда
  Салмаца вас гьавуна.
  Эв васасул гьурмада
  Мухӏамадил нур чӏана.
  Банинажар данделъун,
  Дагӏват гьабун рахъана.
  Салма-бикал васасда
  Шайбатан эз цӏар лъуна.
  Чӏарахъаналъ Шайбатан
  Цӏар лъун цӏину къотӏана.
  
  Шайбатулхӏамдан абун
  Эсул цӏар машгьурлъана.
  Гӏабдулмутӏалиб абун,
  Нахъа тӏокӏцӏар рекӏана.
  Тӏокӏцӏаралъе сабаблъун
  Тамашаяб жо ккана.
  Шагӏир Хӏасанил эмен
  Сабит абун вукӏана.
  Мадинаялдаса эв
  Маккаялде вачӏана.
  Гьашимил вас Мутӏалиб
  Макка-раис201 лъугьана.
  Мутӏалибил бакӏалде
  Сабит гьоболлъухъ ана.
  Гьашимил вас Шайбатил
  Гьармал нур эс бицана.
  Вацасул вас вихьани,
  Мун вохилин кӏалъана.
  Шайбат вихьизе хьул лъун,
  Мутӏалиб къачӏадана.
  Маккаялдаса вахъун,
  Мадинаялде щвана.
  Шайбат кӏудиявги гӏун,
  Гӏолохъанчи ватана.
  Мутӏалимица Шайбат
  Маккаялде вачана.
  Чода нахъа Шайбат чӏван,
  Маккаялде эв щвана.
  Мутӏалибил гӏабд абун
  Шайбаде эл ахӏдана.
  Гьашимил вас эв вукӏин
  Гьурмадаса бичӏчӏана.
  Шайбал гьурмал нур бихьун,
  Нахъа эл цӏакъ нечана.
  Мутӏалиб хун, бетӏерлъун
  Гӏабдулмутӏалиб тана.
  Гӏабдулмутӏалибил цӏар
  Дунялалда рагӏана.
  Эсул гьумер гьоркьоб ккун,
  Маккаялъ цӏад гьарана.
  
  Макка-раис – Макка шагьаралъул бетӏер, мэр
  
  Эсул дугӏа къабуллъун,
  Цӏад бан, баркат рещтӏана.
  Авараг загьирлъизе
  Замана гӏагарлъана.
  Гӏемерал гӏаламатал
  Кагьинзабаз рицана.
  Гӏабдулмутӏалибида
  Цӏакъаб макьу бихьана.
  Васасул вас авараг
  Лъугьинилан къотӏана.
  Гӏабдулмутӏалибица
  Патӏма-ханум ячана.
  Гӏабдулагьан вас гьавун,
  Мухӏамадил нур чӏана.
  Церего Маккаялда
  Жургьумал чӏун рукӏана.
  Гӏамал мекъакьа хӏинкъун,
  Лъутун ун эл рукӏана.
  Яманалде унаго,
  Эз Замзамги бацӏцӏана.
  Замзамалъул гъуйги гьез,
  Хазина бан, цӏун тана.
  Тӏаде ракь, гамачӏги бан,
  Эз гъуй бацун букӏана.
  Гӏемераб заманаялъ
  Гьедин бацун хутӏана.
  Гӏабдулмутӏалибида
  Замзам макьилъ бихьана.
  Замзамалъул гъуялде
  Битӏун тӏаде вачана.
  Радал тӏаде вахъана,
  Лъимал данде ахӏана.
  Газа-рахханги босун,
  Замзам гъуй эз бухьана.
  Замзамалъул гъуялде
  Эв битӏун тӏаде ккана.
  Замзамалъул хазина
  Батун кодобе щвана.
  Давудиял къолдаби
  Замзамалъулъ ратана.
  Гьиндиял хвалчабазул
  
