🕙 25-minute read
Дагъистани Адабияб Ирс - 07
Each bar represents the percentage of words per 1000 most common words.
Total number of words is 3201
Total number of unique words is 1509
0.0 of words are in the 2000 most common words
0.0 of words are in the 5000 most common words
0.0 of words are in the 8000 most common words
Багӏлу абун хъанчие
Бетӏер чӏван эл рукӏана.
Эс эзие хӏинкъи кьун,
Хӏинкъа нужан абуна.
Аллагьги тун, хъанчиде
Руссунгеян кӏалъана.
Ахӏсан ул-Халикъин тун,
Багӏлуялде руссунге.
Умумул, нуж рижарав
Бичасде гӏасилъуге.
Нуж диде руссинчӏони,
Бичас гьалаг гьарила.
Аллагьасул балагь ккун,
Гӏазабалде нуж ккела.
Гьедин цӏакъаб насихӏат
Илясица гьабуна.
Эз эв гьереси гьавун,
Росулъа къватӏив гъуна.
Эзул улкаялдаса
Бичас баркат босана.
Ракъул соналги рачӏун,
Балканал эз кванана.
Цинги Иляс валагьун,
Свердун эзда ватана.
Тавбу гьабун руссиндал,
Балагьал тӏаса ана.
Нахъго эл капурлъана,
Илясил ракӏбакъвана.
Бичасул изнуялда
Берзукьа вилун ана.
Эздасаги ватӏалъун,
Тӏагӏаталда эв чӏана.
Иляс берзукьа вилун,
Алясагӏ шагьлъун тана.
Алясагӏги эздехун
Вагӏза гьабун кӏалъана.
Цинги бичас эсие
Авараглъи бачӏана.
Эзул хӏал лъикӏ гьабизе,
Алясагӏ цӏакъ хӏалтӏана.
Къоялдаса къоялде
Исраилал къосана.
Мусал шаригӏатги тун,
Эз гӏурп хьвадизабуна.
Мулк-ракьалъул дагӏба ккун,
Цоцалъ эзул рагъ ккана.
Аллагьас эл гъуризе
Асуриял ритӏана.
Нинуваялъул парччахӏ
Вачӏун эс эл росана.
Асури парччахӏасул
Тах Нинува букӏана,
Эл диналде ахӏизе
Бичас Юнус витӏана.
ЮНУС АВАРАГАСУЛ КЪИСА
Исраилияв Юнус
Авараглъун витӏана,
Нинуваялъул улка
Эс диналде ахӏана.
Хъанчал тун тавхӏидалде
Рачӏаян хӏинкъи кьуна.
Цо кӏикъого къоялде
Шагьар гӏодоб тӏелилан,
Нинуваялда жанив
Ахӏдана, иман лъеян.
Эз эсухъ гӏинтӏамичӏо,
Хъанчал эз рехун течӏо.
Бичасул тавхӏидалде
Эзул ракӏал гьетӏичӏо.
Юнус-аварагасул
Эзда цӏакъ ццин бахъана.
Хьул къотӏун, къватӏив лъугьун,
Гӏурул рагӏалде щвана.
Дижла гӏоралда эсда
Цӏураб гама батана.
Юнус, гамида рекӏун,
Сапаралде вахъана.
Бичасул изну босун,
Эв къватӏиве лъугьинчӏо.
Илчиясул хӏалалда
Эсул хӏалтӏи рекъечӏо.
Аварагзабаз гьижра
Изну босун гьабула.
Хъулухъ тун лъутарав чи
Гӏайибалъул гӏужлъула.
Аллагьасул къуваталъ
Эсул гама билълъинчӏо.
Гама цӏурал чагӏазул
Гӏодичӏев чи хутӏичӏо.
Къантӏан эзда кӏалъана
Элъ лъелъе рехейилан.
Витӏарав, тӏекъав лъазе
Эз можоро тӏамуна.
Можоро тӏамун къедал,
Юнус лъелъе рехана.
Юнус, лъелъе рехигун,
Ччугӏица кӏкӏун рехана.
Ччугӏил чохьонив жанив
Эв бичасе хӏелаена.
Мун гурони бетӏергьан
Гьечӏин абун гьардана.
Дир цӏакъ зулму лъугьанин,
Тӏасалъугьа абуна.
Цинги ччугӏица Юнус
Лъел рагӏалде рехана.
Бецӏлъукь дугӏа къабуллъун,
Бичас хвасар гьавуна.
Ччугӏил чохьониб эсул
Черх тамахлъун лъугьана.
Эсие рагӏадалъе
Хъабхъил рачӏал рехана.
Аллагьас къуватги кьун,
Юнус тӏаде вахъана.
Нинуваялде вуссин
Эсде амру гьабуна.
Нусазарго я цӏикӏкӏун
Чи вугев улкаялде
Нахъ вуссун эв витӏана,
Эл ахӏизе диналде.
Нинуваялъул халкъги
Цӏакъ пашманлъун букӏана.
Гӏазабалъул гӏаркьел щун,
Эл гӏодилел рукӏана.
Зоб-ракьалда гьоркьоб бакӏ
Лахӏчӏегӏерлъун лъугьана.
Нинуваялъул шагьар
Сордо гӏадин бецӏлъана.
Тавбу гьабун руссине
Юнус эз валагьана.
Эсул рагӏи ритӏухълъун,
Гӏазаб бачӏин бихьана.
Юнус эзда ватичӏо,
Росу данде гьабуна.
Тавбудул гохӏалде ун,
Эл бичасе хӏелана.
Эзул тавбу къабуллъун,
Тӏаса гӏазаб борхана.
Хадув тӏаде Юнус щун,
Иман лъун, эл руссана.
Юнус-аварагасде
Эл цӏакъго мутӏиглъана.
Тавраталъул ахӏкамал
Эз хьвадизе гьаруна.
Гӏадлуги динги гьабун,
Гӏемер мехалъ эл чӏана.
Гӏазабалдаса рорчӏун,
Рахӏаталда хутӏана.
Цинги шаркъгун гъарбалда
Кӏудиял рагъал ккана.
Чанги парччахӏзабазул
Парччахӏлъи хвезабуна.
Асури парччахӏасул
Кӏиго улка букӏана.
Мадянгун Бабилалда
Кӏиго вали вукӏана.
Кӏиявго вали рекъон,
Шагьасде гӏасилъана.
Нинуваялъул шагьар
Сверун ккун эл рагъана.
Парччахӏасул бо бергьун,
Нинува хвасарлъана.
Бабил вилаяталда
Цоги вали эс тана.
Кинниги Мадян боссе
Парччахӏасда кӏвечӏого,
Эб улка батӏалъана
Жидеего шагьги тун.
Асурияв парччахӏас
Боял данде гьаруна.
Улка гӏатӏид гьабизе
Рахъ-рахъалде рещтӏана.
Исраил парччахӏасде
Эсул бо тӏаделъана.
Эзул бакӏалги рахъун,
Эзда тӏад харж къотӏана.
Нахъа харжги кьечӏого,
Эздехун эв кӏалъана.
Нинуваялъул парччахӏ
Урду бачун вачӏана.
Исраил пайитах
Сабтӏия эс бахъана.
Исраилав парччахӏ ккун,
Парччахӏлъи хвезабуна.
Хурасан рахъалдехун
Тӏолго сибир гьаруна.
Баниисраилазул
Ракь чӏобого хутӏана.
Асурил килданиял
Энир чӏезе гьаруна.
Лъутун, рахчун рорчӏарал
Къуддусалде рачӏана.
Ягьуда парччахӏасде
Аман гьарун кӏанцӏана.
Ягьуда парччахӏасда
Цӏар Хӏизкъия букӏана
Сулайманил васасул
Вас эв парччахӏ вукӏана.
Гьебмехалъ Къуддусалда
Халипа эв вукӏана.
Тӏолго хутӏараб асбатӏ
Эсухъе бакӏарана.
Гьеле гьеб сураталда
Асбатӏал тӏерхьун ана.
Исраил парччахӏасул
Гьедин парччахӏлъи хвана.
Муса хун микьнусго сон,
Лъебералда ункъо сон
Бан хадуб асбатӏазул
Ана эб парччахӏлъи хун.
Щунусиялда лъабкъоялда
Анлъилъ тӏатана,
Кӏинусиялда лъабкъоялда
Цо сон эз бана.
Цинги эзул парччахӏлъи
Ягьудазде буссана.
Сулайманил васазде
Парччахӏлъи хӏасрулъана.
Ягьуда парччахӏасул
Гӏураб къуват букӏана.
Асурияв парччахӏгун
Рагъ гьабизе къачӏана.
Эс асбатӏал росидал,
Эсдаса ццин босизе,
Бусурбаби гъуридал,
Эсде гъаза гьабизе.
Ашгӏия-аварагги
Къуддусалда вукӏана.
Асури парччахӏасе
Квешаб дугӏа гьабуна.
Асурияв абуни, къачӏан
Хӏадур вукӏана.
Байтулмукъаддасалде
Тӏолго богун вачӏана.
Ашгӏия-аварагас
Рохел бицун букӏана.
Асури биххилилан
Эс эзий хабар кьуна.
Ашгӏияца абухъе
Эзул унти баккана.
Асурияб боялъул
Цӏакъ гӏемерав чи хвана.
Нинуваялъул парччахӏ
Цӏакъ ракӏ бекун лъугьана.
Асуриялгун вуссун,
Нинуваялде ана.
Ягьуда дивлиталда
Эл тӏаса ун рохана.
Бичасде шукру гьабун,
Эл диналда рукӏана.
Цодагьабго мехалда
Нахъго эл гӏасилъана.
Ашгӏиял рагӏиялъул
Гӏаксалда эл хвадана.
Цинги тӏарамагъада
Эз эв шагьид гьавуна.
Ашгӏия-авараг чӏван,
Ягьуда къавм къосана.
Хӏизкъия хун ханлъарав
Васги залим лъугьана.
Бани-исраилазул
Зулматалъ ракь бецӏлъана.
Гьеб мехалъ эзда тӏаде
Асуриял тӏамуна.
Гӏасияв эзул парччахӏ
Асурияз восана.
Эв Ягьуда парччахӏгун
Къалгӏаялъув тӏамуна.
Цинги виччан, харжги кьун,
Къудусалде витӏана.
Гьебмехаца Ирмия
Авараглъун витӏана.
Эс бани-исраилал
Иманалде ахӏана.
Байт ул-Мукъаддасалда
Эс дин загьир гьабуна.
Тавраталъул ахӏкамал
Хьвадизе байбихьана.
Гьеб гӏужалъ Асурияв
Бакъбаккуда вукӏана.
Давлаго гьабичӏого,
Чӏван чӏорого руссана.
Цинги Къуддус бахъизе
Эзул боял рачӏана.
Ягьудиязул ясалъ
Эзул саргӏаскар чӏвана.
Чодронив элъ бетӏерчӏван,
Асурил бо биххана.
Эзул зулму тӏаса ун,
Ягьуда хвасарлъана.
Асури гьедин божун,
Тӏокӏаб низам буцӏцӏинчӏо.
Рагӏиятал гӏасилъун,
Бащдаб улка хутӏичӏо.
