🕙 26-minute read

Дагъистани Адабияб Ирс - 05

Each bar represents the percentage of words per 1000 most common words.
Total number of words is 3363
Total number of unique words is 1650
0.0 of words are in the 2000 most common words
0.0 of words are in the 5000 most common words
0.0 of words are in the 8000 most common words
  Цо юлк тӏокӏаб щвелилан,
  Тӏолгоял гъоркье чӏана.
  Ягӏкъубил чара къосун,
  Вас витӏи къабуллъана.
  Эв нухтӏа цӏуниялъе
  Эл васазе гьа бана.
  Сапаралъул адабал
  Эс васазда малъана.
  
  Бер ккеялдаса хӏинкъун,
  Таваккал цӏакъ гьабуна.
  Цохӏого гъапудахъан
  Нуж лъугьунге абуна.
  Мисриялъул гъапавахъ
  Рикь-рикьеян кӏалъана.
  Кангӏаналдаса рахъун
  Мисриялде жал щвана.
  Мисриялъул гъапавахъ
  Батӏа-батӏа рилълъана.
  Юсупил диваналда
  Киналго данделъана.
  Цинги эл Юсупица
  Гъунахъалде рачана.
  Кьер-кьераб квенги кванан,
  Кепалда эл рукӏана.
  Мисриялъул масия,
  Сайру гьабун, свердана.
  Нил гӏоралъул ахикье
  Тапаружалде ана.
  Булбул тӏогьол бахчабахъ
  Дагӏваталда квен квана.
  Кинабгӏаги масират
  Эзда бихьизабуна.
  Юсупица Бунямин
  Ахӏун халват гьабуна.
  Тӏулбикьарав вац мунан,
  Эсда рохел бицана.
  Мун гьанивго хутӏизе
  Цо багьана бачина.
  Воре, мун хӏинкъугеян,
  Эсда балъго кӏалъана.
  Цинги маъмурзабаца
  Эзий тӏощел борцана.
  Буняминил тӏощалилъ
  Меседил сахӏ букъана.
  Варанабазда юк къан,
  Эл нухтӏа тӏоритӏана.
  Хадур худдамал ритӏун,
  Къапила чӏезабуна.
  Нуж цӏогьол чи ругилан,
  
  […………………………]
  Гӏелас гӏакӏа ахӏана
  Чӏухь биччазе бугилан.
  Щиб нужер биларабилан,
  Вацаз руссун гьикъана.
  Парччахӏасул сахӏ бикъи
  Маъмурзабаз бицана.
  Эб тӏарс батун кьурасе
  Варани цӏун ролъ кьезе,
  Маъмурас рагӏи кьуна,
  Элъие гъоркье чӏезе.
  Цинги Ягӏкъубил лъимал
  Таллагьилан гьедана,
  Ниж цӏогьол чи гурилан,
  Квеш букӏун эл кӏалъана,
  Цинги маъмурзабаца
  Эзул рагӏи къотӏана,
  Нужелъ эб цӏогь батани,
  Жаза щибан гьикъана.
  Ягӏкъубил лъималаца
  Эб жо рикӏкӏад гьабуна.
  Цӏогьор лагълъун ккве абун,
  Инсул хӏукмуги бицун.
  Цинги сахӏ Буняминил
  Гьиралъа эс бахъана.
  Шагьасул сахӏ гьалеян,
  Гьеб бихьизе гьабуна.
  Цинги эл лъималазул
  Абизе жо тӏагӏана.
  Абизе жо тӏагӏиндал,
  Гӏад гьарун гаргадана.
  Гӏузраби рачунаго,
  Эзул гӏайиб тӏатана:
  – Эс цӏогь гьабун батани,
  Вацасги цӏогь гьабуна.
  Кӏудияй эбелалъул
  Хъанч бикъун эс букӏана.
  Эвги хварав Юсупги
  Цо эбелалъул руго
  Эв кӏиясулго гӏамал
  Эбелалде цӏан буго.
  