  Цо бокӏон цӏун батана.
  Меседил биун тӏураб
  Чанил сурат батана.
  Кагӏба-рукъалда цебе
  Бихьизе эб чӏван тана.
  Замзамалда жаниса
  Гӏалагъважа бахъана.
  Замзамул ицц бацӏцӏалъун,
  Кавсарул ицц бурана.
  Исмагӏилил мугӏжизат
  Майданалде бахъана.
  Гӏабдулмутӏалибил цӏар
  Дунялалда рагӏана.
  Замзамалъул лъим гьекъон,
  Хӏажизаби гъанана.
  Замзам гьекъанщиназул
  Ракӏал нуралъул цӏуна.
  Эв Гӏабдулмутӏалибил
  Гӏемерал лъимал гӏуна.
  Анцӏила лъабго вас гӏун,
  Тартибалда гьаруна:
  Хӏарисгун Абутӏалиб,
  Абулагьги гьавуна,
  Цинги Гъадакъгун Хӏажал,
  Гӏабдулкагӏбу лъугьана.
  Мукъаввим, Зубайр, Зирар,
  Цинги Къусам гьавуна.
  Гӏабдуллагь, Зубайр, Гӏаббас
  Бищун хадур гьаруна.
  Гӏабдулагьил гьурмада
  Мухӏамадил нур чӏана.
  Гӏабдулмутӏалибие
  Бищун эв хиралъана.
  Анцӏго вас гьавун хадув
  Шайда гьедун вукӏана.
  Анцӏила цоабилев
  Вас къурбанлъун гьавуна.
  Анцӏила цоабилев
  Вас Гӏабдуллагь гьавуна.
  Къурбанлъун Гӏабдуллагь хъвей
  Гӏалимзабаз нахъчӏвана.
  
  Гӏабдуллагьил бакӏалда
  Эс можоро тӏамуна.
  Гӏабдулмутӏалибица
  Кӏинусго накъат хъуна.
  Ахӏмадил кӏиго эмен
  Забихӏулагь лъугьана.
  Исмагӏил-авараггун
  Гӏабдуллагь къурбанлъана.
  Исмагӏилил бакӏалда
  Алжаналъул куй хъуна.
  Гӏабдулагьие гӏоло
  Кӏинус варани хъуна.
  Анабнуззабихӏайнан202
  Аварагас бицана,
  Кӏиявго инсул гьунар
  Ахӏмадица бицана.
  АВАРАГАСУЛ ЭБЕЛ-ИНСУЛГИ ЭБЕЛАЛДА УРГЬИВЕ ЭВ ККЕЯЛЪУЛГИ
  КЪИСА
  Аварагасул эмен
  Гӏабдуллагь кӏудав гӏуна.
  Мухӏамад-Хӏабибасул
  Нур эсда тӏад букӏана.
  Банизугьразул шайих
  Вагьбил цо яс йикӏана,
  Къурайшиял ясазул
  Бищун лъикӏай йикӏана.
  Вагьбил Аминат абун,
  Элъул тавуш бахъана.
  Элъул табигӏаталда
  Гӏадамал хӏайранлъана.
  Гӏабдулмутӏалибица
  Эй яс тӏаса йищана.
  Гӏабдуллагьие абун,
  Аминат эс ячана.
  Хирияб ражаб моцӏалъ
  Элда магьари лъуна.
  Тӏоцебесеб рузманалъ
  
