🕙 25-minute read
Дагъистани Адабияб Ирс - 06
Each bar represents the percentage of words per 1000 most common words.
Total number of words is 3250
Total number of unique words is 1577
0.0 of words are in the 2000 most common words
0.0 of words are in the 5000 most common words
0.0 of words are in the 8000 most common words
Гьаманида кӏалъана.
Дун эв бичасде щвезе
Хъала баян ахӏана.
Нахъго Хӏизкъил кӏалъана,
Дида нахърилълъайилан.
Аллагьасул нухалда
Дица тӏоритӏилилан.
– Дунялалъул чӏаголъи
Тӏаса унеб жо буго.
Ахиратан абуни
Къарарлъулеб рукъ буго.
Цо квешлъи гьабурасе
Цохӏо жаза гьабила.
Лъикӏлъи гьабурал чагӏи
Алжаналъуре ина.
Пирдавус алжаналде
Нуж ахӏулев дун вуго.
Жужахӏалъул цӏадаве
Дун цӏазехъин нуж руго.
Гьаб дир рагӏи хӏакъаблъи
Нужеда нахъа лъала.
Дица дир хӏалтӏи тӏолго
Аллагьасде тӏамула.
Пиргӏавнил шарралдаса
Бичас Хӏизкъил цӏунана.
Мусае квербакъизе,
Асхӏаблъун эв лъугьана.
Цинги бани исраил
Мусадехун руссана,
Тӏолго асбатӏал рачӏун,
Мусаде иман лъуна.
Гьаман, къарун, къибтӏияз
Пиргӏавнил хьибил ккуна.
Пиргӏавница хӏинкъи кьун,
Эл эсде мутӏигӏлъана.
Гьав Мусал гӏадамаца
Улка пасат гьабунин,
Мунги дур хъанчалги тун,
Аллагьасде руссанин –
Гьадин гьал тогейилан,
Вазирзаби кӏалъана.
Эзий жаза гьабеян,
Гьаманица гьусана.
Эзул лъимал хъвехъизе
Пиргӏавница нух кьуна.
Баниисраилазда
Хӏал гьабизе малъана.
Бани исраилазул
Мусаца ракӏ батана.
Ракӏал бичасда рухьун,
Сабру гьаби малъана.
Бани исраилаца
Мусае рагӏи кьуна,
Хун гурони дудаса
Руссинарин къотӏана.
Мун вачӏинегӏангоги
Нижеда хӏал букӏана.
Пиргӏавнил зулму хӏехьон,
Ниж чӏеларин абуна.
Дуца сабру кьейилан,
Аллагьасда гьардана.
Ниж хвасар гьерейилан,
Бичасе эл хӏелана.
Вахӏю рещтӏун, Мусаца
Эзда рохел бицана.
Залимзаби тӏаса ун,
Нуж тӏокӏлъилин абуна.
Бичас ракъдаллъи тӏамун,
Къибтӏазул пихъ-хур хвана.
Мусал баркат гьечӏони
Щвараблъун эз рикӏкӏана.
Мусада эб квеш букӏун,
Квешаб дугӏа гьабуна.
Гьебсагӏат эзда тӏаде
Тӏупанул гӏаркьел тӏуна.
Шамат къоялъ байбихьун,
Цо анкьица цӏад бана.
Щокъробе щолеб лъадалъ
Къибтӏияб къавм лъедана.
Муса-аварагасде
Эл къибтӏаз ахӏи бана.
Гьанже дуде руссинин
Ниж рахъеян ахӏдана.
Мусаца дугӏа гьабун,
Лъим ракьулъе кӏкӏун ана.
Пихъ-хур бижун улкаги,
Алжан гӏадин, лъугьана.
Мусаде эл руссинчӏо,
Мун сихӏручи вугилан,
Тӏупан тӏейги нижее
Тӏадеги лъикӏ кканилан.
Моцӏидасан Мусаца
Квешаб дугӏа гьабуна.
Эзул пихъ-хур кваназе
Аллагьас гарцӏ битӏана.
Гьаб гарцӏ тӏаса босани,
Божилин эз абуна.
Анкьидасан Мусаца
Дугӏа гьабун, гарцӏ ана.
Нахъе хутӏараб тӏощел –
Гьаб нижее гӏелилан,
Мусаде эл руссинчӏо,
Сихӏру букӏун бугилан.
Моцӏидасан Мусаца
Квешаб дугӏа гьабуна,
Хутӏараб тӏощалида,
Нацӏ бан, тӏолго махӏцана.
Эл руссине къотӏигун,
Дугӏаялъ тӏаса ана.
Нахъойги къотӏи биххун,
Пиргӏавнил къавм къосана.
Моцӏидасан нахъойги
Мусаца квеш гьарана.
Гӏисинаб къверкъ эзда бан,
Кванил тату бахъана.
Руссине къотӏи гьабун,
Къуркъби тӏаса росана.
Бер бухьин бичӏчӏанилан,
Нахъойги эл къосана.
Нахъойги моцӏидасан
Квешаб дугӏа гьабуна,
Къибтӏияз гьекъолаго,
Лъим би гӏадин лъугьана.
Эб би тӏаса босани,
Руссинилан гьедана,
Дуда цадахъ дур тухум
Битӏилин эл кӏалъана.
Мусаца дугӏа гьабун,
Лъим букӏахъе лъугьана.
Нахъойги кантӏичӏого,
Эл гӏорхъудаса ана.
Мусаде вахӏю щвана
Бани исраилгун мун,
Как-дин гьабун, чӏа абун,
Рукъзал къилбалъунги ккун.
Пиргӏавнил къавмалдаса
Мусал цӏакъ хьул къотӏана.
Эл гьалаг гьаре абун,
Бичасда эв гьардана.
Эзул месед-гӏарацги
Гамачӏ лъугьин гьарана.
Гьарун-аварагасги
Элда амин бачана.
Эзул дугӏа къабуллъун,
Бичас Жибрил витӏана.
Пиргӏавнил боял гъанкъун,
Ниж рорчӏилин бицана.
Баниисраилалгун
Дуца рагӏи цо гьабе.
Цо сордоялъ данделъун,
Эзда росу тезабе.
Мисриги тун радакьго
Къватӏир лъугьа абуна.
Сувайш ралъдал рагӏалде
Ун нуж чӏаян абуна.
Баниисраилалгун
Мусал рагӏи цолъана.
Цо сордоялъ данделъун,
Эл къватӏире лъугьана.
Мисриялдаса рахъун,
Сувайшалде жал щвана.
Къулзум ралъдал рагӏалда
Рещтӏун чӏун эл рукӏана.
Сордо рогьун, бакъ баккун,
Цинги Пиргӏавн вахъана.
Баниисраил лъути
Эсда нахъа бичӏчӏана.
Пиргӏавница ахӏи бан,
Гӏадамал ритӏун ана.
Шагьаразде чи витӏун,
Боял данде гьаруна.
Пиргӏавница – малгӏунас
Мусал бо сан гьабичӏо.
Лъабкъоялда анцӏазар
Чи болъун эс рикӏкӏинчӏо.
Цо милонгӏан боги гӏун,
Тӏушман ахӏуд вахъана.
Бакъ баккулеб гӏужалда
Къулзумалде эл щвана.
Эб кӏиябго боялъул
Бер цоцада кӏутӏана.
Тӏаде тушман щванилан,
Мусал бо цӏакъ хӏинкъана.
Аллагь дунгун вугилан,
Муса эзда кӏалъана.
Бичас нуж цӏунилилан,
Ракӏ танкизе гьабуна.
Гьебсагӏат Жибрил вачӏун,
Эсда рохел бицана.
Ралъдалъ гӏанса кьабеян,
Мусахъе вахӏю щвана.
Анцӏила кӏиго бакӏалъ
Ралъдалъ гӏанса кьабуна.
Ралъад рагьун, рикьаби,
Мугӏрул гӏадин, лъугьана.
Анцӏила кӏиго асбатӏ
Эзул бутӏрул рукӏана.
Анцӏила кӏиябго бо
Батӏа-батӏа лъугьана.
Цоцазда рихьизеги
Ралъдалъ гордал рагьана.
Аллагьасул къудраталъ
Бакъвараб нух гьабуна.
Цулъараб барти букӏун,
Пиргӏавн цевехъан лъугьун,
Эл ралъдалъе лъугьана.
Муса-аварагасул
Бо ракъдатӏе бахана.
Пиргӏавнил тӏолго боги
Эб ралъдалъе лъугьана.
Цинги Муса нахъ вуссун,
Ралъдалъ гӏанса кьабуна.
Хъвалхьун букӏараб ралъдал
Рикьаби данделъана.
Ралъдал карачалабалъ
Пиргӏавнил бо гъанкъана.
Гъанкъулаго хьул къотӏун,
Пиргӏавн цӏакъ гӏергӏедана.
Баниисраилаца
Иман лъурав бичасде
Дун вуссанин, вахъеян,
Ахӏдана эв Мусаде.
Мун гӏасилъун, мупсидлъун
Гьанжелъизегӏан вукӏун,
Гьанжейищ вуссиневан,
Жибрил щвана, кӏал гьикъун.
Эс, щокъроб сали речӏчӏун,
Эв гъанкъизе гьавуна.
Пиргӏавнги эсул боги
Жужахӏалъуре ана.
Эс Пиргӏавнил эб балкан
Лъел рагӏалде рехана.
Нахъиязе гӏибратлъун
Гӏадамазда бихьана.
Тӏадегӏанав бичасул
Лъикӏаб къотӏи тӏубана.
Къибтӏиязул ракьалда
Асбатӏал варислъана.
Гьедин тушманзабазда
Мусал кверщел батана.
Жиндирго къавмги бачун,
Кангӏаналде къасд лъуна.
Гӏамалъикъазул росулъ
Цо сордоялъ рещтӏана.
Оцол сураталъе эз
Бетӏер чӏвалеб батана.
Баниисраилазул
Цӏакъ ракӏ элде гьетӏана.
Эзул гӏадаб оцол хъанч
Мусада эз гьарана.
Нуж ахӏмакъаб къавм абун,
Муса эзда семана.
Къосараб гьаб росдаде
Нуж гьетӏуге абуна.
Гьаб тӏолго халкъалдаса
Жинца нуж тӏокӏ гьарурав,
Пиргӏавнил зулму-хӏалги
Нужедаса босарав
Аллагь тун нахъиясе
Бетӏер чӏванищ бегьулеб?
Аллагь гуресе лагълъи
Гьабеянищ абулеб?
Ццин бахъун, вагӏза гьабун,
Муса эзде вагъана.
Цинги эз тавбу гьабун,
Муса тӏасалъугьана.
Кангӏаналда, Шамалда
Капурлъи чӏун букӏана.
Черх чӏахӏиял, ракӏ цӏуял
Гӏамаликъал рукӏана.
Рагъ гьабун эл рахъеян,
Мусахъе вахӏю щвана.
Мусае квербакъизе
Бичас къотӏи гьабуна.
Кангӏаналъул машгьураб
Лъабго шагьар букӏана.
Байт ул-Мукъддасилан,
Арихӏа, Набулусан.