Бабилалъул валиги
Гуч гӏурав чи вукӏана.
Живго жиндагоги чӏун,
Дунки шагьар лъугьана.
Тӏоцебе парччахӏасда
Эс имтияз гьарана.
Хадуб истикъал кьеян,
Парччахӏгун эв кьаллъана.
Бабилалъул валияс
Саргӏаскарлъун вас тана.
Кӏудияб урду битӏун,
Нинува сверун ккуна.
Эв саргӏаскарасда цӏар
Бухтуннасир букӏана.
Эс Нинуваги бахъун,
Парччахӏлъи хвезабуна.
Асуриязул дивлит
Гьеб куцалда тӏагӏана.
Эзул бакӏалда кӏиго
Батӏанив парччахӏ ккана.
Цояв парччахӏ абуни
Мадяналъул лъугьана.
Иран шагьасул бугеб
Улкаялда эв чӏана.
Цоги парччахӏ абуни
Килдани парччахӏ тана.
Асуриялъ букӏараб
Гъараб эсде буссана.
Бабилалда тахги лъун,
Бухтуннасир чӏухӏана.
Чӏухӏарал минаби ран,
Эб шагьар эс гӏуцӏана.
Бабил сверун мухӏканал
Сангарал эс гьаруна.
Жанир къалгӏаби гьарун,
Щулалъи цӏакъ гьабуна.
Цӏакъаял сараял ран,
Шагьар берцин къачӏана.
Муса-аварагги хун,
Бухтуннасрил гӏуж щвезе
Къоло цо сон тӏубазе
Дагьаб заман букӏана.
Бухтуннасир тахиде
Вахун сонал рахъана.
Баниисраилазде
Боялгун тӏаде ана.
Баниисраил парччахӏ
Эсул кверде вачӏана.
Эс тарав вали гӏадин,
Къуддусалда эв чӏана.
Эб хӏалалда мутӏигӏлъун,
Лъабго соналъ хутӏана.
Баниисраилазул
Лъикӏалан къуват гӏуна.
Бани-исраил парччахӏ
Боял гьарун вахъана.
Бухтуннасирицаги
Боял данде ритӏана.
Бухтуннасрил бо бергьун,
Къуддус кверде босана.
Эзул парччахӏги рехун,
Парччахӏасул вас тана.
Цодагьабго мехалде
Эв васги ккун вачана.
Киналго бутӏрул рачун,
Къалгӏаялъур тӏамуна.
Парччахӏлъи хвезе гьабун,
Тӏолго асир гьаруна.
Даниял аварагги
Гӏузайругун вукӏана.
Эв Даниялил къадру
Бухтуннасрида лъана.
Эсул хӏурматги гьабун,
Тӏолго асир биччана.
Къуддус шагьасул вацгӏал
Сидкъияян вукӏана.
Бухтуннасрил валилъун
Къуддусалде витӏана.
Сидкъияги цо гӏужалъ
Эсде мутӏигӏлъун чӏана.
Ирмия-аварагги
Чӏаго энив вукӏана.
Ирмиял къадру-къимат
Бухтуннасрида лъана.
Бухтуннасир, Сидкъия
Эсдаса нахъе къана.
Баниисраилазе
Цӏакъ насихӏат гьабуна.
Аллагьасде русаян
Эзие хӏинкъи кьуна.
Баниисраилазул
Мунагьал гӏемерлъана.
Эл квегъизе аллагьас
Бухтуннасир тӏамуна.
Балагьалъе тӏамурав
Эв вугевлъи лъалаан.
Эсдехун рагъ гьабизе
Къеркьолел рукӏунаан.
Ирмияца гьабураб
Насихӏат эз босичӏо.
Тушманлъи тӏаса боссе,
Тавбу гьабун руссинчӏо.
Ирмияги къварилъун
Къуддусалдаса ана.
Цо рахъалдехунги ун,
Тӏагӏаталда вукӏана.
Вагӏдууягьумаян
Къуръаналда рехсана.
Тӏоцебесеб пасалъи
Исраилаз гьабуна.
Бухтуннасирил саргӏаскар
Богун данде вачӏана.
Бухтуннасрил бо бергьун,
Сидкъиял бо биххана.
Нахъасан гъурулаго,
Къуддусалде кӏанцӏана.
Байт ул-Мукъаддасалда
Бидул гӏорал чвахана.
Бухтуннасрил бояца
Улка пасат гьабуна.
Байт ул-Мукъаддасалъул
Росу хараб гьабуна.
Масжид ул-Акъса бухӏун,
Рохъо лъугьинабуна.
Баниисраилазул
Гӏемерисел гъурана.
Мисри, Маккаялдехун
Рухӏ хъамурал рорчӏана.
Хутӏараб тӏолго улка
Асир гьабун бачана.
Сидкъияги чӏаго ккун,
Бабилалде вачана.
Цо гӏажизаб тамунги
Къуддусалда хутӏана.
Хараблъарал чӏудбузда
Жанир чӏун эл рукӏана.
Бухтуннасрица цо халкъ
Къуддусалде битӏана.
Хутӏарал гӏадамалгун
Цӏидасан росу ккуна.
Байт ул-Мукъаддас къачӏан,
Цӏакъал минаби рана.
Цӏакъ берцинаб куцалда
Нухал гӏатӏид гьаруна.
Байт ул-Мукъаддасалда
Жиндирго наиб тана.
Бухтуннасрил бояца
Дунял сорозабуна.
Бухтуннасар тахиде
Вахун сонал рахъана.
Анцӏила ичӏабилеб
Соналъ гьаб хӏал лъугьана.
Асбатӏазул парччахӏлъи
Гьеб куцалда тӏагӏана.
Баниисраилазул
Парччахӏлъи гьедин хвана.
Эзул тӏарамагъалъи
Сидкъиялда лъугьана.
Ягьуда дивлит тӏерхьун,
Хӏукму кодоса ана.
Элда хадув хан вахъун,
Эзул хӏукму хьвадичӏо.
Росдал бетӏер гурони,
Эзул бетӏер лъугьинчӏо.
Киназулго хӏукумдар
Бухтуннасир вукӏана.
Мисриялда, Шамалда
Эсул пурман хьвадана.
Цинги Бухтуннасир хун,
Хуланаал лъугьана.
Элги эсул нухалда,
Эсул лъалкӏда хьвадана.
Килданияб давлаталъ
Гьедин дунял босана.
Лъабкъоялда микьго сон
Бабилалда эз бана.
Цинги Ираналдасан
Кияниян вачӏана.
Чӏахӏиял боял рачун,
Бабилалде кӏанцӏана.
Кияниян бергьана,
Бабил шагьар бахъана.
Баниисраилазул
Тӏолго асир биччана.
Жидерго ватӏаналде
Къуддусалде эл ана.
Байт ул-Мукъадасалде
Исраил данделъана.
Кияниян парччахӏас
Эзий хӏурмат гьабуна.
Лъабкъоялда анцӏго сон
Хараблъун бан букӏана,
Баниисраилаца
Масжид ул-Акъса бана.
Баниисраилазул
Асир нахъ вуссунаго,
Кӏиазарго гӏалимчи
Гъорлъ ратана, нахъ руссун.
Бищун цӏакъав гӏалимчи
Гӏузайрилан вукӏана.
Гӏелмуялъул ралъадлъун
Аллагьас эв гьавуна.
Лакин цебеккун Къуддус
Биххун, бухӏун букӏиндал,
Таврат кӏочон букӏана,
Хъвараб Таврат бухӏидал.
Бухтуннасрица бухӏун,
Цоцин Таврат хутӏичӏо.
Таврат рекӏехъе лъалев
Чи цогӏаги вукӏинчӏо.
Эв Гӏузайрил ракӏалде
Аллагьас гӏелму тӏуна.
Бичасул илгьам лъугьун,
Таврат рекӏехъе лъана.
Масжид ул-Акъсаялда
Халкъ эс данде гьабуна.
Эв хӏапиз Гӏузайруца
Эзий Таврат цӏалана.
Гӏузайрица цӏалухъе
Катибзабаз эб хъвана.
Тавраталъул ахӏкамал
Цӏидасан загьирлъана.
Муса-аварагасул
Шаргӏ эз хьвадизабуна.
Гӏузайрица малъараб
Нухалда эл хьвадана.
Цо дагьалго гӏадамал
Гӏорхъудаса ун ккана,
Аллагьасул вас абун,
Гӏузайриде лъугьана.
Гьадин баниисраил
Туснахъ букӏун рорчӏана.
Иран Киянилнил
Хӏукму эзулъ хьвадана.
Бухтуннасрил тарихул
Ункънусго сон тӏубана,
Лъебералда щуго сон
Элда тӏадеги бана.
Цинги кӏудав, машгьурав
Искандар загьирлъана.
Ираназул парччахӏлъи
Бахъун эс хвезабуна.
Бабилалъул улкаби,
Искандарихъе ккана.
Къуддус баниисраил
Эсде кверде руссана.
Цо дагьабго мехалда
Румаб давлат бахъана.
Юнаналъул улкаби
Эс кодоре росана.
Байт ул-Мукъаддасалда
Румаб хӏукму хьвадана.
Баниисраилазе
Дагьаб имтияз кьуна.
Баниисраилазе
Жидерго бутӏрул тана.
Жидерго дин гьабизе,
Эзий хӏуригат кьуна.
Кӏудиял парччахӏзабаз
Гьедин шапкъат гьабуна.
Жинс гӏемераб бакӏалда
Жинсалъул бутӏрул тола.
Бичасе шукру гьабун,
Гьаниб къиса лъугӏана.
Гӏакълу бугев чиясе
Гӏураб рагӏи лъугьана.
ЗАКАРИЯЛГИ, ЯХӏИЯЛГИ, МАРЯМИЛГИ, ГӏИСАЛГИ КЪИСА
Сулайманил наслудал
Закария гьавуна.
Байт ул-Мукъаддасалда
Бетӏерлъун эв лъугьана.
Масжид ул-Акъсаялда
Таврат цӏалун малъана.
Къурбан хъолев, как балев
Кӏудав эмен вукӏана.
Цинги бичас эсие
Авараглъи бачӏана.
Лъимерго лъугьунарей
Лъади Исагӏ йикӏана.
Исагӏил яц Хӏаннаги
Лъикӏай чӏужу йикӏана.
Эзул бетӏер Гӏимранил
Лъадилъун эй ятана.
Хӏанна къинай лъугьиндал,
Аллагьасде гьардана,
Гьаб куцалда бичасе
Назруялда цӏалдана:
– Я рабби, дица лъимер
Дуе назру гьабуна.
Масжидалъе хадимлъун
Дуе вакъпу гьабуна.
Я рраби, дир бетӏергьан,
Дир назру къабул гьабе.
Чӏаго дуниялалде
Дуца бахъине гьабе.
Масжидалъе хадимлъун
Вас кьей гӏадат букӏана.
Вас гьавиялде хьул лъун,
Элъ эб назру гьабуна.
Къинай чӏужу Хӏанна тун,
Элъул рос Гӏимран хвана.
Хӏаннацаги яс гьаюн,
Марям абун цӏар лъуна.