  Гӏабдулагьие гӏоло Кӏинусго варани хъуна. Анабнуззабихӏайнан Аварагас бицана… –
  
  Эй ячарай лъугьана.
  Эб къояца Гӏабдуллагь
  Мугӏаллаялде ана.
  Гӏолохъабигун цадахъ
  Къо иналъе свердана.
  Бахӏарав тӏаде гъезе
  Богоде нахъ руссана.
  Нухда Гӏабдуллагь къечон,
  Ганчӏида тӏаде чӏвана.
  Ганчӏил хункараб бакӏалъ
  Рахьхъахӏаб лъим батана.
  Кӏутӏун элда кӏалги чӏван,
  Кӏиго-лъабго хӏухь бана.
  Цинги Гӏабдуллагьил черх
  Моцӏ гӏадинан гвангъана.
  Бичасул тажалиялъ
  Эв мехтизе гьавуна.
  Нур гӏадав Гӏабдуллагьгун
  Гӏолохъаби рачӏана.
  Дугӏа-алхӏамги гьабун,
  Бахӏарав тӏаде гъуна.
  Гӏабдуллагьгун Аминат
  Бичас данде гьаруна.
  Бакъги моцӏги данде чӏван,
  Макка нуралъул цӏуна.
  Гӏаршалъул шербет бачӏун,
  Хӏабибасул кьучӏ лъуна.
  Хирияб [………………]
  Эб шербеталъ босана.
  Гӏабдуллагьил гьурмал нур
  Аминатиде ккана.
  Нуралда тӏадги нур чӏун,
  Нур-Мухӏамад лъугьана.
  Аминат къинай лъугьун,
  Къарарлъараб гӏужалда
  Гӏемерал гӏаламатал
  Тӏатана гӏаламалда.
  Эб сордоялъ кӏалъана
  Къурайшазул хӏайванал
  Рахъ-рахъалде балагьун,
  Гьаруна кӏудал гьаркьал:
  
  Рохел бицун, гьа гьедун,
  Аллагьасул цӏар рехсон,
  Эбелалда ургьиве
  Авараг кканин абун.
  Гӏаламалъулго имам,
  Гӏалимзабазул чирахъ
  Мухӏамад вугин эван
  Ахӏдана тӏолго цадахъ.
  Аминатида макьилъ
  Анбияал рихьана.
  Дур вас авараг абун,
  Элда рохел бицана.
  Тӏоцебесеб моцӏица
  Адам-авараг вихьун,
  Элъий амру гьабуна,
  Мухӏамад цӏар лъе абун.
  Кӏиабилеб моцӏица
  Ибрагьим-Халил щвана,
  Щибаб сипатги бицун,
  Эй йохизе гьаюна.
  Хӏижазалъул ракьалда
  Баркаталъул нур чӏана.
  Баркаталъул сон абун,
  Эб соналда цӏар лъуна.
  Аминат къинай лъугьун,
  Кӏиго моцӏ тамамлъана.
  Мадиналде аралъув
  Гӏабдуллагь эмен хвана.
  Жавгьаралъул садап гӏадин,
  Аминат хӏамиллъана.
  Дуррул ятим гӏадинан,
  Хӏабибуллагь хутӏана.
  Гьеле гьеб соналдайин
  Гӏаламатал тӏатарал.
  Асхӏаби пилал рачӏун,
  Абабилалъ гъурарал203.
  
  Авараг гьавилалде кӏиго моцӏ букӏараб мехалъ (570 сон), Йеменалъул бетӏер Абрагьица
  
  (Абрагьа ал-Ашрам) хӏукму гьабула Кагӏба рукъ биххизе. Гьелъие гӏиллаги букӏана гьадинаб:
  сверухъ ругел щинал гӏарабияз Кагӏбаялде хӏеж гьабулеб бугилан рагӏидал, Йеменалъул бетӏер
  Абрагьица тахшагьар Санаялда бала кӏудияб килиса. Цинги гьанжеялдаса нахъе киназго хӏеж
  