Нухӏда тӏоцебе бугеб
Шагьар Арихӏаялде
Мусаги боги щвана
Эзул цо гӏорхъиялде
Хабар боссе Мусаца
Юшагӏ Калиб витӏана.
Гӏужил жабариназул
Гуч букӏин эзда лъана.
Баниисраилазда
Муса кӏалъана къачӏан,
Бичас амру гьабураб
Ракьалде рилълъа нужан.
Аллагь нилъгун вугилан,
Эзда рохел бицана.
Хӏинкъичӏого Шамалде
Лъугьайилан абуна.
Ниж лъугьанин абун,
Жаваб кьуна эз хӏинкъун.
Нужер иман батани,
Таваккал лъун лъугьаян
Юшагӏ Калиб кӏалъана
Лъугьингун бергьинилан.
Мусал эб амруялде
Эз щибго гӏинтӏамичӏо.
Шамалъул гӏорхъиялде
Лъугьине эзда кӏвечӏо.
Пасикъаб рагӏи бицун,
Мусада эл кӏалъана.
Аллагьгун мун рагъде ун,
Ниж гьанир те абуна.
Я, рабби, гьал чагӏазда
Дир божилъи хванилан,
Дир вацасда гурони
Кверщел гьанже гьечӏилан,
Мусаца эб къавмалъе
Квешаб дугӏа гьабуна.
Пасикъзабаздаса ниж
Ратӏа гьаре абуна.
Кӏикъого сонаца ракь
Эзий хӏарамлъанилан.
Мусахъе вахӏю щвана,
Элда пашманлъугеян.
Тигьалъул авлахъалда
Свердулел эл хутӏана.
Пашманлъун, тавбу гьабун,
Эзул мунагь чурана.
Эб Тигьалда аллагьас
Эзий нигӏматӏал кьуна.
Нахулъ барсун чӏороло,
Пахъухъ рещтӏинабуна.
Мусаца гӏанса кьабун,
Ганчӏилъ иццал раккана.
Анцӏила кӏиго бода
Жинди-жиндир ицц лъана.
Къудраталъул пахъухъгун
Чӏороло эзда чӏалгӏун,
Ниж чӏеларин лъугьана
Цокьераб квенги кванан.
Гӏурччинлъи, охцер, ражи
Бакьинилан абуна.
Лъихалодахъ, пералъухъ
Урхъун ругин кӏалъана.
Мусал эзда ццин бахъун,
Ракӏ къварилъун вагъана.
Къадаралъухъ лъикӏаб квен
Хисугеян семана.
Мисриялдехун ине
Эзда кӏолареблъи лъан,
А абуна энире,
Бокьараб квенги бугин.
Цинги нахъа пашманлъун
Эзул ракӏал хӏеккана.
Бичас къотӏи гьабураб
Тӏехь рещтӏин эз гьарана.
Моцӏил кӏал ккун тӏехь рещтӏин –
Бичас къотӏи гьабуна.
Гьарун халипалъун тун,
Муса Тӏуралде ана.
Лъабкъоялда анцӏго чи
Рищун цадахъ рачана.
Нахъа хадур рачӏаян
Гьарунги боги тана.
Зулкъагӏида моцӏалъул
Тӏоцебесеб къояца
Тӏурисиналдеги щун,
Эб кӏал ккуна Мусаца.
Цо моцӏил кӏал ккун хадуб
Мусаца черх чурана.
Кӏал кквеялъул махӏ ине
Кӏалдиб сивак бахана.
Нахъойги анцӏго кӏал кквей
Бичас эсда тӏад лъуна.
Кӏикъого сордо тӏубан,
Бичасул къотӏи щвана.
Цинги хъахӏаб накӏкӏ бачӏун,
Мегӏер нуралъул цӏуна.
Зобал рагьун Мусада
Малайкзаби рихьана.
Гьоркьов вахӏю кквечӏого,
Аллагь эсда кӏалъана.
Кинабго рахъалдасан
Калам эсда рагӏана.
Аллагь вихьизе хьул лъун,
Муса цӏакъ хӏел-хӏедана.
Хӏехьезе кӏвеларилан,
Аллагь эсда кӏалъана.
Гьаб Тӏурисин мегӏералъ
Дур нур бихьи хӏехьана.
Нахъа дуда дун вихьи
Бегьила мун хвечӏони.
Цинги Муса вигьана,
Хӏехьонгутӏи бичӏчӏана
Дуде вуссанин дунан,
Бичасе рецц гьабуна.
Тӏадегӏанав бетӏергьан
Мусагун гаргадана.
Калимуллагь расуллъун
Тӏаса вищи бицана.
Таврат тӏад хъварал хъарщал
Бичас эсде рещтӏана.
Щукру гьабун, тӏехьалда
Гӏамал гьабе абуна.
Гӏурччин зубаржадалъул
Хъарщазда хъван букӏана.
Шаргӏ-диналъул ахӏкамал
Баян гьарун рукӏана.
Вагӏза-насихӏат эзда
Цӏакъго тӏокӏкӏун букӏана.
Къавмалъе цӏале абун,
Бичас эсда абуна.
Мун щай гӏедегӏараван
Бичас эсда гьикъана.
Къавмалдаса цеве тӏун
Щай вачӏарав абуна.
Мун цӏакъ разилъи бокьун
Бетӏергьан дун хехлъан.
Дир лъалкӏда рачӏа абун,
Боги танин абуна.
Меседил биун тӏураб
Самирил бечеялдеӏ96
Буссун, къосун къавм бугин,
Бицана бичас эсда.
Муса эзда къварилъун,
Ццин бахъун нахъ вуссана.
Таврат хъварал хъарщалгун
Къавмалда аскӏов щвана.
Бачие бетӏер чӏвалел
Меседил биун тӏураб Самирил бечеялде Буссун, къосун къавм бугин, Бицана бичас эсда… –
Синай магӏарда Аллагьгун Муса авараг кӏалъалев вукӏараб мехалъ, Самир абурав чияс гьабун,
жугьутӏаз кӏикъого къоялъ гӏибадат гьабулеб букӏараб Меседил бачил сурат.
Гӏемерисел ратана.
Тӏолго къосинарулев
Самириги ватана.
Хъарщалги гӏодоре ран,
Муса эзде вортана.
Гьарунил мегеж-жал ккун,
Лъикӏалан вехъерхъана.
Дун эз хӏакъир гьавуна,
Эл рортун дун чӏвалилан.
Цинги Самири ахӏун,
Мусаца лагӏнат кьуна.
Гьаб жо щиб жоян абун,
Кӏалги гьикъун, семана.
Сирурабан лъалев чи
Дун вукӏанин кӏалъана.
Жабраиласул чол лъалкӏ
Бихьулаан абуна.
– Цӏаргӏаялъе босараб
Къибтӏазул бекӏмахх букӏун,
Эб месед биун тӏуна,
Гьаб бачил кипги бахъун.
Жибрилил чол лъалкӏдаса
Цо хъат цӏун ракь босана.
Эб бачил кӏалдибе,
Рухӏги лъун, гӏергӏедана.
Муса, нужер бетӏергьан
Гьаб бугилан, кӏалъана.
Муса нух къосун Анин,
Бетӏер чӏваян абуна.
Мунапикъ Самирица
Гьедин жаваб къотӏана.
Дун, напсалда нахъвилълъун,
Къосанин мукӏурлъана.
Дида чи хъваге абун,
Тӏурун мугӏрузде ана.
Сахаватав чи вукӏун
Эв мунапикъ эс чӏвачӏо.
Чӏваялдасаги квешаб
Сири бачӏун вигьинчӏо.
Самирил берда цебе
Эб бече хъун бухӏана.
Бухӏараб рохъо босун
Элъул гӏурулъе бана.
Капурлъун, къосун рукӏин
Эб къавмалда бичӏчӏана.
Гьурмада хъаталги чӏван,
Пашманлъун тӏаде чӏвана.
Тавбу-истигънар гьабун,
Бичасе эл хӏелана.
Цинги Мусал ццин чучун,
Хъарщал кодор росана.
Гьидаят, рахӏматалъул
Таврат эзий цӏалана.
Анлънусазар чиясул
Анцӏила кӏиазарго
Гӏадинав чи хутӏана
Бачий бетӏер чӏвачӏого.
Тавбу гьабизе Муса
Тӏурисиналде ана.
Кӏикъоялда анцӏго чи
Цадахъ рищун рачана.
Цо хъахӏаб накӏкӏги бачӏун,
Мегӏер нуралъул цӏуна.
Тӏадегӏанав бетӏергьан
Мусада гаргадана.
Бачие бетӏер чӏвачӏез
Бетӏер чӏварал гъурила.
Мунагь чури бицана,
Эзул гъуризе чӏани.
Мусал асхӏабзабазда
Аллагь кӏалъай рагӏана.
Аллагь вихьичӏони, ниж
Капурлъилилан чӏана.
Эзда ццин бахъун, бичас
Ракь багъаризабуна.
Зодисан гьаракь гьабун,
Эб гьалмагълъи гъурана.
Гӏакълу дагьал чагӏаца
Гьабураб жо бугилан,
Муса цӏакъ хӏел-хӏедана,
Аллагь тӏасалъугьаян.
Цо сордо-къо хунги бан,
Бичас эзда рухӏ лъуна.
Мусаги элги цадахъ
Къавмалде нахъ руссана.
Цоцаца чӏваян абун,
Бичасул амру щвана.
Лъабкъоялда анцӏазар
Чи цоцаца гъурана.
Цинги Муса гӏодидал,
Аллагь тӏасалъугьана.
Тӏаса хвалченги босун,
Хутӏарал тархъан тана.
Тавбу къабуллъун хадуб
Мусаца эл ахӏана.
Тавраталъул ахӏкамал
Эзда рагӏизаруна.
Тавраталъул ахӏкамал
Эзда бакӏлъун рихьана.
Цойидасан баччизе
Кӏвеларилан кӏалъана.
Жабраилас цо мегӏер,
Накӏкӏ гӏадин, тӏад чӏезабун,
Эз тӏехь къабул гьабуна,
Чӏинтӏизарилин хӏинкъун.
Бащдаб нодо гӏодоб лъун,
Суждаялда рещтӏана.
Цояб берги эз хӏинкъун,
Эб мегӏералда лъуна.
Гьеб хӏалалда хӏалица
Мусаде эл руссана.
Тавраталъул ахӏкамал
Эз хьвадизе гьаруна.
Гьединаб гьеб куцалда
Гӏемерал сонал рана.
Бани-исраилазул
Чӏахӏиял чи тӏагӏана.
Гӏалхуда гӏун, ракӏ цӏакъал
Бахӏарзазул гӏел гӏуна.
Капурлъигун рагъизе
Кколеб куцалде ккана.
Эл бахӏарзалги рачун
Муса вагъизе ана.
Бахӏрилутӏалдеги щун,
Квараниса лъугьана.
Паластӏиналъул къирал
Гӏанакъил Гӏуж вукӏана.
Мусаца эв Гӏужги чӏван,
Мусал боял бергьана.
Нагьришаригӏаялъул
Бакъбаккул рахъ бахъана.
Эзул тӏолго росаби
Мусал кодоре ккана.
Нагьришаригӏаллъун
Урдун рагӏалде щвана.
Арихӏалда данд битӏун
Магӏарде эл рахана.