Цинги нахъойги Хӏанна
Аллагьасе хӏелана.
Яс гьаюнин, дица щиб
Гьабилебан гьарана.
Ясго-яс йигониги,
Марям дуе малъана.
Эйги элъул наслуги
Цӏуне, [Бичас] абуна.
Цинги эй Хӏанна-эбел
Марям кодой ккун ана,
Масжид ул-Акъсаялъул
Хидматчагӏахъе кьуна:
– Гьаб лъимер дир назруйин,
Марям хьихьун гӏезае.
Масжидалъе хидматлъун
Гӏурай мехалъ эй гьае.
Масжидалъул худдамал
Цоцалъ речӏчӏун рортана.
Дица гӏезайилилан
Гӏемер чи дагӏбадана.
Гӏимран-ханил яслъидал,
Марям эзий йокьана.
Хӏаннат-бикал яс йикӏун,
Эй хьихьизе хьул лъуна.
Цинги можоро тӏамун,
Закария бергьана.
Закарияца йосун
Исагӏ-бикахъе кьуна.
Закариял эй Исагӏ
Марямил ункъгӏаллъидал.
Исагӏ-бика йохана,
Яцалъул яс кодой ккун.
Анцӏила кӏиго сон бан,
Марям кӏудияй гӏуна.
Байт ул-Мукъаддасалда
Эс элъий хӏужра бана.
Закария гурони,
Тӏаса гӏадан къотӏана.
Тӏагӏат-гӏибадаталда
Хӏужраялъуй эй чӏана.
Марямил хӏужраялде
Тӏаде лъугьанщинахъе
Кьер-кьераб пихъ кваналей
Ятулаан бокьухъе.
Гьаб киса дуй, Маряман,
Закария кӏалъана.
Хӏисаб хун рикъзи кьолев
Бичас кьунин бицана.
Гьенив эв Закария
Ракӏ тӏеренлъун гӏодана.
Гӏамал лъикӏаб цо лъимер
Жиндиего гьарана.
Гьениса нахъго вуссун,
Мажгиталъуве ана.
Михӏрабалда вахъун чӏун,
Бичасе хӏел-хӏедана:
– Я, рабби, дир бетӏергьан,
Дир бетӏер хъахӏлъун буго.
Дир черхалъул лугбиги
Загӏиплъун тӏерен руго.
Дир чӏужу Исагӏилги
Лъимерго лъугьнаро.
Дур цӏобалдаса хьулни
Кидаго къотӏуларо.
Мун разияб рижи кьун,
Дуца дун вохизаве.
Ягӏкъубил наслу цӏунун,
Авараглъун эв гьаве.
Я, рабби, дир бетӏергьан,
Дугӏа къабул гьабеги.
Марям гӏадин дин ккурав
Цо варис дие кьейги.
Къудратав аллагьасул
Цӏобал гӏатӏидал руго.
Исагӏ лъимадуе кьун,
Гӏаламат лъугьун буго.
Жибрил малаик вачӏун,
Эсда рохел бицуна.
Яхья-авараг абун,
Вас гьавулин кӏалъана.
Лъимер ургьиб кьеялъе
Гӏаламат эс гьарана.
Лъабго къоялъ мацӏ кквейи
Эсий ишан лъугьана.
Эб лъабабго къояца,
Кӏал-мацӏ ккун, эв хутӏана.
Ракӏалъул зикру бачун,
Квералъ ишан гьабуна.
Лъабго къо тӏубан хадуб,
Эсул кӏал-мацӏ рагьана.
Исагӏ лъимадуе кьей
Лъан эсул ракӏ рагьана.
Нахъойги Жибрил вачӏун,
Эсухъе хабар кьуна.
Бикрияй яс Марямил
Гӏиса лъугьин бицана.
Закариягун кӏалъан,
Жибрил аскӏоса ана.
Марям йигеб бакӏалде
Жибрил тӏаде вачӏана.
Гӏадан хьвараб бакӏалде
Марям кӏанцӏун йикӏана.
Кирхӏа бан, черхги чурун,
Ретӏел ретӏун букӏана.
Гьеб хӏалалда йикӏаго,
Элда Жибрил вихьана.
Гӏадамасул суратгун
Гьайбатлъи цебе чӏана.
Мун цевеса айилан,
Марям эсда кӏалъана.
Бичасукьа хӏинкъаян.
Эсие хӏинкъи кьуна.
Жабраил гьимун, велъун,
Элда рохел бицана.
Бичас дуе вас кьезе,
Дун витӏанин кӏалъана.
Марямица эб рагӏи
Гӏадаб жолъун гьабуна.
Гӏаданго хъвачӏей ясалъ
Вас гьавилищ абуна.
Бичасе бигьаяб жо
Эб бугин эс бицана.
Гӏисал сипатал рикӏкӏун,
Элъул ракӏ чӏезабуна.
Эй Марямил лъоробе
Жибрилас хӏухьел пуна.
Гьебсагӏат хӏалги хисун,
Марям къинай лъугьана.
Эб жо гӏадаблъун бихьун,
Гӏадамаздаса тӏуна.
Байт ул-Ахӏмалдеги ун,
Халваталда йикӏана.
Яхӏя-авараг гьавун,
Анлъго моцӏ бан букӏана.
Цинги Гӏиса-авараг
Марямица гьавуна.
Чарахъанго гьечӏого,
Хӏара чӏван, эй гӏодана.
Чамарсакӏул хӏохьоде
Тӏадеги чӏван гьавуна.
Нахъойги Марямида
Эб цӏакъ гӏадлъун бихьана.
Хун йикӏарай анищан,
Агьиялда гӏодана.
Жибрил-малаик вачӏун,
Рохел бицун кӏалъана.
Расги пашманлъугеян,
Элъул ас ракӏ батана.
Хӏатӏикь эс бихьизабун.
Цӏорораб лъим гьекъана.
Чамарсакӏул хӏохьода
Чамарсакӏ бан кванана.
Элда ригьин баркизе
Хӏурулгӏинал рачӏана.
Гӏисал сипатал рикӏкӏун,
Малайкзаби кӏалъана.
Гӏадан вихьун кӏалъани,
Мун кӏалъаге абуна.
Кӏалъалареб кӏал кквеян,
Элъий амру гьабуна.
Берцинал чӏарталъ вухьун,
Гӏиса кинида лъуна.
Цинги эвги кодов ккун,
Къавмалда аскӏой ана.
Тӏолго гӏагарлъи бачӏун,
Эй чӏвайилан лъугьана.
Гӏалимзаби данделъун,
Рахӏмуялъе къачӏана.
Цин бадибчӏвай гьабизе,
Элда эз кӏал гьикъана.
Лъикӏал эбел-инсул яс
Мун квешлъанин кӏалъана.
Дуца гӏадаб жо гьабун,
Гӏагарлъи хвезабуна.
Гӏагарлъиялъул намус
Хӏатӏикье ккезабуна.
Эз бадибчӏвай гьабидал,
Элъул магӏу гирана.
Гӏисагун гаргадеян,
Квералъ ишан гьабуна.
Кинида вугев васгун
Кин кӏалъалел абуна.
Цинги Гӏиса-авараг
Булбул гӏадин кӏалъана.
Сверухъ вукӏанщинав чи
Гьакӏкӏан кӏалгун хутӏана.
Хӏакъав аллагьасул лагъ
Дун вугин эс абуна.
Авараглъун дун гьавун,
Тӏехь рещтӏинин абуна.
– Дунго кив вугониги,
Мубараклъун гьавуна.
Чӏаго вугогӏан мехалъ,
Как, закат тӏад гьабуна.
Гьай дир эбелалъулги
Адаб цӏуни тӏад лъуна.
Лъабго бакӏалда бичас
Диде салам битӏана.
Цо гьавураб къояца,
Цоги холеб мехаца,
Лъабабилеб саламги
Къиямасеб къояца.
Аллагьсул къудраталъ
Гӏиса гьедин гьавуна.
Квешаб бугьтаналдаса
Марямги яцӏцӏалъана.
Киналгӏаги гӏадамал
Гӏаламалъун хутӏана.
Байт ул-Мукъаддасалда
Элъул тавуш бахъана.
Кинниги дагьаб нахъа
Ягьудиял къосана.
Къосараб рагӏи бицун,
Квешаб тавуш биччана.
Закариял вас абун,
Гӏиса гӏунтӏизабуна.
Эб квешаб бугьтанги лъун,
Закария эз чӏвана.
Закария-авараг
Нусго сон бан вукӏана.
Нусидаса арав чи
Эз эв шагьид гьавуна.
Цӏакъаб тамаша гьечӏищ
Авараг шагьид гьави?
Мугӏжизат бихьун хадув
Гӏиса гӏунтӏизе гьави?
Эбел-эмен гьечӏого,
Адамида божулел.
Цохӏо эмен гьечӏого
Гӏисада божуларел.
Марям, Гӏисада хӏинкъун,
Гьижра гьабун яхъана.
Вас Гӏисаги кодов ккун,
Мисриялде ячӏана.
Юсупуннажар абун
Элъул вацгӏал вукӏана.
Божарав чи вукӏиндал,
Элъ эв цадахъ вачана.
Анцӏила кӏиго соналъ
Эл Мисриялде чӏана
Цинги Марямгин Гӏиса
Насираялде ана.
Анцӏила микьго соналъ
Эл эб росулъ хутӏана.
Гӏиса-аварагасул
Лъеберго сон тӏубана.
Цинги Марямил Гӏиса
Авараглъун лъугьана.
Байт ул-Мукъаддасалда
Яхӏягун данделъана.
Цевеккунго авараг
Яхӏя лъугьун вукӏана.
Анлъго сон барав чияс
Яхӏяца тӏехь цӏалана.
Тавраталъул тапсирал
Гӏадамазда малъана.
Балугъалде вахингун,
Авараглъи бачӏана.
Закария эмен хун,
Халипалъун вас ккана.
Мусал шаригӏаталда
Гӏамал гьабун вукӏана.
Баниисраилазда
Дин малъулев ватана.
Цинги Гӏиса вачӏана,
Яхӏял рокъов рещтӏана.
Кӏиявго вацгӏаласул
Рагӏи цойиде ккана.
Гӏиса-аварагасде
Батӏияб тӏехь рещтӏана.
Тавраталъул ахӏкамал
Инжилалъ хвезаруна.
Цинги Яхӏя-авараг
Гӏисада нахъвилълъана.
Бичасул амру бачӏун,
Инжилалде вуссана.
Гьеб мехалъ Къуддусалда
Эзул цо хан вукӏана.
Жиндирго вацасул яс
Ячинилан лъугьана.
Элда магьари лъеян
Яхӏяда хӏал гьабуна.
Мусал шаригӏаталда
Бегьулилан эв чӏана.
Эв ханасул эб амру
Яхӏяца нахъе чӏвана.
Гӏисал шаригӏаталда
Нух гьечӏилан кӏалъана.
Вацасул яс ячине
Ханасе эс нух кьечӏо.
Имгӏаласе лъадилъун
Элда магьари лъечӏо.
Мусал шаригӏаталда
Щай жий кьоларей абун,
Яхӏяе макру бана
Ясги эбелги рекъон.