  Хӏабашиязул парччахӏ
  Нажашиян вукӏана.
  Яманалъул парччахӏги
  Хӏимяр абун вукӏана
  Нажашияв Абрагьат
  Бергьун Яман бахъана.
  Абрагьатил тахбакӏу
  Сангӏа шагьар лъугьана.
  Бицун чи божуларел
  Кӏалгӏаби эс гьаруна.
  Цинги эв залим чӏухӏун,
  Цӏакъ гӏорхъудаса ана.
  Маккаялде хӏаж гьаби
  Гӏадамазе нахъ чӏвана.
  Цинги эс Сангӏаялда
  Меседил цо рукъ бана.
  Гьаб дир кагӏба бугилан
  Халкъалда лъазабуна.
  Маккаялъул Кагӏба-рукъ
  Ганчӏил бугин абуна.
  Гьале гьаб дир Кагӏба-рукъ
  Месед бугин кӏалъана.
  Байтуллагьги рехун тун,
  Байтуззагьаб эс бана.
  Элде тӏавап гьабеян
  Халкъалда хӏалгьабуна.
  Гьединаб квешаб хабар
  Маккаялде рагӏана.
  Маккаялъул бутӏруца
  Раъю-гӏакълу дандбана.
  Гӏабдулмутӏалибица
  Кӏиго гӏадан ахӏана.
  Абрагьатил Кагӏба-рукъ
  Хъуб гьабеян ритӏана.
  Эв кӏиявго къурайшав
  Сангӏаялде къокъана.
  гьенибе гьабизе кколилан лъазабула гьес. Халкъалъ инкар гьабула. Гьеб хабар лъарабго, ццин
  бахъарав Абрагьа, лъабкъоялда анцӏазарго чи вугеб аскарги бачун, Маккаялда бугеб Кагӏба рукъ
  биххизеян къватӏиве вахъуна. Абарагьил гьеб бо гъурула Аллагьасул амруялдалъун абабил
  абурал хӏанчӏазул боялъ.
  
  Абрагьатил Кагӏба-рукъ
  Хӏажатханлъун гьабуна.
  Къурайшаз эб хъуб гьаби
  Абрагьатида лъана:
  Къурайшазул Кагӏба-рукъ
  Биххилилан гьедана.
  Анцӏила кӏиго пилгун
  Боял данде гьаруна.
  Махӏмуд абураб пилги
  Цебехъанлъун гьабуна.
  Лъабкъоазарго чигун
  Абрагьат вагъарана
  Маккаялда гӏагарлъухъ
  Минаялда рещтӏана.
  Хан Гӏабдулмутӏалибил
  Варанаби рукӏана.
  Кӏинусабго варани
  Гъара гьабун эз ана.
  Эл варанаби гьарун,
  Гӏабдулмутӏалиб ана.
  Абрагьатихъе кӏанцӏун,
  Нахъе кьеян гьарана.
  Абрагьатица эсул
  Цӏакъаб хӏурмат гьабуна.
  Варанаби нахъе кьун,
  Эв вохизе гьавуна.
  Лакин эс гӏайиб чӏвана
  Гӏабдулмутӏалибида:
  Кагӏба кин гьаричӏебан,
  Боцӏиялъул бакӏалда.
  – Нужер Кагӏба биххизе
  Дун гьаниве вачӏана.
  Кагӏба-рукъ биххугеян
  Щай гьаричӏеб, – абуна.
  Цинги Гӏабдулмутӏалиб
  Гӏакълуялда кӏалъана.
  Абрагьатил кӏал къотӏун,
  Цӏакъаб рагӏи бицана.
  Кагӏбаялъул бетӏергьан
  Дун гурилан абуна.
  Дир боцӏи – варанаби
  
  Кьеян абун кӏалъана.
  Байталъул бетӏергьанас
  Байт цӏунилин къотӏана.
  Баккаталъ гавуразул
  Гарбал чухӏи бицана.
  Кинго Абрагьатида
  Эсул рагӏи бичӏчӏичӏо.
  Аллагьасукьа хӏинкъи
  Эсул ракӏалде ккечӏо.
  Асхӏабулпилал ахӏун,
  Абрагьат гаргадана.
  Макка бахъеян абун,
  Эс эзде буюрана.
  Зурма-къалиги кьабун,
  Пилал цере тӏамуна.
  Лъабкъоазарго богун
  Тӏаделъизе жувана.
  Вади Мухӏасаралда204
  Эсул Махӏмуд205 ччукӏана.
  Цевехъанлъун букӏараб
  Кӏудияб пил бегана.
  Эб пил бахъинабизе
  Боял тӏаде кӏанцӏана.
  Тӏаде къарал гӏадамал
  Хуртӏумалъ тӏутӏун рана.
  Цинги хучдул къазарун,
  Махӏмуд бахъинабуна.
  Баккаталдехун мугъ кьун,
  Боял хӏатӏикь мерхьана.
  Жиддаялъул ралъдалъан
  Абабил-хӏинчӏ бачӏана.
  Лахӏчӏегӏерлъун, накӏкӏ гӏадин,
  Хӏанчӏил бо тӏаде щвана.
  Щибаб хӏанчӏида кодоб
  Лъаб-лъаб чӏимих букӏана.
  Хӏатӏаца ккун, гозоялъ
  