Эб борхатаб магӏарде
Рахун эл балагьана.
Бичас къотӏи гьабураб
Кангӏан улка бихьана.
Тигьлъул авлахъалда
Гьарун-авараг хвана.
Цинги Арихӏаллъул
Магӏарда Муса хвана.
Муса хвараб къояца
Кӏикъого сон тӏубана.
Тигьалда рукӏаралги
Рорчӏул болъе рачӏана.
Муса холеб мехаца
Эс васигат гьабуна,
Жиндирго халипалъун
Юшагӏ-авараг тана.
Байт ул-Мукъаддасалда
Гӏагараб цо бакӏалда,
Муса-авараг хвана,
Касибул Ахӏмаралда.
Байтулмукъаддасалде
Зиярат цӏакъ рекъана.
Муса-аварагасде
Салат битӏи беццана.
Хӏабибуллагь Тӏагьаде,
Калимуллагь Мусаде,
Нужеца салат битӏе,
Тӏолго илчизабазде.
ЮШАГӏ АВАРАГАСУЛ КЪИСА
Аллагьасул къадар щун,
Муса-авараг хвана.
Баниисраилазул
Халипа Юшагӏ тана.
Муса-аварагги хун,
Лъабго къо бан букӏана.
Юшагӏица асбатӏал
Тигьалдаса рачана.
Нагьришаригӏаллъул
Рагӏалалде эл щвана.
Эб Урдуналъул гӏор эз
Мугӏжизаталъ бахана.
Байт ул-Мукъаддасалъул
Ракьалде эл лъугьана.
Арихӏаялъул шагьар
Рагъ гьабун эз бахъана.
Арихӏа бахъулаго,
Бакъ эсий нахъ буссана.
Шамат сордо щвелалде
Бакъ тӏерхьинчӏого чӏана
Эл баниисраилал
Гӏорхъудаса рорчӏана.
Умумузул букӏараб
Кангӏаналде рачана.
Юсуп рехун вукӏараб
Гъуй сверухъ эв вукъана.
Цинги рагъул кор боркьун,
Набулус эз бахъана.
Цинги эв Юшагӏица
Шамалъул ракь босана.
Мисриялда, Шамалда
Эсул кверщел батана.
Киналго улкабазде
Наибзаби ритӏана.
Нусиялда анцӏго сон
Юшагӏица тӏубана.
Къоло микьго сонаца
Эс хӏукумат гьабуна.
Цинги къадаралде щун,
Ахираталде ана.
Магӏарраталда вукъун,
Хоб зиярат лъугьана.
Цинги цоцазда хадур
Хӏакимзаби рачӏана.
Баниисраилазе
Эз бетӏерлъи гьабуна.
Цо-цо мехалъ мутӏигӏлъун,
Шаргӏалда хьвадулаан.
Цо-цо мехалъ гӏасилъун,
Эз шаригӏат толаан.
Эз шаригӏ тарабщинахъе
Эзде балагь бачӏана.
Тушманлъи тӏаде тӏамун,
Аллагьас эл квегъана.
Батӏи-батӏияб балагь
Бичас эзде биччана.
Хӏаким-бетӏер гьечӏого,
Цо мехалъ эл хутӏана.
Цинги эз тавбу гьабун,
Диналде руссунаан.
Аллагьасде руссиндал,
Балагь тӏаса унаан.
Цинги тӏарамагъада
Шамвил авараглъана.
Анцӏила цо сонаца
Эс хӏакимлъи гьабуна.
Муса хун ункънусго сон
Заман бахъун букӏана.
Хӏукамазул заман ун,
Мулукал загьирлъана.
Паластӏиналда хутӏун,
Гӏамаликъал рукӏана.
Баниисраилазда
Эб къавм бергьун букӏана.
Баниисраил цолъун,
Шамвилихъе рачӏана.
Гӏамаликъал гъуризе
Цо парччахӏ эз гьарана.
Эс эзие маликлъун
Тӏалут тӏасавищана.
Тӏоцевесев падишагь
Тӏалут эзий лъугьана.
Тӏалут мискинчиян эл
Рекъечӏого рукӏана.
Къабул гьавиларилан,
Шамвилихъе эл ана.
Шамвилица эзие
Цӏакъаб насихӏат кьуна.
Гӏелмуялъулъ, черхалъулъ
Тӏалут тӏокӏлъи бицана.
Падишагьлъун аллагьас
Тӏалут танин абуна.
Аллагьас бокьарав чи
Парччахӏ толин кӏалъана.
Эсул парччахӏлъиялъе
Эз мугӏжизат гьарана.
Малаикзабаз бачун,
Мусал табут бачӏана.
Эб гъамасалда жаниб,
Мусал гӏанса букӏана.
Мусал, Гьарунил ретӏел,
Аманатал рукӏана.
Тӏолго аварагзаби
Хъвараб сурат букӏана.
Нилъер аварагасул
Суратги хъван букӏана.
Эб гъамас бугеб бое
Бергьенлъи хӏакълъулаан,
Ракӏчӏун бо хӏинкъичӏого
Тушмангун багъулаан.
Эб мугӏжизат бихьидал,
Тӏалутиде руссана.
Жалутил бо гъуризе
Гъазаялде къачӏана.
Лъабкъоялда анцӏазар
Чи эс тӏаса вищана.
Къуддусалдаса рахъун,
Паластӏиналде щвана.
Цӏакъ бухӏараб мехаца
Къватӏире эл лъугьана.
Нухда эзул лъим тӏагӏун,
Къечон лъим эз гьарана.
Аллагьас гӏор кьелилан
Тӏалутица бицана.
Цо хъат цӏун гурони лъим
Гьекъогеян кӏалъана.
Нужер бичас кӏал бихьун,
Гьале гӏоран абуна.
Гӏор бихьигун гӏадаллъун,
Эз гӏемер лъим гьекъана.
Цо дагьалго чагӏаца
Тӏалутил амру ккуна.
Лъим гьекъарал чагӏазул
Рекӏелъе хӏинкъи ккана.
Жалутил богун рагъун
Хӏал кӏоларин кӏалъана.
Лъим гьекъечӏел бахӏарзал
Элда кьварун кӏалъана.
Бичасул амруялда
Нилъ бергьинин абуна.
Аллагьас квербакъани,
Цӏакъ дагьаб бо бергьуна.
Гӏемераб боялдаса –
Гьеб жо гӏемер лъугьуна.
Эзул насихӏаталде
Эб цӏуяб жо буссинчӏо.
Гӏурул рагӏалда чӏана,
Рагъде эзул ракӏ инчӏо.
Тӏалутгун гӏор бахарав
Лъабнусго чи лъугьана.
Анцӏила кӏиго вацгун
Ишал Давуд вукӏана.
Эл бахӏарзалги рачун,
Тӏалут рагъде вилълъана.
Жалутил бо данде ккун,
Рагъ гьабизе къачӏана.
Жалутил урдуялда
Нусазар чи вукӏана.
Бусурбабаз бичасде
Сабру-нусрат гьарана.
Аздагьодул суратгун
Жалут цеве вахъана.
Хвалчад вахъайин абун,
Тӏалутиде ахӏдана.
Тӏалутил амруялда,
Давуд данде вахъана.
Аслан гӏадин тӏаделъун,
Жалут кӏихӏи къотӏана.
Эб Тӏалутил боялъе
Бичас цӏакъ квербакъана.
Шамвилил мугӏжизаллъун
Жалутил бо биххана.
Жалут чӏварав чиясе
Яс кьезе къотӏи ккана.
Давуд дурцлъун гьавуна,
Тӏалутица ясги кьун.
Паластӏиналъул улка
Тӏалутица бахъана.
Гӏамаликъаб къавмалъул
Къуват хвезе гьабуна.
Цинги къадаралде щун,
Шамвил-авараг хвана.
Тӏолго баниисраил
Давудихъ балагьана.
Тӏалутил жахӏдаллъи ккун,
Давуд чӏвазе гьесана.
Давуд, эсдаса лъутун,
Цо рахъалда вахчана.
Нахъго гӏамаликъазул
Къуватал данделъана.
Элгун рагъ гьабулаго,
Тӏалут шагьид лъугьана.
Тӏалутги хун, парччахӏлъун
Тӏалутил вас гьавуна.
Асбатӏазул цо тамун
Давудиде руссана.
Нахъа, киналго рекъон,
Тӏалутил вас реххана.
Тӏолгояца паччахӏлъун
Давуд-авараг тана.
ДАВУД-АВАРАГСУЛ КЪИСА
Давуд-аварагасул
Эмен Иша вукӏана.
Ягӏкъубил вас Ягьудал
Наслуялъул вукӏана.
Авараглъи-парччахӏлъи
Батӏа-батӏа букӏана.
Давуд аварагасе
Бичас кӏиябго кьуна.
Байтулмукъаддас бахъун,
Тахиде эв вахана.
Гӏамман, Хӏалаб,
Нассибин, Эрменистан бахъана.
Вагӏза-насихӏаталъе
Забур эсде рещтӏана.
Тавраталъул ахӏкамал
Эс хьвадизе гьаруна.
Аллагьас Давудие
Берцинаб гьаракь кьуна.
Эс забур цӏалулаго,
Асар лъугьун чи хвана.
Эвгун цадахъ мугӏруца
Субхӏанааллагь бачана.
Къаси-къад хӏанчӏи рачӏун,
Цадахъ зикру гьабуна.
Булбул хӏанчӏил бо бачӏун,
Гьаркьихъ гӏенеккулаан.
Эсул гьаркьихъ ракӏ биун,
Гӏемер булбул холаан.
Хӏанчӏазул, хӏайваназул
Мацӏ лъан эв гаргадана.
Къолдаби рессизе махх
Эсие тамахлъана.
Бичас гӏелму, хӏикмат кьун,
Давуд цӏакъ тӏокӏ гьавуна.
Витӏарав-тӏекъав лъазе,
Гӏадлудул хӏукму кьуна.
Авараглъи-парччахӏлъи
Эсие данделъана.
Эс капурлъи цӏакъ гъурун,
Бидул хӏорал чвахана.
Эсда квер базе кӏолев
Капурчи чӏаго течӏо.
Шамалда, Кангӏаналда
Вуссинчӏев чи хутӏичӏо.
Парччахӏ лъугьун Давудил
Кӏикъого сон тӏубана,
Щунусиялда лъеберго
Лъагӏел Тӏалут хун бана.
Цинги къадаралде щун,
Давуд-авараг хвана.
Давудил вас Сулайман
Халипалъун лъугьана.
СУЛАЙМАН-АВАРАГСУЛ КЪИСА
Анцӏила кӏиго лъагӏун
Сулайманил букӏана.
Авараглъун-парччахӏлъун
Аллагьас эв гьавуна.
Давуд-авараг хвейгун,
Халипалъун лъугьана.
Инсул тахиде вахун,
Халкъ эсде мутӏигӏлъана.
Халипалъун ункъо сон
Сулайманил тӏубана.
Инсул васигаталда
Байтулмукъаддас бана.
Мармар, жавгьар, меседил
Масжид ул-Акъса бана.
Ункъо соналда жаниб
Эс эб лъугӏизабуна.
Цинги эс Къуддусалда
Цӏакъал кӏалгӏаби рана.