Эй ясги, эй эбелги
Ханасул доре ана.
Яхӏя чӏвайилан абун,
Эс эзий бетӏер чӏвана.
Цинги ханас ккун вачун,
Яхӏя гӏодов тӏамуна.
Эзда цеве къурбанлъун
Хъун эв шагьид гьавуна.
Инналилагьи ва
Инна илайгьи ражигӏун.
Цинги нахъа Гӏисалги
Мугӏжизат гӏемерлъана.
Гӏаламатал кӏодолъун,
Авараглъи тӏатана.
Унтарал сахлъизарун,
Бецал гвангъизаруна.
Бичасул изнуялда
Хварал чӏаго гьаруна.
Цойги-цойги гӏемерал
Балъгоял жал рицана.
Эс баниисраилал
Иманалде ахӏана.
Мугӏжизат гӏемерлъана
Жугьутӏал мутӏигӏлъичӏо.
Гӏаламатал тӏатана
Ягьудиял руссинчӏо.
Анцӏила кӏиго чияс
Гӏисаде иман лъуна.
Хӏаварийинал абун
Эзул цӏар машгьурлъана.
Хӏавариюназда гъорлъ
Кӏиго шамгӏун вукӏана.
Лъикӏав шамгӏунил тӏокӏцӏар
Батӏрусан машгьурлъана.
Цояв шамгӏун Гӏисае
Нахъа хияналъана.
Квешав шамгӏунил тӏокӏцӏар
Квешав Йуда лъугьана.
Бусурбабазда жанив
Абужагьал гьадинго,
Капурзабазда жаниб
Йудал цӏар квешаб буго.
Квешав чиян абизе
Йудаян эз абула.
Эсул цӏар къабихӏ гьабун,
Эсие лагӏнат кьола.
Йудае лагӏнат кьезе
Нилъеецин рекъана.
Гӏиса-авараг чӏвазе
Жугьутӏал эс гьусана.
Баниисраилаца
Гӏисаде инкар ккуна.
Гӏиса-авараг чӏвазе
Ягьудиял къачӏана.
Эл киналго жугьутӏал
Цоцазда тӏад рекъана.
Яхӏя-авараг гӏадин
Гӏиса чӏвалин гьедана.
Цо сордоялъ Гӏисаца
Хӏавариял ахӏана.
Эзулгун рагӏи дандбан,
Халваталда вукӏана.
Машвараталда гьоркьоб
Гӏисахъе вахӏю щвана.
Хӏаварияв Йудаца
Мун вичилин вачӏана.
Эб рагӏуда Гӏисаца
Гӏаламалъи гьабуна.
Щиб дуе лъугьарабан,
Хӏаварияз гьикъана.
Цинги Гӏиса-авараг
Эздехун гаргадана.
Нужеда гъорлъа цояв
Капурлъилин бицана.
Хӏелеко бахъиналде
Къаси эв капурлъила.
Жугьутӏазе дун вичун,
Эс дагьаб мухь босила.
Магӏазаллагьан абун,
Эз эб рикӏкӏад гьабуна.
Эб кинаб рагӏи абун,
Эл гӏодизе лъугьана.
Эб сордоялъ жугьутӏал
Гӏиса чӏвазе къачӏана.
Кивдай вугоян абун,
Дора-гъора речӏчӏана.
Хӏавариязда гъорлъа
Йуда къватӏиве ана.
Йудаца ришваталъухъ
Жугьутӏазе мацӏ кьуна.
Гӏиса вугев бакӏ бицун,
Эв эзда гаргадана.
Цевехъанлъиги гьабун,
Гӏисада тӏаде ана.
Гӏиса вугеб рокъоре
Цоцалъ речӏчӏун кӏанцӏана.
Бер биххун, Гӏисаян ккун,
Цевехъан эз гъанкъана.
Тӏадегӏанав аллагьас
Эзул гӏакълу босана.
Гӏисада релълъун эзда
Малгӏун Йуда вихьана.
Релъеда бецӏлъухъего
Йуда эз гӏерда вана.
Габуниб кварги бухьун,
Гъанкъун хабалъ вукъана.
Радал тӏаде вахъана,
Йуда вилун ватана.
Гъанкъарав кинавдаян
Щакдарилел хутӏана.
Тӏадегӏанав аллагьас
Гӏиса зодов ворхана.
Жугьутӏал щвелалдего,
Бичас хвасар гьавуна.
Идрис-авараг гӏадин,
Гӏиса чӏаго ворхана.
Дунялалъул къварилъи
Гӏисада тӏаса ана.
Гӏиса зодове ворхун
Кӏикъого сон тӏубана.
Румав парччахӏ боялгун
Къуддусалде кӏанцӏана.
Байтулмукъаддас бахъун,
Росу хараб гьабуна.
Масжидулакъса бухӏун,
Рохъо лъугьинабуна.
Баниисраил гъурун,
Ясал асир гьаруна.
Улка чӏунтизе гьабун,
Чӏин-чӏилахъ разаруна.
Закариял Яхӏя чӏван,
Эл гӏасилъун рукӏана.
Гӏиса гьереси гьавун,
Гӏазаб эзда хӏакълъана.
Вагӏдулахират абун,
Къуръаналда рехсанаӏ97.
Кӏиабилеб пасалъи
Эзул бергьун букӏана.
Аллагьас эл квегъизе
Капурзаби тӏамуна.
Румазул боял рачӏун,
Гъурун гъара гьабуна.
Аллагьасул ццин бахъин
Жугьутӏазде рещтӏана.
Аварагзаби чӏвайдал,
Эзде балагь бачӏана.
Гьаб куцалда жугьутӏал
Мухъ-мухъалде риххана.
Кирехун свераниги,
Эл басралъун лъугьана.
Гьелда хадуб гьанжеги
Эзул низам буцӏцӏинчӏо.
Хӏакимаб цо миллатлъун
Аллагьас эл гьаричӏо.
Азаралда ункънусго
Сон Муса хун тӏубана.
Цинги Гӏиса-авараг
Гьавун тарих цӏилъана.
Лъебериде вахиндал
Эв авараг лъугьана.
Байт ул-Мукъаддасалде
Гӏисал Инжил рещтӏана.
Цинги лъабго сонаца
Къавм диналде ахӏана.
Анцӏила кӏиго чияс
Гӏисаде иман лъуна.
Хӏавариюнал абун
Эзул цӏар машгьурлъана.
Эзда гъорлъа цоясги
Хияналъи гьабуна.
Гӏиса зодове ана,
Хӏавариял хутӏана.
Гӏисал васигаталда
Вагӏдулахират абун Къуръаналда рехсана…–
Дин малъизе лъугьана.
Гӏисал заманаялда
Хъвараб Инжил батичӏо,
Инжил рекӏехъе лъалев
Хӏапиз эзул вукӏинчӏо.
Киналго хӏавариял
Гӏалимзаби рукӏана.
Гӏисал баркат эзий щун,
Караматал тӏатана.
Цинги хӏаварийинал
Мухъ-мухъалде рикьана.
Гӏисал дин тӏибитӏизе
Эз цӏакъ тӏаде босана.
Кинниги хъвараб Инжил
Эзда кодобе щвечӏо.
Хӏавариюнацаги
Квералъ Инжилал хъвачӏо.
Жидедаго лъавухъе
Эз Гӏисал дин малъана.
Лъикӏаланго гӏадамал
Насриниял лъугьана.
Хӏавариюналги хун,
Лъеберго сон тӏубана.
Цинги тӏалибзабаца
Гӏемераб тӏехь баккана,
Инжил абун цӏарги лъун,
Гӏемерал тӏахьал хъвана.
Нусго батӏи-батӏияб
Тӏехь майданалда лъунаӏ98.
Цояз бицараб рагӏи
Цояца хвезабуна.
Хӏакъабги батӏулабги
Батӏалъи ишкаллъана.
Цинги бутӏрул данделъун,
Тӏолго тӏехь бакӏарана.
Ункъо Инжил нахъе тун,
Цогияб тӏехь бухӏана.
Гьанже насранияца
«Нусго батӏи-батӏияб Тӏехь майданалда лъуна…» – Нусго батӏи-батӏияб тӏехь баккана абураб
магӏнаялда
Гьеб ункъабго цӏалула.
Ункъабго Инжил абун
Элде гӏамал гьабула.
Азарго бутӏа гьабун,
Цо бутӏа Инжил буго.
Цогищинаб хъвараб жо
Хиса-басун хъван буго.
Гьеб ункъабго Инжилги
Цоцалъ рекъонго гьечӏо.
Цоялда бугеб рагӏи
Цоялъ бицунго гьечӏо.
Кинниги кашишзабаз
Таъвилал рачун руго.
Цоцалъ рекъезаризе
Захӏмалъи баччун буго.
Лъабнусго сон базегӏан
Гӏисал дин загьирлъичӏо,
Тӏолго халкъ мушрик букӏун,
Тӏатун гьабизе течӏо.
Лъабнусиялда анцӏилъ
Гӏисал тарих букӏана.
Румав къирал Къустӏантӏи
Насранияв лъугьана.
Гӏисал диналде вуссун,
Дин тӏатине гьабуна.
Къираласда нахърилълъун,
Халкъ насрани лъугьана.
Румаб шагьар жибго тун,
Цоги шагьар эс бана.
Къустӏантӏиния абун
Шагьаралда цӏар лъуна.
Истамбулалда жаниб
Ая-Супия бана.
Насранияб диналъе
Сабаблъун эв лъугьана.
Насирия абураб
Росулъ Гӏиса вукӏана.
Гӏисал дин ккурал чагӏи
Насраниял лъугьана.
Кинниги Инжилалъул
Хӏукму тӏокӏкӏун букӏинчӏо.
Гӏисавияб диналъул
Ишкаллъи тӏаса инчӏо.
Кашишзабазул бутӏрул
Пускъупусал рукӏана.
Инжилалъул ахӏкамал
Эзда кодор хутӏана.
Цинги пускъупусаца
Инжил хисизабуна.
Мунпагӏаталда рекъон,
Таъвил рекъезабуна.
Эл ахӏкамазда жаниб
Гӏемераб хилап ккана.
Мазгьаб-мазгьаб батӏалъун,
Цоцалъ дагӏбаби ккана.
Цинги Румаб парччахӏлъи –
Эб кӏийиде бикьанаӏ99.
Цо шаркъалъул лъугьана,
Цо гъарбалъул лъугьана.
Шаркъияв къираласул
Тах Истамбул букӏана.
Гъарби Италиялъул
Рума шагьар букӏана.
Цинги эзул мазгьабги
Кӏихӏийиде бикьана.
Мазгьабалда жанирги
Мазгьабал гӏемерлъана.
Румаялъул пускъупас
Папал мазгьаб босана.
Эсул мазгьаб ккурав чи
Къатуликлъун лъугьана.
Истанбулалъул батӏрикъ
Бетӏер чӏван эл рукӏана.
Эс эзие хӏинкъи кьун,
Хӏинкъа нужан абуна.
Аллагьги тун, хъанчиде
Руссунгеян кӏалъана.