  Вади Мухӏасаралда Эсул Махӏмуд ччукӏана… – Кагӏба биххизеян Йеменалъул губернатор
  
  Абрагьаца жиндирго аскар битӏараб мехалъ, гьелъул бетӏералда букӏараб Махӏмуд абураб пил,
  Мухӏасара авлахъалда гӏодобе бегула ва тӏокӏаб тӏаде бахъунаро.
  
  Махӏмуд – Абрагьал пилалъул цӏар
  
  Чӏинхил цӏад базабуна.
  Щибав чиясул цӏар хъван
  Эл чӏинхазда букӏана.
  Жинди-жиндир цӏаралда
  Цӏалкӏу гӏадин гьаруна.
  Аллагьас ругьалие
  Абрагьат нахъе тана.
  Нахъа щибаб къавмалда
  Лъугьараб жо бицана.
  Бицунеб жо лъугӏигун,
  Цо абабил тӏад чӏана.
  Ботӏрода чӏимих речӏчӏун,
  Абрагьатги элъ чӏвана.
  Авараг гьавилалде
  Щуцӏали къо хутӏана.
  Асхӏабулпилал рачӏун,
  Абабилалъ гъурана.
  Пилалъул сонан абун,
  Эб соналда цӏар лъуна.
  Бичас аварагасе
  Иргьаслъун эб гьабуна.
  Маккаялъул халкъалъе
  Гӏемераб давла щвана.
  Халкъалда тавуш бахъун,
  Эзул хӏурмат цӏикӏкӏана.
  Гӏиса-авараг гьавун,
  Гӏурус тарих букӏана.
  Щунусиялда лъабкъоялда
  Ичӏилъ букӏана.
  Мухӏарам моцӏалдасан
  Къоабилеб къояца,
  Асхӏабулпилал рачӏун,
  Гъурана эл хӏанчӏаца.
  Рабигӏул авалалъул
  Анцӏила кӏиабилеб
  Сордоялъ Ахӏмад гьавун,
  Гьаб дуниял цӏилъана.
  АВАРАГ ГЬАВИЯЛЪУЛ БИЦАРАБ КӏУДИЯБ МАВЛИД
  Аллагьасе бокьидал
  
  Мухӏамад загьир гьави,
  Гӏаламалда рахӏматлъун
  Авараглъун эв гьави.
  Адамидасан ккараб
  Тӏагьал наслу цӏунана.
  Гӏабдуллагь-ханил бика
  Аминат хӏамиллъана.
  Аминатил гьурмада
  Азалияб нур чӏана.
  Ахир заман авараг
  Элъ гьавулеб бичӏчӏана.
  Аминат лъимаде кьун
  Микьго моцӏ бан букӏана,
  Ичӏабилеб моцӏролги
  Анцӏила цо къо ана.
  Мухӏамадил бакъ щвезе
  Къаси сордо гӏунтӏана.
  Гӏемерал гӏажаибал
  Гӏаламатал тӏатана.
  Рабигӏул авал моцӏрол
  Анцӏила кӏиабилеб
  Итни сордоялъ гьавун
  Мухӏамадил нур чӏана.
  Ихдал кӏиабилеб моцӏ
  Найсан эб мех букӏана.
  Пилалъул сонан абун
  Эб сонил цӏар лъугьана.
  Аминатил бадиса
  Бичас пардав борхана.
  Киналго гӏаламатал
  Гӏаян гьарун рихьана.
  Аминатил рокъосан
  Бакъ цӏобасан нур баккун,
  Эбелалда бихьана
  Зобал-ракьал занкӏун цӏун.
  Гьаваялда нуралъул
  Цо бусен тӏамун буго
  Цӏар элда Сундус буго
  Тӏамурав малайк вуго.
  Лъабго байрахъ чӏван буго,
  Лъабго батӏаб бакӏалда:
  