Анцӏила лъабго соналъ
Минаби эс гӏуцӏана.
Гӏадамазда-жундузда
Эсул хӏукму хьвадана.
Тӏолго дуниялда
Эсул кверщел батана.
Киналго парччахӏзаби
Эсул кверде рачӏана.
Шайтӏаби, Гӏиприт, женал
Эсие гьарудана.
Цо сагӏаталда жаниб
Эз хъулби ран кьолаан.
Маржан-жагьвар бахъизе,
Ралъдалъ эл рукъулаан.
Эсие хилиплъизе
Жундузда кӏолароан.
Лъутун араб жен бичас,
Цӏа речӏчӏун, бухӏулаан.
Гьаваялда гьороца
Сулайман хьвадулаан.
Эвги эсул боялги
Гьороца рачунаан.
Бакъ баккун къалъизегӏан,
Цо моцӏил нух толаан.
Къалъун бакъ тӏерхьинегӏан
Цоги моцӏрол толаан.
Бокьаралъув рещтӏине
Гьороца гьавулаан.
Рухӏ-чӏаголъиялъул моцӏ
Эсда бичӏчӏун лъалаан.
Кинабго рухӏчӏаголъи
Эсул кверде буссана.
Эсий хъулухъ гьабулеб
Хӏанчӏазул бо букӏана.
Гӏелму, гӏадлу, давлат кьун,
Бичас эв тӏокӏ гьавуна.
Нигӏматалги рихьун гьев,
Щукру гьабун, кӏалъана.
Гӏадамазул, жундузул,
Хӏанчӏазул боял рачун,
Маккаялде эв ана,
Кагӏбаялде хӏеж гьабун.
Мухӏамад-Хӏабибасул
Гьижраялъул ракь абун,
Мадинаялде ана
Ахӏмадил хъатир гьабун.
Цинги кьурун нахъ вуссун
Тӏаипаялде вачӏана.
Вадиннамли абураб
Кӏкӏалахъе эв лъугьана.
Цӏунцӏрабазул гохӏазул
Цӏураб кӏкӏал эб букӏана.
Цӏунцӏрабазул бетӏералъ
Цӏунцӏрабазда абуна,
Сулаймангун бояз нуж
Мерхьинилан, лъачӏого.
Рукӏнире лъугьайилан
Кӏалъана танбигь гьабун,
Цӏунцӏрадул эб рагӏуда
Эв Сулайман гьимана.
Нигӏматазда шукру лъун,
Цӏобал гьарун кӏалъана.
Гьудгьуд эсий къваригӏун
Батичӏого гьикъана.
Хабар босун щвечӏони,
Эб хъвелилан гьедана.
Цо дагьаб мех гьоркьоб ун,
Гьудгьуд эсухъе щвана.
Мун нахъ регӏичӏеб хабар
Лъан бачӏинин абуна.
Сабаъ парччахӏ Балкъисил
Хӏал-хӏукму элъ бицана.
Бакъалъе бетӏер чӏвалеб
Къавм эб бугин кӏалъана.
Цӏакъ бечедай, гуч бугей
Парччахӏ йигин абуна.
Кӏудияб тахбакӏида
Йигин эян бицана.
Цинги Сулайманица
Гьудгьудалда абуна,
Дур эб рагӏул мухӏканлъи
Хӏал бихьизе кӏалъана.
Сулайманил рахъалъан
Эзде бисмилагь хъвана
Чучичӏого иман лъун.
Рачӏаян кагъат кьуна.
Гьаб кагъатгун эзде ун,
Рехеян эб битӏана.
Цинги хӏалахъ балагьун,
Нахъе цӏан чӏа абуна.
Сулайманил рахъалъан
Хъвараб кагъатги босун,
Гьудгьуд-хӏинчӏ боржун ана
Сабаалде балагьун.
Балкъисил тахбакӏиде
Элъ эб кагъат рехана.
Эз щибдай гьабилаян,
Рикӏкӏадасан хал ккуна.
Кодобе босун кагъат
Балкъисица цӏалана.
Эб Сулайманил кагъат
Букӏин элда бичӏчӏана.
Гьебсагӏат Балкъисица
Вазирзаби ахӏана.
Гьаб кагътил патва къотӏун,
Дихъе кьеян абуна.
Рагъищ, рекъелищ лъикӏан
Элъ бутӏрузда гьикъана.
Боцӏулги, болги къуват
Гӏелищан эй кӏалъана.
Эл бутӏруца элъие
Кьварараб рагӏи кьуна.
Гуч гӏун бугин, рагъизе
Пурман кьеян абуна.
Цинги гӏакъилай Балкъис
Нахъе ургъун кӏалъана.
Парччахӏзаби лъугьараб
Улка холин абуна.
Бергьарал парччахӏзабаз
Улка хараб гьабула.
Тӏадегӏанал чагӏи эз
Гӏодорегӏан гьарула.
Дица Сулаймание
Сайигъат битӏилилан,
Балкъисица къотӏана,
Нуж гӏенеккун чӏайилан.
Сайигъат босун чагӏи
Сулайманихъе щвана.
Месед-гӏарцул кӏалгӏаби
Сулайманил ратана.
Месед, гӏарац, жавгьарул
Сайигъат эс нахъ чӏвана.
Нужерго сайигъатгун
Нужго роха абуна.
Бусурманлъун дир кверде
Рачӏаян эл ритӏана.
Чӏахӏиял боялгун ун,
Басра гьари бищана.
Нахъ руссун эл гӏадамал
Балкъисихъе рачӏана.
Сулайманил гуч-къуват
Эз элда лъазабуна.
Сулайманил кверде ин
Балкъисица къотӏана.
Кинабго боги бачун,
Къватӏие эй лъугьана.
Балкъисил бодул хабар
Босун гьудгьуд бачӏана.
Гӏалимзаби ракӏарун,
Сулайман цӏакъ кӏалъана.
Эб бодухъе щвелалде
Элъул тах щвезабизе
Лъида кӏвелебин абун,
Кӏалъана хӏалбихьизе.
Дида кӏвелилан абун,
Гӏиприт-женалъ абуна.
Бер къвакизегӏан мехалъ
Щвезабилин къотӏана.
Эс исмун агӏзам цӏалун,
Балкъисил тах бачӏана.
Балкъисил тахбакӏудул
Эс кьер хисизабуна.
Балкъисида лъалищан
Хӏалбихьизе бокьана.
Гьадинабищ тахбакӏу
Дур бугебан гьикъана.
Гьаб тах бугин эб абун,
Балкъисида эб лъана.
Сулайманил мугӏжизат
Бихьун элъул ракӏчӏана.
Тӏад цӏер тӏикъвараб лъелъан
Сараялде ячана.
Гӏицӏаб лъинан элда ккун,
Махӏаби элъ гурана.
Тӏад матӏу ккураб лъинан
Эв элдехун кӏалъана.
Сулайманикьа нечон
Балкъис гӏодой тӏерхьана.
Капурлъун зулмуялда
Дун йикӏин дида лъана.
Сулаймангун бичасде
Дун йиссанин кӏалъана.
Сулайманица Балкъис,
Магьари лъун, ячана.
Цинги Сулаймание
Элдасан хъизан щвана.
Илхъиялъухъ балагьун,
Бакъаникак хутӏана.
Какил капараталъе,
Илхъи хъун, эс бикьана.
Гьеб сабаблъун аллагьас
Рекӏине гьури кьуна.
Тӏолго халкъ мукӏурлъулеб
Мугьру эсухъе ккана.
Нусайгоги лъадухъе
Цо сордоялъ гьев ана.
Гъазаялъе нусго вас
Гьавейилан гьедана.
Иншааллагь кӏочон тун,
Эсул эб гьа биххана.
Рухӏ гьечӏеб цохӏо лъимер
Тахбакӏиде рехана.
Бичасде цӏакъ вуссун эс
Цӏакъаб дугӏа гьабуна.
Нахъиязе кьелареб
Парччахӏлъи эсий кьуна.
Авараглъун, парччахӏлъун
Эс кӏикъого сон бана.
Цинги къадаралде щун,
Къуддусалда вукъана.
ПАРЧЧАХӏЗАБАЗУЛ КЪИСА
Сулайман-авараг хун,
Халипалъун вас тана.
Ягьуда, Биняминил
Сибтӏал эсде руссана.
Баниисраилазул
Анцӏила кӏиго тухум.
Эл кӏийиде рикьана,
Кӏиго парччахӏлъи гьавун.
Эзул кӏиго тухумалъ
Сулайманил вас тана.
Анцӏго тухум батӏалъун,
Апрамил сибтӏ тана.
Гьеб куцалда асбатӏал
Кӏиго дивлит лъугьана.
Асбатӏ Ягьуда абун,
Эзда цӏаралги лъуна.
Ягьуда-парччахӏ абун,
Сулайманил вас тана.
Байт ул-Мукъаддасалда
Эв тахиде вахана.
Кинабго бусурманлъи
Эсде гьетӏун букӏана.
Киналго гӏалимзаби
Эсде мутигӏ рукӏана.
Кӏиго тухум гурони
Эсдехун чи вуссинчӏо.
Кинниги шаргӏ цӏунарав
Эв гурони вукӏинчӏо.
Эсул къадру-даража
Цӏакъ тӏадегӏан букӏана.
Киналго шайихзаби
Эсде руссун рукӏана.
Байт ул-Мукъаддасалде
Зиярат гьабулаан.
Сахратуллагь къиблалъун,
Киназго как балаан.
Мусал Тавратгун гӏанса
Эсда кодоб букӏана.
Киналго аманатал
Эсухъ цӏунун рукӏана.
Асбатӏ-парччахӏасул тах
Наблусалда букӏана.
Сабтӏия шагьарги бан,
Цинги тах эниб лъуна.
Сибтӏазул анцӏго тухум
Эзда кодобе ккана.
Кинниги гӏадлу гьечӏел
Гӏадамал эл лъугьана.
Шаригӏаталда рекъон,
Хӏукму гьаби дагьлъана.
Байт ул-Мукъаддасалде
Зияратги эз тана.
Бусурбабазда жаниб
Эсул къадру дагьлъана.
Парччахӏасде гӏасияв
Шагьлъун эз эв рикӏкӏана.
Цинги эл асбатӏаца
Мусал шаригӏат тана.
Багӏлу хъанчий бетӏер чӏван,
Гӏемерисел къосана.
Байтулмукъаддасалда
Шаригӏат лъикӏ букӏана.
Гъорлъ чагӏи чарлъаниги,
Гӏалимзаби рукӏана.
Масжидул Акъсаялда
Эз Таврат цӏалулаан.
Забуралъул аятал
Рагӏун, эл гӏодулаан.
Гьеле гьебмехацайин
Бичас Иляс витӏарав,
Асбатӏал тӏоритӏизе
Хадув Алясагӏ щварав.
ИЛЯСИЛГИ АЛЯСАГӏИЛГИ КЪИСА
Бичас Иляс-авараг
Асбатӏазде витӏана.
Дун эв бичасде щвезе
Хъала баян ахӏана.
Нахъго Хӏизкъил кӏалъана,
Дида нахърилълъайилан.
Аллагьасул нухалда
Дица тӏоритӏилилан.