  Юсупги гъорлъе вачун,
  Бугьтан лъун эл кӏалъана.
  Жидерго хӏалги беццун,
  Вацазул хӏал какана.
  Хӏалимав Юсупица
  Жиндирго хӏал цӏунана.
  Хӏал лъазего течӏого,
  Эб рагӏи эс хӏехьана.
  Юсуп эзда кӏалъана,
  Хӏал квешал нуж ругилан,
  Нужеца бицунеб жо
  Аллагьасда лъалилан.
  Цинги эв Юсупие
  Эл вацал хӏел-хӏедана.
  Буняминил инсуда
  Ракӏ гурхӏаян гьарана.
  Буняминил бакӏалда
  Нижер цояв вачеян,
  Тӏолго вацал хӏелана,
  Херав эмен вугилан.
  «Магӏазаллагь» – ан абун,
  Юсуп эзда кӏалъана:
  – Нижер сахӏ жиндихъ гьечӏев
  Кквей зулмуян абуна.
  Эсдаса хьул къотӏидал,
  Эл нахъецӏай цолъана.
  Цоцалъ гӏакълуги дандбан,
  Гьабилеб жо ургъана.
  Эзул бищун кӏудияв
  Ягьудал кӏал рагьана.
  Инсулгун ккараб къотӏи
  Лъаларищан кӏалъана:
  – Цебе ккун Юсупилъги
  Нужер такъсир бегьана
  Гьанже гьабжоги лъугьун,
  Къиямасеб къо чӏана.
  Инсул гьумер бихьизе,
  Гьанже дир бакӏ хутӏичӏо.
  Инсуда цебе кквезе
  Гьанже дир гьумер гьечӏо.
  Инсул изну гьечӏого,
  
  Дун гьаниса инаро.
  Я вац виччан течӏони,
  Дица гали чӏеларо.
  Гьанже дун гьанив чӏелин,
  Нуж инсухъе нахъ русса.
  Дур вац цӏогьоданилан,
  Битӏун бице нужеца.
  Мисриялде чи витӏун,
  Хӏакъикъат босе абе.
  Нижгун цадахъ къапила
  Букӏанин, гьикъе абе.
  Гьеб куцалда Ягьуда
  Вацазда гаргадана.
  Гьедин гӏакълуги малъун,
  Инсухъе эл ритӏана.
  Ягьудаца абуна.
  Берда бихьун лъараб хӏал
  Инсуде гӏарз гьабуна.
  Цинги Ягӏкъуб рекӏекълъун,
  Ракӏ къварилъун лъугьана.
  Ва, дир вас Юсуп, абун,
  Эзде мугъ кьун гӏодана.
  Ягӏкъуб гӏемер гӏодиялъ
  Магӏил иххал рахъана.
  Нур гӏадинал беразда
  Хъахӏаб пардав лъугьана.
  Цинги лъимал семана,
  Мун унтун хутӏилилан.
  Юсуп, Юсупан гӏодун,
  Гьалаглъун мун хвелилан.
  Юсуп виларалдаса
  Къоло цо сон букӏана.
  Юсуп хун ватилилан
  Вацал ракӏчӏун рукӏана.
  Эв данде гьавейилан
  Бичасде гьардолаан,
  Юсуп чӏаго вугеблъи
  Ягӏкъубида лъалаан.
  Вахӏю вачӏун лъазабун,
  Эсда эб лъан букӏана,
  Ялъуни доб Юсупил
  