  Магърибгун машрикъалда,
  Кагӏбаялъул тӏохалда.
  Мухӏамад гьавилесеб
  Сагӏат тӏаде гӏунтӏана.
  Зодисан мухъ-мухъ гьабун,
  Малайкзаби рещтӏана.
  Кагӏба-рукъалда гӏадин,
  Рукъ сверун тӏавап гьабун,
  Тӏатӏалаго рещтӏана,
  Тӏагьае икрам гьабун.
  Хӏурулгӏинзаби рачӏун,
  Эбелалда рихьана.
  Дур хӏара чӏвараб лъимер
  Мухӏамадин бицана.
  Гьав дур вас гӏадав сайгид
  Цойгидалъе гьавичӏо.
  Гьадинав гӏакълу камил
  Гӏадамасего кьечӏо.
  Анбияазул султӏан,
  Илчизабазул сайгид
  Зоб-ракьалъул авараг
  Ахӏмад вугин бицана.
  Кӏудав дивлит босана
  Дуца Вагьбил Аминат
  Дудасан загьирлъидал
  Гӏаламалъе аманат.
  Хӏурулгӏиназда цере
  Марям, Асият щвана
  Щибаб сипатги бицун,
  Элда рохел бицана.
  Гӏилмун ладуниялъул
  Ралъад вугин абуна.
  Тавхӏидгун гӏирпаналъул
  Хазинайин кӏалъана.
  Мухӏамад-хӏабибасул
  Авсанал эз рикӏкӏана.
  Хӏабибуллагь веццарал
  Мадхӏияби цӏалана.
  Эбел Аминатида
  Хӏара чӏвараб мехаца,
  Къечалъ юхӏун, хӏал гьабун,
  
  Хӏал хисараб мехаца,
  Алжанул истакабахъ
  Кавсарул шербет щвараб:
  Цо хъахӏаб, цӏакъ гьуинаб,
  Гӏаздадаса цӏорораб.
  Кӏутӏун кӏалдибе босун,
  Кӏиго-лъабго хӏухь бана.
  Тӏолго черх нурлъун лъугьун,
  Алжанул махӏ бахъана.
  Хъахӏлъи баялда цадахъ
  Тӏолго гӏалам цӏилъана,
  Мухӏамадил бакъалъе
  Бакъ цӏабослъун лъугьана.
  Цо хъахӏаб хӏинчӏги бачӏун,
  Мугъалда милъир хъвана.
  Гӏебсагӏат Ахӏмад гьавун,
  Зоб-ракь нуралъул цӏуна.
  Абулаб буго кӏалалъ,
  Аллагь, сужда дуеян.
  Хадуб гьарулеб буго
  Уммат хвасар гьабеян.
  Гьавигун умматилан
  Аллагьасде гьардарав
  Гьесул суннатал тезе
  Кинан мун нечоларев?
  Ахӏмад гьавураб сагӏат
  Иргьасатал лъугьана.
  Жиндир мухӏканлъиялъе
  Киналго мукӏурлъана.
  Тӏагьа гьавураб сагӏат
  Кисрал хъала биххана206.
  Истамбулалъул къирал
  Къайсарил си гвангъана.
  Къад мехалъ аскӏоб гӏадин,
  Маккаялде бихьана.
  Шагьзабазул тахбакӏал
  Кӏалагъоркье речӏчӏана.
  