– Дунялалъул чӏаголъи
Тӏаса унеб жо буго.
Ахиратан абуни
Къарарлъулеб рукъ буго.
Цо квешлъи гьабурасе
Цохӏо жаза гьабила.
Лъикӏлъи гьабурал чагӏи
Алжаналъуре ина.
Пирдавус алжаналде
Нуж ахӏулев дун вуго.
Жужахӏалъул цӏадаве
Дун цӏазехъин нуж руго.
Гьаб дир рагӏи хӏакъаблъи
Нужеда нахъа лъала.
Дица дир хӏалтӏи тӏолго
Аллагьасде тӏамула.
Пиргӏавнил шарралдаса
Бичас Хӏизкъил цӏунана.
Мусае квербакъизе,
Асхӏаблъун эв лъугьана.
Цинги бани исраил
Мусадехун руссана,
Тӏолго асбатӏал рачӏун,
Мусаде иман лъуна.
Гьаман, къарун, къибтӏияз
Пиргӏавнил хьибил ккуна.
Пиргӏавница хӏинкъи кьун,
Эл эсде мутӏигӏлъана.
Гьав Мусал гӏадамаца
Улка пасат гьабунин,
Мунги дур хъанчалги тун,
Аллагьасде руссанин –
Гьадин гьал тогейилан,
Вазирзаби кӏалъана.
Эзий жаза гьабеян,
Гьаманица гьусана.
Эзул лъимал хъвехъизе
Пиргӏавница нух кьуна.
Баниисраилазда
Хӏал гьабизе малъана.
Бани исраилазул
Мусаца ракӏ батана.
Ракӏал бичасда рухьун,
Сабру гьаби малъана.
Бани исраилаца
Мусае рагӏи кьуна,
Хун гурони дудаса
Руссинарин къотӏана.
Мун вачӏинегӏангоги
Нижеда хӏал букӏана.
Пиргӏавнил зулму хӏехьон,
Ниж чӏеларин абуна.
Дуца сабру кьейилан,
Аллагьасда гьардана.
Ниж хвасар гьерейилан,
Бичасе эл хӏелана.
Вахӏю рещтӏун, Мусаца
Эзда рохел бицана.
Залимзаби тӏаса ун,
Нуж тӏокӏлъилин абуна.
Бичас ракъдаллъи тӏамун,
Къибтӏазул пихъ-хур хвана.
Мусал баркат гьечӏони
Щвараблъун эз рикӏкӏана.
Мусада эб квеш букӏун,
Квешаб дугӏа гьабуна.
Гьебсагӏат эзда тӏаде
Тӏупанул гӏаркьел тӏуна.
Шамат къоялъ байбихьун,
Цо анкьица цӏад бана.
Щокъробе щолеб лъадалъ
Къибтӏияб къавм лъедана.
Муса-аварагасде
Эл къибтӏаз ахӏи бана.
Гьанже дуде руссинин
Ниж рахъеян ахӏдана.
Мусаца дугӏа гьабун,
Лъим ракьулъе кӏкӏун ана.
Пихъ-хур бижун улкаги,
Алжан гӏадин, лъугьана.
Мусаде эл руссинчӏо,
Мун сихӏручи вугилан,
Тӏупан тӏейги нижее
Тӏадеги лъикӏ кканилан.
Моцӏидасан Мусаца
Квешаб дугӏа гьабуна.
Эзул пихъ-хур кваназе
Аллагьас гарцӏ битӏана.
Гьаб гарцӏ тӏаса босани,
Божилин эз абуна.
Анкьидасан Мусаца
Дугӏа гьабун, гарцӏ ана.
Нахъе хутӏараб тӏощел –
Гьаб нижее гӏелилан,
Мусаде эл руссинчӏо,
Сихӏру букӏун бугилан.
Моцӏидасан Мусаца
Квешаб дугӏа гьабуна,
Хутӏараб тӏощалида,
Нацӏ бан, тӏолго махӏцана.
Эл руссине къотӏигун,
Дугӏаялъ тӏаса ана.
Нахъойги къотӏи биххун,
Пиргӏавнил къавм къосана.
Моцӏидасан нахъойги
Мусаца квеш гьарана.
Гӏисинаб къверкъ эзда бан,
Кванил тату бахъана.
Руссине къотӏи гьабун,
Къуркъби тӏаса росана.
Бер бухьин бичӏчӏанилан,
Нахъойги эл къосана.
Нахъойги моцӏидасан
Квешаб дугӏа гьабуна,
Къибтӏияз гьекъолаго,
Лъим би гӏадин лъугьана.
Эб би тӏаса босани,
Руссинилан гьедана,
Дуда цадахъ дур тухум
Битӏилин эл кӏалъана.
Мусаца дугӏа гьабун,
Лъим букӏахъе лъугьана.
Нахъойги кантӏичӏого,
Эл гӏорхъудаса ана.
Мусаде вахӏю щвана
Бани исраилгун мун,
Как-дин гьабун, чӏа абун,
Рукъзал къилбалъунги ккун.
Пиргӏавнил къавмалдаса
Мусал цӏакъ хьул къотӏана.
Эл гьалаг гьаре абун,
Бичасда эв гьардана.
Эзул месед-гӏарацги
Гамачӏ лъугьин гьарана.
Гьарун-аварагасги
Элда амин бачана.
Эзул дугӏа къабуллъун,
Бичас Жибрил витӏана.
Пиргӏавнил боял гъанкъун,
Ниж рорчӏилин бицана.
Баниисраилалгун
Дуца рагӏи цо гьабе.
Цо сордоялъ данделъун,
Эзда росу тезабе.
Мисриги тун радакьго
Къватӏир лъугьа абуна.
Сувайш ралъдал рагӏалде
Ун нуж чӏаян абуна.
Баниисраилалгун
Мусал рагӏи цолъана.
Цо сордоялъ данделъун,
Эл къватӏире лъугьана.
Мисриялдаса рахъун,
Сувайшалде жал щвана.
Къулзум ралъдал рагӏалда
Рещтӏун чӏун эл рукӏана.
Сордо рогьун, бакъ баккун,
Цинги Пиргӏавн вахъана.
Баниисраил лъути
Эсда нахъа бичӏчӏана.
Пиргӏавница ахӏи бан,
Гӏадамал ритӏун ана.
Шагьаразде чи витӏун,
Боял данде гьаруна.
Пиргӏавница – малгӏунас
Мусал бо сан гьабичӏо.
Лъабкъоялда анцӏазар
Чи болъун эс рикӏкӏинчӏо.
Цо милонгӏан боги гӏун,
Тӏушман ахӏуд вахъана.
Бакъ баккулеб гӏужалда
Къулзумалде эл щвана.
Эб кӏиябго боялъул
Бер цоцада кӏутӏана.
Тӏаде тушман щванилан,
Мусал бо цӏакъ хӏинкъана.
Аллагь дунгун вугилан,
Муса эзда кӏалъана.
Бичас нуж цӏунилилан,
Ракӏ танкизе гьабуна.
Гьебсагӏат Жибрил вачӏун,
Эсда рохел бицана.
Ралъдалъ гӏанса кьабеян,
Мусахъе вахӏю щвана.
Анцӏила кӏиго бакӏалъ
Ралъдалъ гӏанса кьабуна.
Ралъад рагьун, рикьаби,
Мугӏрул гӏадин, лъугьана.
Анцӏила кӏиго асбатӏ
Эзул бутӏрул рукӏана.
Анцӏила кӏиябго бо
Батӏа-батӏа лъугьана.
Цоцазда рихьизеги
Ралъдалъ гордал рагьана.
Аллагьасул къудраталъ
Бакъвараб нух гьабуна.
Цулъараб барти букӏун,
Пиргӏавн цевехъан лъугьун,
Эл ралъдалъе лъугьана.
Муса-аварагасул
Бо ракъдатӏе бахана.
Пиргӏавнил тӏолго боги
Эб ралъдалъе лъугьана.
Цинги Муса нахъ вуссун,
Ралъдалъ гӏанса кьабуна.
Хъвалхьун букӏараб ралъдал
Рикьаби данделъана.
Ралъдал карачалабалъ
Пиргӏавнил бо гъанкъана.
Гъанкъулаго хьул къотӏун,
Пиргӏавн цӏакъ гӏергӏедана.
Баниисраилаца
Иман лъурав бичасде
Дун вуссанин, вахъеян,
Ахӏдана эв Мусаде.
Мун гӏасилъун, мупсидлъун
Гьанжелъизегӏан вукӏун,
Гьанжейищ вуссиневан,
Жибрил щвана, кӏал гьикъун.
Эс, щокъроб сали речӏчӏун,
Эв гъанкъизе гьавуна.
Пиргӏавнги эсул боги
Жужахӏалъуре ана.
Эс Пиргӏавнил эб балкан
Лъел рагӏалде рехана.
Нахъиязе гӏибратлъун
Гӏадамазда бихьана.
Тӏадегӏанав бичасул
Лъикӏаб къотӏи тӏубана.
Къибтӏиязул ракьалда
Асбатӏал варислъана.
Гьедин тушманзабазда
Мусал кверщел батана.
Жиндирго къавмги бачун,
Кангӏаналде къасд лъуна.
Гӏамалъикъазул росулъ
Цо сордоялъ рещтӏана.
Оцол сураталъе эз
Бетӏер чӏвалеб батана.
Баниисраилазул
Цӏакъ ракӏ элде гьетӏана.
Эзул гӏадаб оцол хъанч
Мусада эз гьарана.
Нуж ахӏмакъаб къавм абун,
Муса эзда семана.
Къосараб гьаб росдаде
Нуж гьетӏуге абуна.
Гьаб тӏолго халкъалдаса
Жинца нуж тӏокӏ гьарурав,
Пиргӏавнил зулму-хӏалги
Нужедаса босарав
Аллагь тун нахъиясе
Бетӏер чӏванищ бегьулеб?
Аллагь гуресе лагълъи
Гьабеянищ абулеб?
Ццин бахъун, вагӏза гьабун,
Муса эзде вагъана.
Цинги эз тавбу гьабун,
Муса тӏасалъугьана.
Кангӏаналда, Шамалда
Капурлъи чӏун букӏана.
Черх чӏахӏиял, ракӏ цӏуял
Гӏамаликъал рукӏана.
Рагъ гьабун эл рахъеян,
Мусахъе вахӏю щвана.
Мусае квербакъизе
Бичас къотӏи гьабуна.
Кангӏаналъул машгьураб
Лъабго шагьар букӏана.
Байт ул-Мукъддасилан,
Арихӏа, Набулусан.
Нухӏда тӏоцебе бугеб
Шагьар Арихӏаялде
Мусаги боги щвана
Эзул цо гӏорхъиялде
Хабар боссе Мусаца
Юшагӏ Калиб витӏана.
Гӏужил жабариназул
Гуч букӏин эзда лъана.
Баниисраилазда
Муса кӏалъана къачӏан,
Бичас амру гьабураб
Ракьалде рилълъа нужан.
Аллагь нилъгун вугилан,
Эзда рохел бицана.
Хӏинкъичӏого Шамалде
Лъугьайилан абуна.
Ниж лъугьанин абун,
Жаваб кьуна эз хӏинкъун.