Ахӏсан ул-Халикъин тун,
Багӏлуялде руссунге.
Умумул, нуж рижарав
Бичасде гӏасилъуге.
Нуж диде руссинчӏони,
Бичас гьалаг гьарила.
Аллагьасул балагь ккун,
Гӏазабалде нуж ккела.
Гьедин цӏакъаб насихӏат
Илясица гьабуна.
Эз эв гьереси гьавун,
Росулъа къватӏив гъуна.
Эзул улкаялдаса
Бичас баркат босана.
Ракъул соналги рачӏун,
Балканал эз кванана.
Цинги Иляс валагьун,
Свердун эзда ватана.
Тавбу гьабун руссиндал,
Балагьал тӏаса ана.
Нахъго эл капурлъана,
Илясил ракӏбакъвана.
Бичасул изнуялда
Берзукьа вилун ана.
Эздасаги ватӏалъун,
Тӏагӏаталда эв чӏана.
Иляс берзукьа вилун,
Алясагӏ шагьлъун тана.
Алясагӏги эздехун
Вагӏза гьабун кӏалъана.
Цинги бичас эсие
Авараглъи бачӏана.
Эзул хӏал лъикӏ гьабизе,
Алясагӏ цӏакъ хӏалтӏана.
Къоялдаса къоялде
Исраилал къосана.
Мусал шаригӏатги тун,
Эз гӏурп хьвадизабуна.
Мулк-ракьалъул дагӏба ккун,
Цоцалъ эзул рагъ ккана.
Аллагьас эл гъуризе
Асуриял ритӏана.
Нинуваялъул парччахӏ
Вачӏун эс эл росана.
Асури парччахӏасул
Тах Нинува букӏана,
Эл диналде ахӏизе
Бичас Юнус витӏана.
ЮНУС АВАРАГАСУЛ КЪИСА
Исраилияв Юнус
Авараглъун витӏана,
Нинуваялъул улка
Эс диналде ахӏана.
Хъанчал тун тавхӏидалде
Рачӏаян хӏинкъи кьуна.
Цо кӏикъого къоялде
Шагьар гӏодоб тӏелилан,
Нинуваялда жанив
Ахӏдана, иман лъеян.
Эз эсухъ гӏинтӏамичӏо,
Хъанчал эз рехун течӏо.
Бичасул тавхӏидалде
Эзул ракӏал гьетӏичӏо.
Юнус-аварагасул
Эзда цӏакъ ццин бахъана.
Хьул къотӏун, къватӏив лъугьун,
Гӏурул рагӏалде щвана.
Дижла гӏоралда эсда
Цӏураб гама батана.
Юнус, гамида рекӏун,
Сапаралде вахъана.
Бичасул изну босун,
Эв къватӏиве лъугьинчӏо.
Илчиясул хӏалалда
Эсул хӏалтӏи рекъечӏо.
Аварагзабаз гьижра
Изну босун гьабула.
Хъулухъ тун лъутарав чи
Гӏайибалъул гӏужлъула.
Аллагьасул къуваталъ
Эсул гама билълъинчӏо.
Гама цӏурал чагӏазул
Гӏодичӏев чи хутӏичӏо.
Къантӏан эзда кӏалъана
Элъ лъелъе рехейилан.
Витӏарав, тӏекъав лъазе
Эз можоро тӏамуна.
Можоро тӏамун къедал,
Юнус лъелъе рехана.
Юнус, лъелъе рехигун,
Ччугӏица кӏкӏун рехана.
Ччугӏил чохьонив жанив
Эв бичасе хӏелаена.
Мун гурони бетӏергьан
Гьечӏин абун гьардана.
Дир цӏакъ зулму лъугьанин,
Тӏасалъугьа абуна.
Цинги ччугӏица Юнус
Лъел рагӏалде рехана.
Бецӏлъукь дугӏа къабуллъун,
Бичас хвасар гьавуна.
Ччугӏил чохьониб эсул
Черх тамахлъун лъугьана.
Эсие рагӏадалъе
Хъабхъил рачӏал рехана.
Аллагьас къуватги кьун,
Юнус тӏаде вахъана.
Нинуваялде вуссин
Эсде амру гьабуна.
Нусазарго я цӏикӏкӏун
Чи вугев улкаялде
Нахъ вуссун эв витӏана,
Эл ахӏизе диналде.
Нинуваялъул халкъги
Цӏакъ пашманлъун букӏана.
Гӏазабалъул гӏаркьел щун,
Эл гӏодилел рукӏана.
Зоб-ракьалда гьоркьоб бакӏ
Лахӏчӏегӏерлъун лъугьана.
Нинуваялъул шагьар
Сордо гӏадин бецӏлъана.
Тавбу гьабун руссине
Юнус эз валагьана.
Эсул рагӏи ритӏухълъун,
Гӏазаб бачӏин бихьана.
Юнус эзда ватичӏо,
Росу данде гьабуна.
Тавбудул гохӏалде ун,
Эл бичасе хӏелана.
Эзул тавбу къабуллъун,
Тӏаса гӏазаб борхана.
Хадув тӏаде Юнус щун,
Иман лъун, эл руссана.
Юнус-аварагасде
Эл цӏакъго мутӏиглъана.
Тавраталъул ахӏкамал
Эз хьвадизе гьаруна.
Гӏадлуги динги гьабун,
Гӏемер мехалъ эл чӏана.
Гӏазабалдаса рорчӏун,
Рахӏаталда хутӏана.
Цинги шаркъгун гъарбалда
Кӏудиял рагъал ккана.
Чанги парччахӏзабазул
Парччахӏлъи хвезабуна.
Асури парччахӏасул
Кӏиго улка букӏана.
Мадянгун Бабилалда
Кӏиго вали вукӏана.
Кӏиявго вали рекъон,
Шагьасде гӏасилъана.
Нинуваялъул шагьар
Сверун ккун эл рагъана.
Парччахӏасул бо бергьун,
Нинува хвасарлъана.
Бабил вилаяталда
Цоги вали эс тана.
Кинниги Мадян боссе
Парччахӏасда кӏвечӏого,
Эб улка батӏалъана
Жидеего шагьги тун.
Асурияв парччахӏас
Боял данде гьаруна.
Улка гӏатӏид гьабизе
Рахъ-рахъалде рещтӏана.
Исраил парччахӏасде
Эсул бо тӏаделъана.
Эзул бакӏалги рахъун,
Эзда тӏад харж къотӏана.
Нахъа харжги кьечӏого,
Эздехун эв кӏалъана.
Нинуваялъул парччахӏ
Урду бачун вачӏана.
Исраил пайитах
Сабтӏия эс бахъана.
Исраилав парччахӏ ккун,
Парччахӏлъи хвезабуна.
Хурасан рахъалдехун
Тӏолго сибир гьаруна.
Баниисраилазул
Ракь чӏобого хутӏана.
Асурил килданиял
Энир чӏезе гьаруна.
Лъутун, рахчун рорчӏарал
Къуддусалде рачӏана.
Ягьуда парччахӏасде
Аман гьарун кӏанцӏана.
Ягьуда парччахӏасда
Цӏар Хӏизкъия букӏана
Сулайманил васасул
Вас эв парччахӏ вукӏана.
Гьебмехалъ Къуддусалда
Халипа эв вукӏана.
Тӏолго хутӏараб асбатӏ
Эсухъе бакӏарана.
Гьеле гьеб сураталда
Асбатӏал тӏерхьун ана.
Исраил парччахӏасул
Гьедин парччахӏлъи хвана.
Муса хун микьнусго сон,
Лъебералда ункъо сон
Бан хадуб асбатӏазул
Ана эб парччахӏлъи хун.
Щунусиялда лъабкъоялда
Анлъилъ тӏатана,
Кӏинусиялда лъабкъоялда
Цо сон эз бана.
Цинги эзул парччахӏлъи
Ягьудазде буссана.
Сулайманил васазде
Парччахӏлъи хӏасрулъана.
Ягьуда парччахӏасул
Гӏураб къуват букӏана.
Асурияв парччахӏгун
Рагъ гьабизе къачӏана.
Эс асбатӏал росидал,
Эсдаса ццин босизе,
Бусурбаби гъуридал,
Эсде гъаза гьабизе.
Ашгӏия-аварагги
Къуддусалда вукӏана.
Асури парччахӏасе
Квешаб дугӏа гьабуна.
Асурияв абуни, къачӏан
Хӏадур вукӏана.
Байтулмукъаддасалде
Тӏолго богун вачӏана.
Ашгӏия-аварагас
Рохел бицун букӏана.
Асури биххилилан
Эс эзий хабар кьуна.
Ашгӏияца абухъе
Эзул унти баккана.
Асурияб боялъул
Цӏакъ гӏемерав чи хвана.
Нинуваялъул парччахӏ
Цӏакъ ракӏ бекун лъугьана.
Асуриялгун вуссун,
Нинуваялде ана.
Ягьуда дивлиталда
Эл тӏаса ун рохана.
Бичасде шукру гьабун,
Эл диналда рукӏана.
Цодагьабго мехалда
Нахъго эл гӏасилъана.
Ашгӏиял рагӏиялъул
Гӏаксалда эл хвадана.
Цинги тӏарамагъада
Эз эв шагьид гьавуна.
Ашгӏия-авараг чӏван,
Ягьуда къавм къосана.
Хӏизкъия хун ханлъарав
Васги залим лъугьана.
Бани-исраилазул
Зулматалъ ракь бецӏлъана.
Гьеб мехалъ эзда тӏаде
Асуриял тӏамуна.
Гӏасияв эзул парччахӏ
Асурияз восана.
Эв Ягьуда парччахӏгун
Къалгӏаялъув тӏамуна.
Цинги виччан, харжги кьун,
Къудусалде витӏана.
Гьебмехаца Ирмия
Авараглъун витӏана.
Эс бани-исраилал
Иманалде ахӏана.
Байт ул-Мукъаддасалда
Эс дин загьир гьабуна.
Тавраталъул ахӏкамал
Хьвадизе байбихьана.
Гьеб гӏужалъ Асурияв
Бакъбаккуда вукӏана.
Давлаго гьабичӏого,
Чӏван чӏорого руссана.
Цинги Къуддус бахъизе
Эзул боял рачӏана.
Ягьудиязул ясалъ
Эзул саргӏаскар чӏвана.
Чодронив элъ бетӏерчӏван,
Асурил бо биххана.
Эзул зулму тӏаса ун,
Ягьуда хвасарлъана.
Асури гьедин божун,
Тӏокӏаб низам буцӏцӏинчӏо.
Рагӏиятал гӏасилъун,
Бащдаб улка хутӏичӏо.
Бабилалъул валиги
Гуч гӏурав чи вукӏана.
Живго жиндагоги чӏун,
Дунки шагьар лъугьана.
Тӏоцебе парччахӏасда
Эс имтияз гьарана.
Хадуб истикъал кьеян,
Парччахӏгун эв кьаллъана.
Бабилалъул валияс
Саргӏаскарлъун вас тана.
Кӏудияб урду битӏун,
Нинува сверун ккуна.
Эв саргӏаскарасда цӏар
Бухтуннасир букӏана.