  Тӏагьа гьавураб сагӏат, Кисрал хъала биххана… – Мухӏамад авараг гьавураб сордоялъ
  
  Персиялъул Кисра (Хосров) ханасул кӏалгӏаялъул анцӏила ункъабго си биххун, гӏодоб речӏчӏун
  батана
  
  Магӏида рарал хъанчал
  Гӏодоре гъенон ана.
  Лъимгун цӏа аллагьлъун ккун,
  Капурлъарал гӏадамал,
  Лъинал къун, цӏаялги ссун,
  Эб сордоялъ гӏодарал.
  Зодисан хабар лъазе
  Зодир рахунел жундул
  Жив гьавун таралдаса
  Цӏа речӏчӏун нахъе чӏварал.
  Маккаялъул ханзаби
  Щибго хилап гьечӏого
  Кагӏбаялда хъанчал ран
  Тӏавакалда рукӏаго,
  Тохаб рахъ беххе гьабун,
  Байталъ сужда гьабуна.
  Цоцин гамачӏ бортичӏо,
  Берцин тӏаде бахъана.
  Тӏолгоязда рагӏана
  Кагӏбаялъ гьаракь гьабун,
  Нужер хъанчал гъуризе
  Ахӏмад вачӏанин абун.
  Кагӏбаялъул бокӏнаца
  Цоцазе кьуна салам
  Къаси гьавунин абун
  Мухӏамад хайрул анам.
  Хӏатӏида гӏицӏго рачӏун,
  Ботӏрода жо лъечӏого
  Дида тӏавап гьабила
  Гьесул умматги бачӏун.
  Эб сордоялъ рогьалилъ
  Гӏабдулмутӏалиб вачӏун,
  Кагӏбаялда цеве чӏун,
  Дугӏаялда вукӏана.
  Кагӏбаялъул тӏохдасан
  Эсда гьаракь рагӏана
  Я, Гӏабдулмутӏалибан,
  Гьениб эсде ахӏана.
  Дур нус Аминатица
  Гьанже вас гьавунилан
  Гьатип эсда кӏалъана
  
  Дуе цӏакъаб рохелан.
  Ахир заманаялъул
  Авараган абуна.
  Гӏаламалъе рахӏматав
  Мухӏамадин бицана.
  Гьаман Гӏабдулмутӏалиб
  Аминатихъе щвана.
  Гӏемерал гӏаламатал
  Эсул берда рихьана.
  Аминатил рукъалда
  Эсда нур чӏун бихьана.
  Алжаналъул махӏаца
  Махӏила цӏун батана.
  Васасул вас авараг
  Гьедин гьавун ватана.
  Умумулъан баккараб
  Нур эсда чӏун бихьана.
  Гӏабдулмутӏалибица
  Бичасе рецц гьабуна.
  Бичасе щукру гьабун,
  Суждаялда речӏчӏана.
  Гӏабдулмутӏалибица
  Мухӏамад кодов ккуна.
  Убач гьабун, Гӏабдуллагь
  Ракӏалдещун, гӏодана.
  Васасул васасда эс
  Мухӏамадан цӏар лъуна.
  Мухӏамад-хӏабиб веццун,
  Къасидатал цӏалана.
  Цинги бакъ щун, бакъул нур
  Аварагасда чӏвана.
  Мухӏамадил нуралъе
  Бакъ цӏабослъун лъугьана.
  Цӏияб навруз къо бачӏун,
  Шадликъ гьабун рохана.
  Цо жугьутӏав гӏалимчи
  Къурайшахъе вачӏана.
  Нолъ къаси къурайшазе
  Вас гьавунищ гьикъана.
  Къурайшаца бицана
  Къаси вас гьавун вугин.
  