Нужер иман батани,
Таваккал лъун лъугьаян
Юшагӏ Калиб кӏалъана
Лъугьингун бергьинилан.
Мусал эб амруялде
Эз щибго гӏинтӏамичӏо.
Шамалъул гӏорхъиялде
Лъугьине эзда кӏвечӏо.
Пасикъаб рагӏи бицун,
Мусада эл кӏалъана.
Аллагьгун мун рагъде ун,
Ниж гьанир те абуна.
Я, рабби, гьал чагӏазда
Дир божилъи хванилан,
Дир вацасда гурони
Кверщел гьанже гьечӏилан,
Мусаца эб къавмалъе
Квешаб дугӏа гьабуна.
Пасикъзабаздаса ниж
Ратӏа гьаре абуна.
Кӏикъого сонаца ракь
Эзий хӏарамлъанилан.
Мусахъе вахӏю щвана,
Элда пашманлъугеян.
Тигьалъул авлахъалда
Свердулел эл хутӏана.
Пашманлъун, тавбу гьабун,
Эзул мунагь чурана.
Эб Тигьалда аллагьас
Эзий нигӏматӏал кьуна.
Нахулъ барсун чӏороло,
Пахъухъ рещтӏинабуна.
Мусаца гӏанса кьабун,
Ганчӏилъ иццал раккана.
Анцӏила кӏиго бода
Жинди-жиндир ицц лъана.
Къудраталъул пахъухъгун
Чӏороло эзда чӏалгӏун,
Ниж чӏеларин лъугьана
Цокьераб квенги кванан.
Гӏурччинлъи, охцер, ражи
Бакьинилан абуна.
Лъихалодахъ, пералъухъ
Урхъун ругин кӏалъана.
Мусал эзда ццин бахъун,
Ракӏ къварилъун вагъана.
Къадаралъухъ лъикӏаб квен
Хисугеян семана.
Мисриялдехун ине
Эзда кӏолареблъи лъан,
А абуна энире,
Бокьараб квенги бугин.
Цинги нахъа пашманлъун
Эзул ракӏал хӏеккана.
Бичас къотӏи гьабураб
Тӏехь рещтӏин эз гьарана.
Моцӏил кӏал ккун тӏехь рещтӏин –
Бичас къотӏи гьабуна.
Гьарун халипалъун тун,
Муса Тӏуралде ана.
Лъабкъоялда анцӏго чи
Рищун цадахъ рачана.
Нахъа хадур рачӏаян
Гьарунги боги тана.
Зулкъагӏида моцӏалъул
Тӏоцебесеб къояца
Тӏурисиналдеги щун,
Эб кӏал ккуна Мусаца.
Цо моцӏил кӏал ккун хадуб
Мусаца черх чурана.
Кӏал кквеялъул махӏ ине
Кӏалдиб сивак бахана.
Нахъойги анцӏго кӏал кквей
Бичас эсда тӏад лъуна.
Кӏикъого сордо тӏубан,
Бичасул къотӏи щвана.
Цинги хъахӏаб накӏкӏ бачӏун,
Мегӏер нуралъул цӏуна.
Зобал рагьун Мусада
Малайкзаби рихьана.
Гьоркьов вахӏю кквечӏого,
Аллагь эсда кӏалъана.
Кинабго рахъалдасан
Калам эсда рагӏана.
Аллагь вихьизе хьул лъун,
Муса цӏакъ хӏел-хӏедана.
Хӏехьезе кӏвеларилан,
Аллагь эсда кӏалъана.
Гьаб Тӏурисин мегӏералъ
Дур нур бихьи хӏехьана.
Нахъа дуда дун вихьи
Бегьила мун хвечӏони.
Цинги Муса вигьана,
Хӏехьонгутӏи бичӏчӏана
Дуде вуссанин дунан,
Бичасе рецц гьабуна.
Тӏадегӏанав бетӏергьан
Мусагун гаргадана.
Калимуллагь расуллъун
Тӏаса вищи бицана.
Таврат тӏад хъварал хъарщал
Бичас эсде рещтӏана.
Щукру гьабун, тӏехьалда
Гӏамал гьабе абуна.
Гӏурччин зубаржадалъул
Хъарщазда хъван букӏана.
Шаргӏ-диналъул ахӏкамал
Баян гьарун рукӏана.
Вагӏза-насихӏат эзда
Цӏакъго тӏокӏкӏун букӏана.
Къавмалъе цӏале абун,
Бичас эсда абуна.
Мун щай гӏедегӏараван
Бичас эсда гьикъана.
Къавмалдаса цеве тӏун
Щай вачӏарав абуна.
Мун цӏакъ разилъи бокьун
Бетӏергьан дун хехлъан.
Дир лъалкӏда рачӏа абун,
Боги танин абуна.
Меседил биун тӏураб
Самирил бечеялдеӏ96
Буссун, къосун къавм бугин,
Бицана бичас эсда.
Муса эзда къварилъун,
Ццин бахъун нахъ вуссана.
Таврат хъварал хъарщалгун
Къавмалда аскӏов щвана.
Бачие бетӏер чӏвалел
Меседил биун тӏураб Самирил бечеялде Буссун, къосун къавм бугин, Бицана бичас эсда… –
Синай магӏарда Аллагьгун Муса авараг кӏалъалев вукӏараб мехалъ, Самир абурав чияс гьабун,
жугьутӏаз кӏикъого къоялъ гӏибадат гьабулеб букӏараб Меседил бачил сурат.
Гӏемерисел ратана.
Тӏолго къосинарулев
Самириги ватана.
Хъарщалги гӏодоре ран,
Муса эзде вортана.
Гьарунил мегеж-жал ккун,
Лъикӏалан вехъерхъана.
Дун эз хӏакъир гьавуна,
Эл рортун дун чӏвалилан.
Цинги Самири ахӏун,
Мусаца лагӏнат кьуна.
Гьаб жо щиб жоян абун,
Кӏалги гьикъун, семана.
Сирурабан лъалев чи
Дун вукӏанин кӏалъана.
Жабраиласул чол лъалкӏ
Бихьулаан абуна.
– Цӏаргӏаялъе босараб
Къибтӏазул бекӏмахх букӏун,
Эб месед биун тӏуна,
Гьаб бачил кипги бахъун.
Жибрилил чол лъалкӏдаса
Цо хъат цӏун ракь босана.
Эб бачил кӏалдибе,
Рухӏги лъун, гӏергӏедана.
Муса, нужер бетӏергьан
Гьаб бугилан, кӏалъана.
Муса нух къосун Анин,
Бетӏер чӏваян абуна.
Мунапикъ Самирица
Гьедин жаваб къотӏана.
Дун, напсалда нахъвилълъун,
Къосанин мукӏурлъана.
Дида чи хъваге абун,
Тӏурун мугӏрузде ана.
Сахаватав чи вукӏун
Эв мунапикъ эс чӏвачӏо.
Чӏваялдасаги квешаб
Сири бачӏун вигьинчӏо.
Самирил берда цебе
Эб бече хъун бухӏана.
Бухӏараб рохъо босун
Элъул гӏурулъе бана.
Капурлъун, къосун рукӏин
Эб къавмалда бичӏчӏана.
Гьурмада хъаталги чӏван,
Пашманлъун тӏаде чӏвана.
Тавбу-истигънар гьабун,
Бичасе эл хӏелана.
Цинги Мусал ццин чучун,
Хъарщал кодор росана.
Гьидаят, рахӏматалъул
Таврат эзий цӏалана.
Анлънусазар чиясул
Анцӏила кӏиазарго
Гӏадинав чи хутӏана
Бачий бетӏер чӏвачӏого.
Тавбу гьабизе Муса
Тӏурисиналде ана.
Кӏикъоялда анцӏго чи
Цадахъ рищун рачана.
Цо хъахӏаб накӏкӏги бачӏун,
Мегӏер нуралъул цӏуна.
Тӏадегӏанав бетӏергьан
Мусада гаргадана.
Бачие бетӏер чӏвачӏез
Бетӏер чӏварал гъурила.
Мунагь чури бицана,
Эзул гъуризе чӏани.
Мусал асхӏабзабазда
Аллагь кӏалъай рагӏана.
Аллагь вихьичӏони, ниж
Капурлъилилан чӏана.
Эзда ццин бахъун, бичас
Ракь багъаризабуна.
Зодисан гьаракь гьабун,
Эб гьалмагълъи гъурана.
Гӏакълу дагьал чагӏаца
Гьабураб жо бугилан,
Муса цӏакъ хӏел-хӏедана,
Аллагь тӏасалъугьаян.
Цо сордо-къо хунги бан,
Бичас эзда рухӏ лъуна.
Мусаги элги цадахъ
Къавмалде нахъ руссана.
Цоцаца чӏваян абун,
Бичасул амру щвана.
Лъабкъоялда анцӏазар
Чи цоцаца гъурана.
Цинги Муса гӏодидал,
Аллагь тӏасалъугьана.
Тӏаса хвалченги босун,
Хутӏарал тархъан тана.
Тавбу къабуллъун хадуб
Мусаца эл ахӏана.
Тавраталъул ахӏкамал
Эзда рагӏизаруна.
Тавраталъул ахӏкамал
Эзда бакӏлъун рихьана.
Цойидасан баччизе
Кӏвеларилан кӏалъана.
Жабраилас цо мегӏер,
Накӏкӏ гӏадин, тӏад чӏезабун,
Эз тӏехь къабул гьабуна,
Чӏинтӏизарилин хӏинкъун.
Бащдаб нодо гӏодоб лъун,
Суждаялда рещтӏана.
Цояб берги эз хӏинкъун,
Эб мегӏералда лъуна.
Гьеб хӏалалда хӏалица
Мусаде эл руссана.
Тавраталъул ахӏкамал
Эз хьвадизе гьаруна.
Гьединаб гьеб куцалда
Гӏемерал сонал рана.
Бани-исраилазул
Чӏахӏиял чи тӏагӏана.
Гӏалхуда гӏун, ракӏ цӏакъал
Бахӏарзазул гӏел гӏуна.
Капурлъигун рагъизе
Кколеб куцалде ккана.
Эл бахӏарзалги рачун
Муса вагъизе ана.
Бахӏрилутӏалдеги щун,
Квараниса лъугьана.
Паластӏиналъул къирал
Гӏанакъил Гӏуж вукӏана.
Мусаца эв Гӏужги чӏван,
Мусал боял бергьана.
Нагьришаригӏаялъул
Бакъбаккул рахъ бахъана.
Эзул тӏолго росаби
Мусал кодоре ккана.
Нагьришаригӏаллъун
Урдун рагӏалде щвана.
Арихӏалда данд битӏун
Магӏарде эл рахана.
Эб борхатаб магӏарде
Рахун эл балагьана.
Бичас къотӏи гьабураб
Кангӏан улка бихьана.
Тигьлъул авлахъалда
Гьарун-авараг хвана.
Цинги Арихӏаллъул
Магӏарда Муса хвана.
Муса хвараб къояца
Кӏикъого сон тӏубана.
Тигьалда рукӏаралги
Рорчӏул болъе рачӏана.
Муса холеб мехаца
Эс васигат гьабуна,
Жиндирго халипалъун
Юшагӏ-авараг тана.