Эс Нинуваги бахъун,
Парччахӏлъи хвезабуна.
Асуриязул дивлит
Гьеб куцалда тӏагӏана.
Эзул бакӏалда кӏиго
Батӏанив парччахӏ ккана.
Цояв парччахӏ абуни
Мадяналъул лъугьана.
Иран шагьасул бугеб
Улкаялда эв чӏана.
Цоги парччахӏ абуни
Килдани парччахӏ тана.
Асуриялъ букӏараб
Гъараб эсде буссана.
Бабилалда тахги лъун,
Бухтуннасир чӏухӏана.
Чӏухӏарал минаби ран,
Эб шагьар эс гӏуцӏана.
Бабил сверун мухӏканал
Сангарал эс гьаруна.
Жанир къалгӏаби гьарун,
Щулалъи цӏакъ гьабуна.
Цӏакъаял сараял ран,
Шагьар берцин къачӏана.
Муса-аварагги хун,
Бухтуннасрил гӏуж щвезе
Къоло цо сон тӏубазе
Дагьаб заман букӏана.
Бухтуннасир тахиде
Вахун сонал рахъана.
Баниисраилазде
Боялгун тӏаде ана.
Баниисраил парччахӏ
Эсул кверде вачӏана.
Эс тарав вали гӏадин,
Къуддусалда эв чӏана.
Эб хӏалалда мутӏигӏлъун,
Лъабго соналъ хутӏана.
Баниисраилазул
Лъикӏалан къуват гӏуна.
Бани-исраил парччахӏ
Боял гьарун вахъана.
Бухтуннасирицаги
Боял данде ритӏана.
Бухтуннасрил бо бергьун,
Къуддус кверде босана.
Эзул парччахӏги рехун,
Парччахӏасул вас тана.
Цодагьабго мехалде
Эв васги ккун вачана.
Киналго бутӏрул рачун,
Къалгӏаялъур тӏамуна.
Парччахӏлъи хвезе гьабун,
Тӏолго асир гьаруна.
Даниял аварагги
Гӏузайругун вукӏана.
Эв Даниялил къадру
Бухтуннасрида лъана.
Эсул хӏурматги гьабун,
Тӏолго асир биччана.
Къуддус шагьасул вацгӏал
Сидкъияян вукӏана.
Бухтуннасрил валилъун
Къуддусалде витӏана.
Сидкъияги цо гӏужалъ
Эсде мутӏигӏлъун чӏана.
Ирмия-аварагги
Чӏаго энив вукӏана.
Ирмиял къадру-къимат
Бухтуннасрида лъана.
Бухтуннасир, Сидкъия
Эсдаса нахъе къана.
Баниисраилазе
Цӏакъ насихӏат гьабуна.
Аллагьасде русаян
Эзие хӏинкъи кьуна.
Баниисраилазул
Мунагьал гӏемерлъана.
Эл квегъизе аллагьас
Бухтуннасир тӏамуна.
Балагьалъе тӏамурав
Эв вугевлъи лъалаан.
Эсдехун рагъ гьабизе
Къеркьолел рукӏунаан.
Ирмияца гьабураб
Насихӏат эз босичӏо.
Тушманлъи тӏаса боссе,
Тавбу гьабун руссинчӏо.
Ирмияги къварилъун
Къуддусалдаса ана.
Цо рахъалдехунги ун,
Тӏагӏаталда вукӏана.
Вагӏдууягьумаян
Къуръаналда рехсана.
Тӏоцебесеб пасалъи
Исраилаз гьабуна.
Бухтуннасирил саргӏаскар
Богун данде вачӏана.
Бухтуннасрил бо бергьун,
Сидкъиял бо биххана.
Нахъасан гъурулаго,
Къуддусалде кӏанцӏана.
Байт ул-Мукъаддасалда
Бидул гӏорал чвахана.
Бухтуннасрил бояца
Улка пасат гьабуна.
Байт ул-Мукъаддасалъул
Росу хараб гьабуна.
Масжид ул-Акъса бухӏун,
Рохъо лъугьинабуна.
Баниисраилазул
Гӏемерисел гъурана.
Мисри, Маккаялдехун
Рухӏ хъамурал рорчӏана.
Хутӏараб тӏолго улка
Асир гьабун бачана.
Сидкъияги чӏаго ккун,
Бабилалде вачана.
Цо гӏажизаб тамунги
Къуддусалда хутӏана.
Хараблъарал чӏудбузда
Жанир чӏун эл рукӏана.
Бухтуннасрица цо халкъ
Къуддусалде битӏана.
Хутӏарал гӏадамалгун
Цӏидасан росу ккуна.
Байт ул-Мукъаддас къачӏан,
Цӏакъал минаби рана.
Цӏакъ берцинаб куцалда
Нухал гӏатӏид гьаруна.
Байт ул-Мукъаддасалда
Жиндирго наиб тана.
Бухтуннасрил бояца
Дунял сорозабуна.
Бухтуннасар тахиде
Вахун сонал рахъана.
Анцӏила ичӏабилеб
Соналъ гьаб хӏал лъугьана.
Асбатӏазул парччахӏлъи
Гьеб куцалда тӏагӏана.
Баниисраилазул
Парччахӏлъи гьедин хвана.
Эзул тӏарамагъалъи
Сидкъиялда лъугьана.
Ягьуда дивлит тӏерхьун,
Хӏукму кодоса ана.
Элда хадув хан вахъун,
Эзул хӏукму хьвадичӏо.
Росдал бетӏер гурони,
Эзул бетӏер лъугьинчӏо.
Киназулго хӏукумдар
Бухтуннасир вукӏана.
Мисриялда, Шамалда
Эсул пурман хьвадана.
Цинги Бухтуннасир хун,
Хуланаал лъугьана.
Элги эсул нухалда,
Эсул лъалкӏда хьвадана.
Килданияб давлаталъ
Гьедин дунял босана.
Лъабкъоялда микьго сон
Бабилалда эз бана.
Цинги Ираналдасан
Кияниян вачӏана.
Чӏахӏиял боял рачун,
Бабилалде кӏанцӏана.
Кияниян бергьана,
Бабил шагьар бахъана.
Баниисраилазул
Тӏолго асир биччана.
Жидерго ватӏаналде
Къуддусалде эл ана.
Байт ул-Мукъадасалде
Исраил данделъана.
Кияниян парччахӏас
Эзий хӏурмат гьабуна.
Лъабкъоялда анцӏго сон
Хараблъун бан букӏана,
Баниисраилаца
Масжид ул-Акъса бана.
Баниисраилазул
Асир нахъ вуссунаго,
Кӏиазарго гӏалимчи
Гъорлъ ратана, нахъ руссун.
Бищун цӏакъав гӏалимчи
Гӏузайрилан вукӏана.
Гӏелмуялъул ралъадлъун
Аллагьас эв гьавуна.
Лакин цебеккун Къуддус
Биххун, бухӏун букӏиндал,
Таврат кӏочон букӏана,
Хъвараб Таврат бухӏидал.
Бухтуннасрица бухӏун,
Цоцин Таврат хутӏичӏо.
Таврат рекӏехъе лъалев
Чи цогӏаги вукӏинчӏо.
Эв Гӏузайрил ракӏалде
Аллагьас гӏелму тӏуна.
Бичасул илгьам лъугьун,
Таврат рекӏехъе лъана.
Масжид ул-Акъсаялда
Халкъ эс данде гьабуна.
Эв хӏапиз Гӏузайруца
Эзий Таврат цӏалана.
Гӏузайрица цӏалухъе
Катибзабаз эб хъвана.
Тавраталъул ахӏкамал
Цӏидасан загьирлъана.
Муса-аварагасул
Шаргӏ эз хьвадизабуна.
Гӏузайрица малъараб
Нухалда эл хьвадана.
Цо дагьалго гӏадамал
Гӏорхъудаса ун ккана,
Аллагьасул вас абун,
Гӏузайриде лъугьана.
Гьадин баниисраил
Туснахъ букӏун рорчӏана.
Иран Киянилнил
Хӏукму эзулъ хьвадана.
Бухтуннасрил тарихул
Ункънусго сон тӏубана,
Лъебералда щуго сон
Элда тӏадеги бана.
Цинги кӏудав, машгьурав
Искандар загьирлъана.
Ираназул парччахӏлъи
Бахъун эс хвезабуна.
Бабилалъул улкаби,
Искандарихъе ккана.
Къуддус баниисраил
Эсде кверде руссана.
Цо дагьабго мехалда
Румаб давлат бахъана.
Юнаналъул улкаби
Эс кодоре росана.
Байт ул-Мукъаддасалда
Румаб хӏукму хьвадана.
Баниисраилазе
Дагьаб имтияз кьуна.
Баниисраилазе
Жидерго бутӏрул тана.
Жидерго дин гьабизе,
Эзий хӏуригат кьуна.
Кӏудиял парччахӏзабаз
Гьедин шапкъат гьабуна.
Жинс гӏемераб бакӏалда
Жинсалъул бутӏрул тола.
Бичасе шукру гьабун,
Гьаниб къиса лъугӏана.
Гӏакълу бугев чиясе
Гӏураб рагӏи лъугьана.
ЗАКАРИЯЛГИ, ЯХӏИЯЛГИ, МАРЯМИЛГИ, ГӏИСАЛГИ КЪИСА
Сулайманил наслудал
Закария гьавуна.
Байт ул-Мукъаддасалда
Бетӏерлъун эв лъугьана.
Масжид ул-Акъсаялда
Таврат цӏалун малъана.
Къурбан хъолев, как балев
Кӏудав эмен вукӏана.
Цинги бичас эсие
Авараглъи бачӏана.
Лъимерго лъугьунарей
Лъади Исагӏ йикӏана.
Исагӏил яц Хӏаннаги
Лъикӏай чӏужу йикӏана.
Эзул бетӏер Гӏимранил
Лъадилъун эй ятана.
Хӏанна къинай лъугьиндал,
Аллагьасде гьардана,
Гьаб куцалда бичасе
Назруялда цӏалдана:
– Я рабби, дица лъимер
Дуе назру гьабуна.
Масжидалъе хадимлъун
Дуе вакъпу гьабуна.
Я рраби, дир бетӏергьан,
Дир назру къабул гьабе.
Чӏаго дуниялалде
Дуца бахъине гьабе.
Масжидалъе хадимлъун
Вас кьей гӏадат букӏана.
Вас гьавиялде хьул лъун,
Элъ эб назру гьабуна.
Къинай чӏужу Хӏанна тун,
Элъул рос Гӏимран хвана.
Хӏаннацаги яс гьаюн,
Марям абун цӏар лъуна.
Цинги нахъойги Хӏанна
Аллагьасе хӏелана.
Яс гьаюнин, дица щиб
Гьабилебан гьарана.
Ясго-яс йигониги,
Марям дуе малъана.
Эйги элъул наслуги
Цӏуне, [Бичас] абуна.
Цинги эй Хӏанна-эбел
Марям кодой ккун ана,
Масжид ул-Акъсаялъул
Хидматчагӏахъе кьуна:
– Гьаб лъимер дир назруйин,
Марям хьихьун гӏезае.