  Гӏабдулмутӏалибил вас
  Гӏабдуллагьил вас вугин.
  Эв гӏалимчи гӏодана
  Эв вас авараг вугин.
  Тавраталда бицарав
  Ахӏмад-Мухӏамад вугин.
  Цинги эв гӏалим вачӏун
  Ахӏмадихъ валагьана.
  Мугьруннубувват бихьун,
  Гӏакълуялдаса ана.
  Баниисраилазул
  Авараглъи хванилан,
  Эв жугьутӏав гӏодана,
  Нижер хьул къотӏанилан.
  Гьанже нижер къо бухӏун,
  Къурайщазде къо щвана.
  Къурайщиязул тавуш
  Дунялалда бахъина.
  Гьеб куцалда жугьутӏас
  Тӏагьал хабар бицана.
  Цоги кашишзабазги
  Кашпу гӏаян гьабуна.
  Сатӏихӏ ул-Кагьиница
  Кагътал хьвадизаруна.
  Кинавго билгичасда
  Ахӏмад гьави бичӏчӏана.
  Парис парччахӏ, Иран шагь –
  Кисрал хъала сорона.
  Анцӏила ункъо шогьниш
  Ираналъул] биххана.
  Парис вилаяталда
  Устӏахрабад букӏана.
  Лъимгун цӏа аллагьлъун ккун,
  Капурлъун эл рукӏана.
  Азарго соналъ свинчӏеб
  Устӏухралъул цӏа свана.
  Цӏадуе лагълъи бугел
  Магӏу тӏун хачадана.
  Саваязул Сава-кул
  Ракьулъ ккун кул лъугьана.
  Самова гӏор, гӏаксалда
  
  Щун, гӏадамал гъанкъана.
  Парис парччахӏасда цӏар
  Ануширван букӏана.
  Капурав вугониги,
  Цӏакъ гӏадилав вукӏана.
  Ануширванил къази
  Мубдан абун вукӏана.
  Эв къазил къузатасда
  Цӏакъаб макьу бихьана.
  Сиртал варанабаз цӏан,
  Гӏараб чуял рачӏана.
  Дижла гӏор бикьизабун,
  Гӏараб илхъи бахана.
  Гӏараб кухӏайланаца
  Гӏажам улкаби цӏуна.
  Парис Ираваналда
  Эл рикь-рикьун рихьана.
  Ахӏмад гьавураб сардилъ
  Эсда эдин бихьана.
  Ануширванида эс
  Радал эб гӏарз гьабуна.
  Ануширван парччахӏас
  Гӏабдул-масихӏ ахӏана.
  Гьал гӏаламатал щалин,
  Гӏаррапасда гьикъана.
  Гӏабдул-масихӏ абуни
  Цӏакъав гӏаррап вукӏана
  Мунажжим билгичазул
  Рагӏи эсухъ букӏана.
  Гӏабдулмасихӏ гӏажизлъун,
  Гӏодове къулун чӏана.
  Гӏаламатал рицани,
  Гӏад гьавилин хӏинкъана.
  Кинниги Гӏабдул-масихӏ
  Гӏакълуялда ватана.
  Сатӏихӏулкагьинихъе
  Дун витӏеян гьарана.
  Ануширван парччахӏас
  Гӏабдул-масихӏ витӏана.
  Сатӏихӏахъе айилан
  Эсие изну кьуна.
  
  Ираналдаса вахъун,
  Шамалде эв вачӏана.
  Сатӏихӏулкагьинасул
  Килисаялде щвана.
  Гӏабдул-масихӏгун Сатӏихӏ
  Цоцазда данделъана.
  Кинниги рухӏ бахъулев
  Сатӏихӏ эсда ватана.
  Гӏабдулмасихӏ гӏодана,
  Чара бухӏун хутӏана.
  Магӏу рекъезе гьабун,
  Сатӏихӏил кӏал рагьана.
  Шигӏруялъ такъсир гьабун,
  Бакъан биччан цӏалдана.
  Цо-цо ккун гӏаламатал
  Тагӏбир гьарун рицана.
  Кисра шагьасул кӏалгӏа
  Гьар-гьадараб сордоялъ
  Авараг гьавунилан
  Бицана эсул кӏалалъ.
  Анцӏила ункъо шагьниш
  
You have read 1 text from Avar literature.