Байт ул-Мукъаддасалда
Гӏагараб цо бакӏалда,
Муса-авараг хвана,
Касибул Ахӏмаралда.
Байтулмукъаддасалде
Зиярат цӏакъ рекъана.
Муса-аварагасде
Салат битӏи беццана.
Хӏабибуллагь Тӏагьаде,
Калимуллагь Мусаде,
Нужеца салат битӏе,
Тӏолго илчизабазде.
ЮШАГӏ АВАРАГАСУЛ КЪИСА
Аллагьасул къадар щун,
Муса-авараг хвана.
Баниисраилазул
Халипа Юшагӏ тана.
Муса-аварагги хун,
Лъабго къо бан букӏана.
Юшагӏица асбатӏал
Тигьалдаса рачана.
Нагьришаригӏаллъул
Рагӏалалде эл щвана.
Эб Урдуналъул гӏор эз
Мугӏжизаталъ бахана.
Байт ул-Мукъаддасалъул
Ракьалде эл лъугьана.
Арихӏаялъул шагьар
Рагъ гьабун эз бахъана.
Арихӏа бахъулаго,
Бакъ эсий нахъ буссана.
Шамат сордо щвелалде
Бакъ тӏерхьинчӏого чӏана
Эл баниисраилал
Гӏорхъудаса рорчӏана.
Умумузул букӏараб
Кангӏаналде рачана.
Юсуп рехун вукӏараб
Гъуй сверухъ эв вукъана.
Цинги рагъул кор боркьун,
Набулус эз бахъана.
Цинги эв Юшагӏица
Шамалъул ракь босана.
Мисриялда, Шамалда
Эсул кверщел батана.
Киналго улкабазде
Наибзаби ритӏана.
Нусиялда анцӏго сон
Юшагӏица тӏубана.
Къоло микьго сонаца
Эс хӏукумат гьабуна.
Цинги къадаралде щун,
Ахираталде ана.
Магӏарраталда вукъун,
Хоб зиярат лъугьана.
Цинги цоцазда хадур
Хӏакимзаби рачӏана.
Баниисраилазе
Эз бетӏерлъи гьабуна.
Цо-цо мехалъ мутӏигӏлъун,
Шаргӏалда хьвадулаан.
Цо-цо мехалъ гӏасилъун,
Эз шаригӏат толаан.
Эз шаригӏ тарабщинахъе
Эзде балагь бачӏана.
Тушманлъи тӏаде тӏамун,
Аллагьас эл квегъана.
Батӏи-батӏияб балагь
Бичас эзде биччана.
Хӏаким-бетӏер гьечӏого,
Цо мехалъ эл хутӏана.
Цинги эз тавбу гьабун,
Диналде руссунаан.
Аллагьасде руссиндал,
Балагь тӏаса унаан.
Цинги тӏарамагъада
Шамвил авараглъана.
Анцӏила цо сонаца
Эс хӏакимлъи гьабуна.
Муса хун ункънусго сон
Заман бахъун букӏана.
Хӏукамазул заман ун,
Мулукал загьирлъана.
Паластӏиналда хутӏун,
Гӏамаликъал рукӏана.
Баниисраилазда
Эб къавм бергьун букӏана.
Баниисраил цолъун,
Шамвилихъе рачӏана.
Гӏамаликъал гъуризе
Цо парччахӏ эз гьарана.
Эс эзие маликлъун
Тӏалут тӏасавищана.
Тӏоцевесев падишагь
Тӏалут эзий лъугьана.
Тӏалут мискинчиян эл
Рекъечӏого рукӏана.
Къабул гьавиларилан,
Шамвилихъе эл ана.
Шамвилица эзие
Цӏакъаб насихӏат кьуна.
Гӏелмуялъулъ, черхалъулъ
Тӏалут тӏокӏлъи бицана.
Падишагьлъун аллагьас
Тӏалут танин абуна.
Аллагьас бокьарав чи
Парччахӏ толин кӏалъана.
Эсул парччахӏлъиялъе
Эз мугӏжизат гьарана.
Малаикзабаз бачун,
Мусал табут бачӏана.
Эб гъамасалда жаниб,
Мусал гӏанса букӏана.
Мусал, Гьарунил ретӏел,
Аманатал рукӏана.
Тӏолго аварагзаби
Хъвараб сурат букӏана.
Нилъер аварагасул
Суратги хъван букӏана.
Эб гъамас бугеб бое
Бергьенлъи хӏакълъулаан,
Ракӏчӏун бо хӏинкъичӏого
Тушмангун багъулаан.
Эб мугӏжизат бихьидал,
Тӏалутиде руссана.
Жалутил бо гъуризе
Гъазаялде къачӏана.
Лъабкъоялда анцӏазар
Чи эс тӏаса вищана.
Къуддусалдаса рахъун,
Паластӏиналде щвана.
Цӏакъ бухӏараб мехаца
Къватӏире эл лъугьана.
Нухда эзул лъим тӏагӏун,
Къечон лъим эз гьарана.
Аллагьас гӏор кьелилан
Тӏалутица бицана.
Цо хъат цӏун гурони лъим
Гьекъогеян кӏалъана.
Нужер бичас кӏал бихьун,
Гьале гӏоран абуна.
Гӏор бихьигун гӏадаллъун,
Эз гӏемер лъим гьекъана.
Цо дагьалго чагӏаца
Тӏалутил амру ккуна.
Лъим гьекъарал чагӏазул
Рекӏелъе хӏинкъи ккана.
Жалутил богун рагъун
Хӏал кӏоларин кӏалъана.
Лъим гьекъечӏел бахӏарзал
Элда кьварун кӏалъана.
Бичасул амруялда
Нилъ бергьинин абуна.
Аллагьас квербакъани,
Цӏакъ дагьаб бо бергьуна.
Гӏемераб боялдаса –
Гьеб жо гӏемер лъугьуна.
Эзул насихӏаталде
Эб цӏуяб жо буссинчӏо.
Гӏурул рагӏалда чӏана,
Рагъде эзул ракӏ инчӏо.
Тӏалутгун гӏор бахарав
Лъабнусго чи лъугьана.
Анцӏила кӏиго вацгун
Ишал Давуд вукӏана.
Эл бахӏарзалги рачун,
Тӏалут рагъде вилълъана.
Жалутил бо данде ккун,
Рагъ гьабизе къачӏана.
Жалутил урдуялда
Нусазар чи вукӏана.
Бусурбабаз бичасде
Сабру-нусрат гьарана.
Аздагьодул суратгун
Жалут цеве вахъана.
Хвалчад вахъайин абун,
Тӏалутиде ахӏдана.
Тӏалутил амруялда,
Давуд данде вахъана.
Аслан гӏадин тӏаделъун,
Жалут кӏихӏи къотӏана.
Эб Тӏалутил боялъе
Бичас цӏакъ квербакъана.
Шамвилил мугӏжизаллъун
Жалутил бо биххана.
Жалут чӏварав чиясе
Яс кьезе къотӏи ккана.
Давуд дурцлъун гьавуна,
Тӏалутица ясги кьун.
Паластӏиналъул улка
Тӏалутица бахъана.
Гӏамаликъаб къавмалъул
Къуват хвезе гьабуна.
Цинги къадаралде щун,
Шамвил-авараг хвана.
Тӏолго баниисраил
Давудихъ балагьана.
Тӏалутил жахӏдаллъи ккун,
Давуд чӏвазе гьесана.
Давуд, эсдаса лъутун,
Цо рахъалда вахчана.
Нахъго гӏамаликъазул
Къуватал данделъана.
Элгун рагъ гьабулаго,
Тӏалут шагьид лъугьана.
Тӏалутги хун, парччахӏлъун
Тӏалутил вас гьавуна.
Асбатӏазул цо тамун
Давудиде руссана.
Нахъа, киналго рекъон,
Тӏалутил вас реххана.
Тӏолгояца паччахӏлъун
Давуд-авараг тана.
ДАВУД-АВАРАГСУЛ КЪИСА
Давуд-аварагасул
Эмен Иша вукӏана.
Ягӏкъубил вас Ягьудал
Наслуялъул вукӏана.
Авараглъи-парччахӏлъи
Батӏа-батӏа букӏана.
Давуд аварагасе
Бичас кӏиябго кьуна.
Байтулмукъаддас бахъун,
Тахиде эв вахана.
Гӏамман, Хӏалаб,
Нассибин, Эрменистан бахъана.
Вагӏза-насихӏаталъе
Забур эсде рещтӏана.
Тавраталъул ахӏкамал
Эс хьвадизе гьаруна.
Аллагьас Давудие
Берцинаб гьаракь кьуна.
Эс забур цӏалулаго,
Асар лъугьун чи хвана.
Эвгун цадахъ мугӏруца
Субхӏанааллагь бачана.
Къаси-къад хӏанчӏи рачӏун,
Цадахъ зикру гьабуна.
Булбул хӏанчӏил бо бачӏун,
Гьаркьихъ гӏенеккулаан.
Эсул гьаркьихъ ракӏ биун,
Гӏемер булбул холаан.
Хӏанчӏазул, хӏайваназул
Мацӏ лъан эв гаргадана.
Къолдаби рессизе махх
Эсие тамахлъана.
Бичас гӏелму, хӏикмат кьун,
Давуд цӏакъ тӏокӏ гьавуна.
Витӏарав-тӏекъав лъазе,
Гӏадлудул хӏукму кьуна.
Авараглъи-парччахӏлъи
Эсие данделъана.
Эс капурлъи цӏакъ гъурун,
Бидул хӏорал чвахана.
Эсда квер базе кӏолев
Капурчи чӏаго течӏо.
Шамалда, Кангӏаналда
Вуссинчӏев чи хутӏичӏо.
Парччахӏ лъугьун Давудил
Кӏикъого сон тӏубана,
Щунусиялда лъеберго
Лъагӏел Тӏалут хун бана.
Цинги къадаралде щун,
Давуд-авараг хвана.
Давудил вас Сулайман
Халипалъун лъугьана.
СУЛАЙМАН-АВАРАГСУЛ КЪИСА
Анцӏила кӏиго лъагӏун
Сулайманил букӏана.
Авараглъун-парччахӏлъун
Аллагьас эв гьавуна.
Давуд-авараг хвейгун,
Халипалъун лъугьана.
Инсул тахиде вахун,
Халкъ эсде мутӏигӏлъана.
Халипалъун ункъо сон
Сулайманил тӏубана.
Инсул васигаталда
Байтулмукъаддас бана.
Мармар, жавгьар, меседил
Масжид ул-Акъса бана.
Ункъо соналда жаниб
Эс эб лъугӏизабуна.
Цинги эс Къуддусалда
Цӏакъал кӏалгӏаби рана.
Анцӏила лъабго соналъ
Минаби эс гӏуцӏана.
Гӏадамазда-жундузда
Эсул хӏукму хьвадана.
Тӏолго дуниялда
Эсул кверщел батана.
Киналго парччахӏзаби
Эсул кверде рачӏана.
Шайтӏаби, Гӏиприт, женал
Эсие гьарудана.
Цо сагӏаталда жаниб
Эз хъулби ран кьолаан.
Маржан-жагьвар бахъизе,
Ралъдалъ эл рукъулаан.
Эсие хилиплъизе
Жундузда кӏолароан.