  Макьуялъ лъазабуна.
  Гьедин эсда лъан букӏун,
  Лъималазда абуна.
  Юсупги Биняминги
  Цӏехеян, эл ритӏана.
  Бичасул цӏобалдаса
  Нужер хьул къотӏугеян,
  Инсуца тӏад бухьана
  Кӏиявго валагьеян.
  Нахъойги ичӏавго вац
  Вачӏана Мисриялде.
  Юсуп-аварагасул
  Хӏузуралде лъугьана.
  Цинги дов Биняминги
  Эсда аскӏов ватана.
  Лагълъун ккун ватилилан,
  Эзда ракӏалде ккана.
  Юсуп-аварагасул
  Хӏатӏида эл речӏана.
  Нижер вац тархъан теян,
  Гьеб куцалда хӏелана.
  – Вай кӏудияв гӏазиз, шагьасул вазир,
  Рукъалда къварилъи ккун буго нижер.
  Квине чи гӏемерлъун, квине чед гьечӏо,
  Тӏощел боссегӏан жо нижехъ хутӏичӏо.
  Дагьабго гӏарацгун ниж рачӏун руго,
  Дур цӏобалде хьуллъун гьарделел руго.
  Дуца ниж ракъуца хвезе тӏечӏого,
  Ниж инсухъе ритӏе сакъаги кьун.
  Эмен чӏаго гьаве, Бинямин виччан,
  Ниж рохизе гьаре, вац тархъан гьавун.
  Юсуп, Биняминан ахӏдолев эмен,
  Беразул нурги ссун, гӏодов ккун вугин.
  Гьаб нижер хӏалалда гурхӏун, тӏощел кье.
  Гьеб куцалда гьарун вацал хӏелана,
  Гӏазизил квенчӏалда убач гьабуна.
  Цинги Юсупица пардав борхана,
  Дун лъаларищ абун, гьимун велъана.
  – Нужер жагьиллъиялъ Юсупги вичун,
  Цинги хӏакъир гьавун, Бинямин вухун,
  Нужеца гьабураб иблисаб гӏамал
  
  Нужеда кӏочонищ, кӏудиял вацал.
  Цинги эб рагӏуда эл хӏайранлъана.
  Вай, мун Юсупищан, риххун хутӏана.
  – Дунги Юсуп вуго, гьавги вац вуго,
  Аллагьас нижее дивлит кьун буго.
  Лъикӏлъи гьабуразе лъикӏлъи холаро,
  Сабру гьабурав чи махӏрум толаро.
  Цинги эл хӏинкъана, хаган хутӏана.
  Абилеб жо тӏагӏун, кӏал-мацӏ къотӏана.
  Гӏакъилав Ягьуда данде кӏалъана:
  – Бичас нижедаса мун тӏокӏ гьавуна.
  Ниж хатӏалъаниги, мун тӏокӏ ворчӏана.
  Дуда цере чӏезе ниж къурбанлъана.
  Гьанже тӏасалъугьун, ниж тархъан гьаре.
  Ниж квешлъун кканиги, дуца лъикӏ гьаре.
  Хӏелмуялъул магӏдан – Юсуп-авараг
  Эзда тӏасалъугьун батана эс ракӏ:
  – Нужеда гӏайиб чӏван, дун кӏалъаларо.
  Жакъа бадиб чӏвайги дир букӏинаро.
  Аллагьас чурилел нужер мунагьал,
  Гурхӏаяв рахӏманас кьелел алжанал.
  Гьаб дир горде босун, а нуж инсухъе,
  Эсда канлъи щвезе, гьурмаде рехе.
  Цинги тӏолго рукъккун нуж дихъе рачӏа,
  Кигӏан херлъаниги, эменги вачӏа.
  Цинги тӏолго вацал къватӏир рахъана.
  Юсупги живго тун, эл ратӏалъана.
  Гьебсагӏат инсуда гордил махӏ чӏвана.
  Юсупил махӏ абун, гьункьун вахъана.
  [Гугьунлъуде] вачӏун вуго мун абун,
  Аскӏор рукӏарал чи лъугьана гьедун.
  Цинги рохел бицун, Ягьуда щвана.
  Инсул гьумералда горде лъулъана.
  Гьебсагӏат инсуда канлъи бихьана,
  Хӏасратлъи тӏаса ун, вохун кӏалъана:
  – Цебеккунго дица абун букӏинчӏищ?
  Нужеда лъалареб дида лъан гьечӏищ?
  Тӏолго вацал рачӏун хӏатӏида ккана,
  Ниж хатӏалъанилан, эл мукӏурлъана.
  Ниж къурманлъун хъвеян цере регана.
  Тӏасалъугьайилан, эл хӏелхӏедана.
  