Масжидалъе хидматлъун
Гӏурай мехалъ эй гьае.
Масжидалъул худдамал
Цоцалъ речӏчӏун рортана.
Дица гӏезайилилан
Гӏемер чи дагӏбадана.
Гӏимран-ханил яслъидал,
Марям эзий йокьана.
Хӏаннат-бикал яс йикӏун,
Эй хьихьизе хьул лъуна.
Цинги можоро тӏамун,
Закария бергьана.
Закарияца йосун
Исагӏ-бикахъе кьуна.
Закариял эй Исагӏ
Марямил ункъгӏаллъидал.
Исагӏ-бика йохана,
Яцалъул яс кодой ккун.
Анцӏила кӏиго сон бан,
Марям кӏудияй гӏуна.
Байт ул-Мукъаддасалда
Эс элъий хӏужра бана.
Закария гурони,
Тӏаса гӏадан къотӏана.
Тӏагӏат-гӏибадаталда
Хӏужраялъуй эй чӏана.
Марямил хӏужраялде
Тӏаде лъугьанщинахъе
Кьер-кьераб пихъ кваналей
Ятулаан бокьухъе.
Гьаб киса дуй, Маряман,
Закария кӏалъана.
Хӏисаб хун рикъзи кьолев
Бичас кьунин бицана.
Гьенив эв Закария
Ракӏ тӏеренлъун гӏодана.
Гӏамал лъикӏаб цо лъимер
Жиндиего гьарана.
Гьениса нахъго вуссун,
Мажгиталъуве ана.
Михӏрабалда вахъун чӏун,
Бичасе хӏел-хӏедана:
– Я, рабби, дир бетӏергьан,
Дир бетӏер хъахӏлъун буго.
Дир черхалъул лугбиги
Загӏиплъун тӏерен руго.
Дир чӏужу Исагӏилги
Лъимерго лъугьнаро.
Дур цӏобалдаса хьулни
Кидаго къотӏуларо.
Мун разияб рижи кьун,
Дуца дун вохизаве.
Ягӏкъубил наслу цӏунун,
Авараглъун эв гьаве.
Я, рабби, дир бетӏергьан,
Дугӏа къабул гьабеги.
Марям гӏадин дин ккурав
Цо варис дие кьейги.
Къудратав аллагьасул
Цӏобал гӏатӏидал руго.
Исагӏ лъимадуе кьун,
Гӏаламат лъугьун буго.
Жибрил малаик вачӏун,
Эсда рохел бицуна.
Яхья-авараг абун,
Вас гьавулин кӏалъана.
Лъимер ургьиб кьеялъе
Гӏаламат эс гьарана.
Лъабго къоялъ мацӏ кквейи
Эсий ишан лъугьана.
Эб лъабабго къояца,
Кӏал-мацӏ ккун, эв хутӏана.
Ракӏалъул зикру бачун,
Квералъ ишан гьабуна.
Лъабго къо тӏубан хадуб,
Эсул кӏал-мацӏ рагьана.
Исагӏ лъимадуе кьей
Лъан эсул ракӏ рагьана.
Нахъойги Жибрил вачӏун,
Эсухъе хабар кьуна.
Бикрияй яс Марямил
Гӏиса лъугьин бицана.
Закариягун кӏалъан,
Жибрил аскӏоса ана.
Марям йигеб бакӏалде
Жибрил тӏаде вачӏана.
Гӏадан хьвараб бакӏалде
Марям кӏанцӏун йикӏана.
Кирхӏа бан, черхги чурун,
Ретӏел ретӏун букӏана.
Гьеб хӏалалда йикӏаго,
Элда Жибрил вихьана.
Гӏадамасул суратгун
Гьайбатлъи цебе чӏана.
Мун цевеса айилан,
Марям эсда кӏалъана.
Бичасукьа хӏинкъаян.
Эсие хӏинкъи кьуна.
Жабраил гьимун, велъун,
Элда рохел бицана.
Бичас дуе вас кьезе,
Дун витӏанин кӏалъана.
Марямица эб рагӏи
Гӏадаб жолъун гьабуна.
Гӏаданго хъвачӏей ясалъ
Вас гьавилищ абуна.
Бичасе бигьаяб жо
Эб бугин эс бицана.
Гӏисал сипатал рикӏкӏун,
Элъул ракӏ чӏезабуна.
Эй Марямил лъоробе
Жибрилас хӏухьел пуна.
Гьебсагӏат хӏалги хисун,
Марям къинай лъугьана.
Эб жо гӏадаблъун бихьун,
Гӏадамаздаса тӏуна.
Байт ул-Ахӏмалдеги ун,
Халваталда йикӏана.
Яхӏя-авараг гьавун,
Анлъго моцӏ бан букӏана.
Цинги Гӏиса-авараг
Марямица гьавуна.
Чарахъанго гьечӏого,
Хӏара чӏван, эй гӏодана.
Чамарсакӏул хӏохьоде
Тӏадеги чӏван гьавуна.
Нахъойги Марямида
Эб цӏакъ гӏадлъун бихьана.
Хун йикӏарай анищан,
Агьиялда гӏодана.
Жибрил-малаик вачӏун,
Рохел бицун кӏалъана.
Расги пашманлъугеян,
Элъул ас ракӏ батана.
Хӏатӏикь эс бихьизабун.
Цӏорораб лъим гьекъана.
Чамарсакӏул хӏохьода
Чамарсакӏ бан кванана.
Элда ригьин баркизе
Хӏурулгӏинал рачӏана.
Гӏисал сипатал рикӏкӏун,
Малайкзаби кӏалъана.
Гӏадан вихьун кӏалъани,
Мун кӏалъаге абуна.
Кӏалъалареб кӏал кквеян,
Элъий амру гьабуна.
Берцинал чӏарталъ вухьун,
Гӏиса кинида лъуна.
Цинги эвги кодов ккун,
Къавмалда аскӏой ана.
Тӏолго гӏагарлъи бачӏун,
Эй чӏвайилан лъугьана.
Гӏалимзаби данделъун,
Рахӏмуялъе къачӏана.
Цин бадибчӏвай гьабизе,
Элда эз кӏал гьикъана.
Лъикӏал эбел-инсул яс
Мун квешлъанин кӏалъана.
Дуца гӏадаб жо гьабун,
Гӏагарлъи хвезабуна.
Гӏагарлъиялъул намус
Хӏатӏикье ккезабуна.
Эз бадибчӏвай гьабидал,
Элъул магӏу гирана.
Гӏисагун гаргадеян,
Квералъ ишан гьабуна.
Кинида вугев васгун
Кин кӏалъалел абуна.
Цинги Гӏиса-авараг
Булбул гӏадин кӏалъана.
Сверухъ вукӏанщинав чи
Гьакӏкӏан кӏалгун хутӏана.
Хӏакъав аллагьасул лагъ
Дун вугин эс абуна.
Авараглъун дун гьавун,
Тӏехь рещтӏинин абуна.
– Дунго кив вугониги,
Мубараклъун гьавуна.
Чӏаго вугогӏан мехалъ,
Как, закат тӏад гьабуна.
Гьай дир эбелалъулги
Адаб цӏуни тӏад лъуна.
Лъабго бакӏалда бичас
Диде салам битӏана.
Цо гьавураб къояца,
Цоги холеб мехаца,
Лъабабилеб саламги
Къиямасеб къояца.
Аллагьсул къудраталъ
Гӏиса гьедин гьавуна.
Квешаб бугьтаналдаса
Марямги яцӏцӏалъана.
Киналгӏаги гӏадамал
Гӏаламалъун хутӏана.
Байт ул-Мукъаддасалда
Элъул тавуш бахъана.
Кинниги дагьаб нахъа
Ягьудиял къосана.
Къосараб рагӏи бицун,
Квешаб тавуш биччана.
Закариял вас абун,
Гӏиса гӏунтӏизабуна.
Эб квешаб бугьтанги лъун,
Закария эз чӏвана.
Закария-авараг
Нусго сон бан вукӏана.
Нусидаса арав чи
Эз эв шагьид гьавуна.
Цӏакъаб тамаша гьечӏищ
Авараг шагьид гьави?
Мугӏжизат бихьун хадув
Гӏиса гӏунтӏизе гьави?
Эбел-эмен гьечӏого,
Адамида божулел.
Цохӏо эмен гьечӏого
Гӏисада божуларел.
Марям, Гӏисада хӏинкъун,
Гьижра гьабун яхъана.
Вас Гӏисаги кодов ккун,
Мисриялде ячӏана.
Юсупуннажар абун
Элъул вацгӏал вукӏана.
Божарав чи вукӏиндал,
Элъ эв цадахъ вачана.
Анцӏила кӏиго соналъ
Эл Мисриялде чӏана
Цинги Марямгин Гӏиса
Насираялде ана.
Анцӏила микьго соналъ
Эл эб росулъ хутӏана.
Гӏиса-аварагасул
Лъеберго сон тӏубана.
Цинги Марямил Гӏиса
Авараглъун лъугьана.
Байт ул-Мукъаддасалда
Яхӏягун данделъана.
Цевеккунго авараг
Яхӏя лъугьун вукӏана.
Анлъго сон барав чияс
Яхӏяца тӏехь цӏалана.
Тавраталъул тапсирал
Гӏадамазда малъана.
Балугъалде вахингун,
Авараглъи бачӏана.
Закария эмен хун,
Халипалъун вас ккана.
Мусал шаригӏаталда
Гӏамал гьабун вукӏана.
Баниисраилазда
Дин малъулев ватана.
Цинги Гӏиса вачӏана,
Яхӏял рокъов рещтӏана.
Кӏиявго вацгӏаласул
Рагӏи цойиде ккана.
Гӏиса-аварагасде
Батӏияб тӏехь рещтӏана.
Тавраталъул ахӏкамал
Инжилалъ хвезаруна.
Цинги Яхӏя-авараг
Гӏисада нахъвилълъана.
Бичасул амру бачӏун,
Инжилалде вуссана.
Гьеб мехалъ Къуддусалда
Эзул цо хан вукӏана.
Жиндирго вацасул яс
Ячинилан лъугьана.
Элда магьари лъеян
Яхӏяда хӏал гьабуна.
Мусал шаригӏаталда
Бегьулилан эв чӏана.
Эв ханасул эб амру
Яхӏяца нахъе чӏвана.
Гӏисал шаригӏаталда
Нух гьечӏилан кӏалъана.
Вацасул яс ячине
Ханасе эс нух кьечӏо.
Имгӏаласе лъадилъун
Элда магьари лъечӏо.
Мусал шаригӏаталда
Щай жий кьоларей абун,
Яхӏяе макру бана
Ясги эбелги рекъон.
Эй ясги, эй эбелги
Ханасул доре ана.
Яхӏя чӏвайилан абун,
Эс эзий бетӏер чӏвана.
Цинги ханас ккун вачун,
Яхӏя гӏодов тӏамуна.
Эзда цеве къурбанлъун
Хъун эв шагьид гьавуна.
Инналилагьи ва
Инна илайгьи ражигӏун.
Цинги нахъа Гӏисалги
Мугӏжизат гӏемерлъана.
Гӏаламатал кӏодолъун,
Авараглъи тӏатана.