Лъутун араб жен бичас,
Цӏа речӏчӏун, бухӏулаан.
Гьаваялда гьороца
Сулайман хьвадулаан.
Эвги эсул боялги
Гьороца рачунаан.
Бакъ баккун къалъизегӏан,
Цо моцӏил нух толаан.
Къалъун бакъ тӏерхьинегӏан
Цоги моцӏрол толаан.
Бокьаралъув рещтӏине
Гьороца гьавулаан.
Рухӏ-чӏаголъиялъул моцӏ
Эсда бичӏчӏун лъалаан.
Кинабго рухӏчӏаголъи
Эсул кверде буссана.
Эсий хъулухъ гьабулеб
Хӏанчӏазул бо букӏана.
Гӏелму, гӏадлу, давлат кьун,
Бичас эв тӏокӏ гьавуна.
Нигӏматалги рихьун гьев,
Щукру гьабун, кӏалъана.
Гӏадамазул, жундузул,
Хӏанчӏазул боял рачун,
Маккаялде эв ана,
Кагӏбаялде хӏеж гьабун.
Мухӏамад-Хӏабибасул
Гьижраялъул ракь абун,
Мадинаялде ана
Ахӏмадил хъатир гьабун.
Цинги кьурун нахъ вуссун
Тӏаипаялде вачӏана.
Вадиннамли абураб
Кӏкӏалахъе эв лъугьана.
Цӏунцӏрабазул гохӏазул
Цӏураб кӏкӏал эб букӏана.
Цӏунцӏрабазул бетӏералъ
Цӏунцӏрабазда абуна,
Сулаймангун бояз нуж
Мерхьинилан, лъачӏого.
Рукӏнире лъугьайилан
Кӏалъана танбигь гьабун,
Цӏунцӏрадул эб рагӏуда
Эв Сулайман гьимана.
Нигӏматазда шукру лъун,
Цӏобал гьарун кӏалъана.
Гьудгьуд эсий къваригӏун
Батичӏого гьикъана.
Хабар босун щвечӏони,
Эб хъвелилан гьедана.
Цо дагьаб мех гьоркьоб ун,
Гьудгьуд эсухъе щвана.
Мун нахъ регӏичӏеб хабар
Лъан бачӏинин абуна.
Сабаъ парччахӏ Балкъисил
Хӏал-хӏукму элъ бицана.
Бакъалъе бетӏер чӏвалеб
Къавм эб бугин кӏалъана.
Цӏакъ бечедай, гуч бугей
Парччахӏ йигин абуна.
Кӏудияб тахбакӏида
Йигин эян бицана.
Цинги Сулайманица
Гьудгьудалда абуна,
Дур эб рагӏул мухӏканлъи
Хӏал бихьизе кӏалъана.
Сулайманил рахъалъан
Эзде бисмилагь хъвана
Чучичӏого иман лъун.
Рачӏаян кагъат кьуна.
Гьаб кагъатгун эзде ун,
Рехеян эб битӏана.
Цинги хӏалахъ балагьун,
Нахъе цӏан чӏа абуна.
Сулайманил рахъалъан
Хъвараб кагъатги босун,
Гьудгьуд-хӏинчӏ боржун ана
Сабаалде балагьун.
Балкъисил тахбакӏиде
Элъ эб кагъат рехана.
Эз щибдай гьабилаян,
Рикӏкӏадасан хал ккуна.
Кодобе босун кагъат
Балкъисица цӏалана.
Эб Сулайманил кагъат
Букӏин элда бичӏчӏана.
Гьебсагӏат Балкъисица
Вазирзаби ахӏана.
Гьаб кагътил патва къотӏун,
Дихъе кьеян абуна.
Рагъищ, рекъелищ лъикӏан
Элъ бутӏрузда гьикъана.
Боцӏулги, болги къуват
Гӏелищан эй кӏалъана.
Эл бутӏруца элъие
Кьварараб рагӏи кьуна.
Гуч гӏун бугин, рагъизе
Пурман кьеян абуна.
Цинги гӏакъилай Балкъис
Нахъе ургъун кӏалъана.
Парччахӏзаби лъугьараб
Улка холин абуна.
Бергьарал парччахӏзабаз
Улка хараб гьабула.
Тӏадегӏанал чагӏи эз
Гӏодорегӏан гьарула.
Дица Сулаймание
Сайигъат битӏилилан,
Балкъисица къотӏана,
Нуж гӏенеккун чӏайилан.
Сайигъат босун чагӏи
Сулайманихъе щвана.
Месед-гӏарцул кӏалгӏаби
Сулайманил ратана.
Месед, гӏарац, жавгьарул
Сайигъат эс нахъ чӏвана.
Нужерго сайигъатгун
Нужго роха абуна.
Бусурманлъун дир кверде
Рачӏаян эл ритӏана.
Чӏахӏиял боялгун ун,
Басра гьари бищана.
Нахъ руссун эл гӏадамал
Балкъисихъе рачӏана.
Сулайманил гуч-къуват
Эз элда лъазабуна.
Сулайманил кверде ин
Балкъисица къотӏана.
Кинабго боги бачун,
Къватӏие эй лъугьана.
Балкъисил бодул хабар
Босун гьудгьуд бачӏана.
Гӏалимзаби ракӏарун,
Сулайман цӏакъ кӏалъана.
Эб бодухъе щвелалде
Элъул тах щвезабизе
Лъида кӏвелебин абун,
Кӏалъана хӏалбихьизе.
Дида кӏвелилан абун,
Гӏиприт-женалъ абуна.
Бер къвакизегӏан мехалъ
Щвезабилин къотӏана.
Эс исмун агӏзам цӏалун,
Балкъисил тах бачӏана.
Балкъисил тахбакӏудул
Эс кьер хисизабуна.
Балкъисида лъалищан
Хӏалбихьизе бокьана.
Гьадинабищ тахбакӏу
Дур бугебан гьикъана.
Гьаб тах бугин эб абун,
Балкъисида эб лъана.
Сулайманил мугӏжизат
Бихьун элъул ракӏчӏана.
Тӏад цӏер тӏикъвараб лъелъан
Сараялде ячана.
Гӏицӏаб лъинан элда ккун,
Махӏаби элъ гурана.
Тӏад матӏу ккураб лъинан
Эв элдехун кӏалъана.
Сулайманикьа нечон
Балкъис гӏодой тӏерхьана.
Капурлъун зулмуялда
Дун йикӏин дида лъана.
Сулаймангун бичасде
Дун йиссанин кӏалъана.
Сулайманица Балкъис,
Магьари лъун, ячана.
Цинги Сулаймание
Элдасан хъизан щвана.
Илхъиялъухъ балагьун,
Бакъаникак хутӏана.
Какил капараталъе,
Илхъи хъун, эс бикьана.
Гьеб сабаблъун аллагьас
Рекӏине гьури кьуна.
Тӏолго халкъ мукӏурлъулеб
Мугьру эсухъе ккана.
Нусайгоги лъадухъе
Цо сордоялъ гьев ана.
Гъазаялъе нусго вас
Гьавейилан гьедана.
Иншааллагь кӏочон тун,
Эсул эб гьа биххана.
Рухӏ гьечӏеб цохӏо лъимер
Тахбакӏиде рехана.
Бичасде цӏакъ вуссун эс
Цӏакъаб дугӏа гьабуна.
Нахъиязе кьелареб
Парччахӏлъи эсий кьуна.
Авараглъун, парччахӏлъун
Эс кӏикъого сон бана.
Цинги къадаралде щун,
Къуддусалда вукъана.
ПАРЧЧАХӏЗАБАЗУЛ КЪИСА
Сулайман-авараг хун,
Халипалъун вас тана.
Ягьуда, Биняминил
Сибтӏал эсде руссана.
Баниисраилазул
Анцӏила кӏиго тухум.
Эл кӏийиде рикьана,
Кӏиго парччахӏлъи гьавун.
Эзул кӏиго тухумалъ
Сулайманил вас тана.
Анцӏго тухум батӏалъун,
Апрамил сибтӏ тана.
Гьеб куцалда асбатӏал
Кӏиго дивлит лъугьана.
Асбатӏ Ягьуда абун,
Эзда цӏаралги лъуна.
Ягьуда-парччахӏ абун,
Сулайманил вас тана.
Байт ул-Мукъаддасалда
Эв тахиде вахана.
Кинабго бусурманлъи
Эсде гьетӏун букӏана.
Киналго гӏалимзаби
Эсде мутигӏ рукӏана.
Кӏиго тухум гурони
Эсдехун чи вуссинчӏо.
Кинниги шаргӏ цӏунарав
Эв гурони вукӏинчӏо.
Эсул къадру-даража
Цӏакъ тӏадегӏан букӏана.
Киналго шайихзаби
Эсде руссун рукӏана.
Байт ул-Мукъаддасалде
Зиярат гьабулаан.
Сахратуллагь къиблалъун,
Киназго как балаан.
Мусал Тавратгун гӏанса
Эсда кодоб букӏана.
Киналго аманатал
Эсухъ цӏунун рукӏана.
Асбатӏ-парччахӏасул тах
Наблусалда букӏана.
Сабтӏия шагьарги бан,
Цинги тах эниб лъуна.
Сибтӏазул анцӏго тухум
Эзда кодобе ккана.
Кинниги гӏадлу гьечӏел
Гӏадамал эл лъугьана.
Шаригӏаталда рекъон,
Хӏукму гьаби дагьлъана.
Байт ул-Мукъаддасалде
Зияратги эз тана.
Бусурбабазда жаниб
Эсул къадру дагьлъана.
Парччахӏасде гӏасияв
Шагьлъун эз эв рикӏкӏана.
Цинги эл асбатӏаца
Мусал шаригӏат тана.
Багӏлу хъанчий бетӏер чӏван,
Гӏемерисел къосана.
Байтулмукъаддасалда
Шаригӏат лъикӏ букӏана.
Гъорлъ чагӏи чарлъаниги,
Гӏалимзаби рукӏана.
Масжидул Акъсаялда
Эз Таврат цӏалулаан.
Забуралъул аятал
Рагӏун, эл гӏодулаан.
Гьеле гьебмехацайин
Бичас Иляс витӏарав,
Асбатӏал тӏоритӏизе
Хадув Алясагӏ щварав.
ИЛЯСИЛГИ АЛЯСАГӏИЛГИ КЪИСА
Бичас Иляс-авараг
Асбатӏазде витӏана.
You have read 1 text from Avar literature.
Next - Дагъистани Адабияб Ирс - 07
- Parts
- Дагъистани Адабияб Ирс - 01
- Дагъистани Адабияб Ирс - 02
- Дагъистани Адабияб Ирс - 03
- Дагъистани Адабияб Ирс - 04
- Дагъистани Адабияб Ирс - 05
- Дагъистани Адабияб Ирс - 06
- Дагъистани Адабияб Ирс - 07
- Дагъистани Адабияб Ирс - 08
- Дагъистани Адабияб Ирс - 09
- Дагъистани Адабияб Ирс - 10
- Дагъистани Адабияб Ирс - 11
- Дагъистани Адабияб Ирс - 12
- Дагъистани Адабияб Ирс - 13
- Дагъистани Адабияб Ирс - 14