Унтарал сахлъизарун,
Бецал гвангъизаруна.
Бичасул изнуялда
Хварал чӏаго гьаруна.
Цойги-цойги гӏемерал
Балъгоял жал рицана.
Эс баниисраилал
Иманалде ахӏана.
Мугӏжизат гӏемерлъана
Жугьутӏал мутӏигӏлъичӏо.
Гӏаламатал тӏатана
Ягьудиял руссинчӏо.
Анцӏила кӏиго чияс
Гӏисаде иман лъуна.
Хӏаварийинал абун
Эзул цӏар машгьурлъана.
Хӏавариюназда гъорлъ
Кӏиго шамгӏун вукӏана.
Лъикӏав шамгӏунил тӏокӏцӏар
Батӏрусан машгьурлъана.
Цояв шамгӏун Гӏисае
Нахъа хияналъана.
Квешав шамгӏунил тӏокӏцӏар
Квешав Йуда лъугьана.
Бусурбабазда жанив
Абужагьал гьадинго,
Капурзабазда жаниб
Йудал цӏар квешаб буго.
Квешав чиян абизе
Йудаян эз абула.
Эсул цӏар къабихӏ гьабун,
Эсие лагӏнат кьола.
Йудае лагӏнат кьезе
Нилъеецин рекъана.
Гӏиса-авараг чӏвазе
Жугьутӏал эс гьусана.
Баниисраилаца
Гӏисаде инкар ккуна.
Гӏиса-авараг чӏвазе
Ягьудиял къачӏана.
Эл киналго жугьутӏал
Цоцазда тӏад рекъана.
Яхӏя-авараг гӏадин
Гӏиса чӏвалин гьедана.
Цо сордоялъ Гӏисаца
Хӏавариял ахӏана.
Эзулгун рагӏи дандбан,
Халваталда вукӏана.
Машвараталда гьоркьоб
Гӏисахъе вахӏю щвана.
Хӏаварияв Йудаца
Мун вичилин вачӏана.
Эб рагӏуда Гӏисаца
Гӏаламалъи гьабуна.
Щиб дуе лъугьарабан,
Хӏаварияз гьикъана.
Цинги Гӏиса-авараг
Эздехун гаргадана.
Нужеда гъорлъа цояв
Капурлъилин бицана.
Хӏелеко бахъиналде
Къаси эв капурлъила.
Жугьутӏазе дун вичун,
Эс дагьаб мухь босила.
Магӏазаллагьан абун,
Эз эб рикӏкӏад гьабуна.
Эб кинаб рагӏи абун,
Эл гӏодизе лъугьана.
Эб сордоялъ жугьутӏал
Гӏиса чӏвазе къачӏана.
Кивдай вугоян абун,
Дора-гъора речӏчӏана.
Хӏавариязда гъорлъа
Йуда къватӏиве ана.
Йудаца ришваталъухъ
Жугьутӏазе мацӏ кьуна.
Гӏиса вугев бакӏ бицун,
Эв эзда гаргадана.
Цевехъанлъиги гьабун,
Гӏисада тӏаде ана.
Гӏиса вугеб рокъоре
Цоцалъ речӏчӏун кӏанцӏана.
Бер биххун, Гӏисаян ккун,
Цевехъан эз гъанкъана.
Тӏадегӏанав аллагьас
Эзул гӏакълу босана.
Гӏисада релълъун эзда
Малгӏун Йуда вихьана.
Релъеда бецӏлъухъего
Йуда эз гӏерда вана.
Габуниб кварги бухьун,
Гъанкъун хабалъ вукъана.
Радал тӏаде вахъана,
Йуда вилун ватана.
Гъанкъарав кинавдаян
Щакдарилел хутӏана.
Тӏадегӏанав аллагьас
Гӏиса зодов ворхана.
Жугьутӏал щвелалдего,
Бичас хвасар гьавуна.
Идрис-авараг гӏадин,
Гӏиса чӏаго ворхана.
Дунялалъул къварилъи
Гӏисада тӏаса ана.
Гӏиса зодове ворхун
Кӏикъого сон тӏубана.
Румав парччахӏ боялгун
Къуддусалде кӏанцӏана.
Байтулмукъаддас бахъун,
Росу хараб гьабуна.
Масжидулакъса бухӏун,
Рохъо лъугьинабуна.
Баниисраил гъурун,
Ясал асир гьаруна.
Улка чӏунтизе гьабун,
Чӏин-чӏилахъ разаруна.
Закариял Яхӏя чӏван,
Эл гӏасилъун рукӏана.
Гӏиса гьереси гьавун,
Гӏазаб эзда хӏакълъана.
Вагӏдулахират абун,
Къуръаналда рехсанаӏ97.
Кӏиабилеб пасалъи
Эзул бергьун букӏана.
Аллагьас эл квегъизе
Капурзаби тӏамуна.
Румазул боял рачӏун,
Гъурун гъара гьабуна.
Аллагьасул ццин бахъин
Жугьутӏазде рещтӏана.
Аварагзаби чӏвайдал,
Эзде балагь бачӏана.
Гьаб куцалда жугьутӏал
Мухъ-мухъалде риххана.
Кирехун свераниги,
Эл басралъун лъугьана.
Гьелда хадуб гьанжеги
Эзул низам буцӏцӏинчӏо.
Хӏакимаб цо миллатлъун
Аллагьас эл гьаричӏо.
Азаралда ункънусго
Сон Муса хун тӏубана.
Цинги Гӏиса-авараг
Гьавун тарих цӏилъана.
Лъебериде вахиндал
Эв авараг лъугьана.
Байт ул-Мукъаддасалде
Гӏисал Инжил рещтӏана.
Цинги лъабго сонаца
Къавм диналде ахӏана.
Анцӏила кӏиго чияс
Гӏисаде иман лъуна.
Хӏавариюнал абун
Эзул цӏар машгьурлъана.
Эзда гъорлъа цоясги
Хияналъи гьабуна.
Гӏиса зодове ана,
Хӏавариял хутӏана.
Гӏисал васигаталда
Вагӏдулахират абун Къуръаналда рехсана…–
Дин малъизе лъугьана.
Гӏисал заманаялда
Хъвараб Инжил батичӏо,
Инжил рекӏехъе лъалев
Хӏапиз эзул вукӏинчӏо.
Киналго хӏавариял
Гӏалимзаби рукӏана.
Гӏисал баркат эзий щун,
Караматал тӏатана.
Цинги хӏаварийинал
Мухъ-мухъалде рикьана.
Гӏисал дин тӏибитӏизе
Эз цӏакъ тӏаде босана.
Кинниги хъвараб Инжил
Эзда кодобе щвечӏо.
Хӏавариюнацаги
Квералъ Инжилал хъвачӏо.
Жидедаго лъавухъе
Эз Гӏисал дин малъана.
Лъикӏаланго гӏадамал
Насриниял лъугьана.
Хӏавариюналги хун,
Лъеберго сон тӏубана.
Цинги тӏалибзабаца
Гӏемераб тӏехь баккана,
Инжил абун цӏарги лъун,
Гӏемерал тӏахьал хъвана.
Нусго батӏи-батӏияб
Тӏехь майданалда лъунаӏ98.
Цояз бицараб рагӏи
Цояца хвезабуна.
Хӏакъабги батӏулабги
Батӏалъи ишкаллъана.
Цинги бутӏрул данделъун,
Тӏолго тӏехь бакӏарана.
Ункъо Инжил нахъе тун,
Цогияб тӏехь бухӏана.
Гьанже насранияца
«Нусго батӏи-батӏияб Тӏехь майданалда лъуна…» – Нусго батӏи-батӏияб тӏехь баккана абураб
магӏнаялда
Гьеб ункъабго цӏалула.
Ункъабго Инжил абун
Элде гӏамал гьабула.
Азарго бутӏа гьабун,
Цо бутӏа Инжил буго.
Цогищинаб хъвараб жо
Хиса-басун хъван буго.
Гьеб ункъабго Инжилги
Цоцалъ рекъонго гьечӏо.
Цоялда бугеб рагӏи
Цоялъ бицунго гьечӏо.
Кинниги кашишзабаз
Таъвилал рачун руго.
Цоцалъ рекъезаризе
Захӏмалъи баччун буго.
Лъабнусго сон базегӏан
Гӏисал дин загьирлъичӏо,
Тӏолго халкъ мушрик букӏун,
Тӏатун гьабизе течӏо.
Лъабнусиялда анцӏилъ
Гӏисал тарих букӏана.
Румав къирал Къустӏантӏи
Насранияв лъугьана.
Гӏисал диналде вуссун,
Дин тӏатине гьабуна.
Къираласда нахърилълъун,
Халкъ насрани лъугьана.
Румаб шагьар жибго тун,
Цоги шагьар эс бана.
Къустӏантӏиния абун
Шагьаралда цӏар лъуна.
Истамбулалда жаниб
Ая-Супия бана.
Насранияб диналъе
Сабаблъун эв лъугьана.
Насирия абураб
Росулъ Гӏиса вукӏана.
Гӏисал дин ккурал чагӏи
Насраниял лъугьана.
Кинниги Инжилалъул
Хӏукму тӏокӏкӏун букӏинчӏо.
Гӏисавияб диналъул
Ишкаллъи тӏаса инчӏо.
Кашишзабазул бутӏрул
Пускъупусал рукӏана.
Инжилалъул ахӏкамал
Эзда кодор хутӏана.
Цинги пускъупусаца
Инжил хисизабуна.
Мунпагӏаталда рекъон,
Таъвил рекъезабуна.
Эл ахӏкамазда жаниб
Гӏемераб хилап ккана.
Мазгьаб-мазгьаб батӏалъун,
Цоцалъ дагӏбаби ккана.
Цинги Румаб парччахӏлъи –
Эб кӏийиде бикьанаӏ99.
Цо шаркъалъул лъугьана,
Цо гъарбалъул лъугьана.
Шаркъияв къираласул
Тах Истамбул букӏана.
Гъарби Италиялъул
Рума шагьар букӏана.
Цинги эзул мазгьабги
Кӏихӏийиде бикьана.
Мазгьабалда жанирги
Мазгьабал гӏемерлъана.
Румаялъул пускъупас
Папал мазгьаб босана.
Эсул мазгьаб ккурав чи
Къатуликлъун лъугьана.
Истанбулалъул батӏрикъ
You have read 1 text from Avar literature.
Next - Дагъистани Адабияб Ирс - 08
- Parts
- Дагъистани Адабияб Ирс - 01
- Дагъистани Адабияб Ирс - 02
- Дагъистани Адабияб Ирс - 03
- Дагъистани Адабияб Ирс - 04
- Дагъистани Адабияб Ирс - 05
- Дагъистани Адабияб Ирс - 06
- Дагъистани Адабияб Ирс - 07
- Дагъистани Адабияб Ирс - 08
- Дагъистани Адабияб Ирс - 09
- Дагъистани Адабияб Ирс - 10
- Дагъистани Адабияб Ирс - 11
- Дагъистани Адабияб Ирс - 12
- Дагъистани Адабияб Ирс - 13
- Дагъистани Адабияб Ирс - 14