  Ягӏкъуб-аварагги тӏасалъугьана,
  Аллагьги лъугьине, дугӏа гьабуна.
  Цинги Кангӏанги тун, къватӏир лъугьана
  Хӏасратав Юсупгун эл данделъана.
  Хӏулидал миндарал вацазе кьуна,
  Эбел-инсул кверда убач гьабуна.
  Тахбакӏидаги тун, кӏодо гьаруна.
  Цинги эз Юсупий сужда гьабуна,
  Эсги эзий кӏвараб хӏурмат гьабуна.
  Цинги инсудехун Юсуп кӏалъана,
  Макьу тӏубанилан, щукру гьабуна.
  – Дий сужда гьабурал бакъ-моцӏ нуж руго,
  Анцӏила цо цӏваги гьал вацал руго.
  Дие бичас кьурал нигӏматал руго,
  Дида хӏал кӏоларо нужеда бицун.
  Дун, донгниса вахъун, гӏазизлъун гьавун,
  Нуж къватӏиса рачӏун, данде гьаруна.
  Ниж, вацазда гьоркьоб шайтӏан букӏана,
  Рецц бичасе буго, тӏаса босана.
  Ягӏкъуб-авараггун Юсуп-авараг
  Мурадалдеги щун, чучана эз ракӏ.
  Анцӏила ункъо сон Мисриялда бан,
  Нусилда кӏикъоялда ункъо сонги бан,
  Ягӏкъуб-авараг хун, лъимал хутӏана.
  Байт ул-Мукъаддасалда эз эв вукъана,
  Ягӏкъубил васигат тӏубазабуна.
  Цинги Мисриялде эл нахъ руссана.
  Юсуп щуцӏалида анлъго сон барав
  Чи Юсуп вукӏаго, эв эмен хварав.
  Цинги Юсупица нусго сон бана,
  Къого сонги тӏубан, херлъун вукӏана.
  Цинги аллагьасухъ эв гӏащикълъана,
  Бичасе хӏел-хӏедун, дугӏа гьабуна.
  Я рабби бетӏергьан, зоб-ракь бижарав,
  Гьаб гӏелму-давлат кьун, дун тӏокӏ гьабурав,
  Дун цӏунун хьихьарав бечед мун вуго,
  Кӏиябго рукъалъул кверщел духъ буго.
  Иман-исламалда дун хвезе гьаве,
  Аварагзабазда нахъ регӏизаве.
  Гьаб дугӏаги гьабун, цо анкь тӏубана,
  Юсуп-авараг хун магӏу бахъана.
  
  Мармарул гъансинив Юсуп вукъана.
  Цинги Нил гӏоралъулъ гъамас букъана.
  Юсупида цеве Раян-шагь хвана,
  Хадувго Юсуп хун, лъимал хутӏана.
  Ягӏкъубил наслуялъ Мисриго цӏуна.
  Баниисраилан эл машгьурлъана.
  Цинги шагьзабаца эл нахъе цуна.
  Рачӏа-рачӏараца гӏакъуба кьуна,
  Цинги Пиргӏавница эл лагълъун ккуна,
  Эзул лъимал хъвехъун, зулму гьабуна.
  Макьил хиял гӏадаб гьаб дунялалъул
  Щибго кьучӏго гьечӏо кӏодолъиялъул.
  Холарев, унарев цо аллагь вуго,
  Кӏиябго рукъалъул парччахӏ эв вуго.
  Ягӏкъуб, Юсупиде, эсул вацазде
  Салат-салам битӏе аварагасде.
  АЙГУБ АВАРАГСУЛ КЪИСА
  Исхӏакъ-аварагасул
  Гӏисс абун вас вукӏана,
  Гӏиссие Айгуб гьавун,
  Гӏун авараг лъугьана.
  Айгуб-аварагасул
  Гӏемер боцӏи букӏана.
  Шамалъул шагьаралда
  Эс гӏемераб милк бана.
  Эсул бичас хӏалбихьун,
  Боцӏи, лъимал тӏагӏана.
  Эс бан букӏараб мина
  Тӏолго тӏатӏала ккана.
  Лъимал тӏагӏун, боцӏи хун,
  Живгоги унтун ккана,
  Гӏадамас хӏехьоларел
  Ругънал черхалда лъуна.
  Ругънада хӏапаро бан,
  Гӏадан тӏаса къотӏана.
  Рахӏматан чӏужу йикӏун,
  Элъ эсие рухӏ кьуна.
  Аралъуй Рахӏмат кватӏун,
  Юхилилан гьедана.
  Мацӏалда ругънал рахъун,
  
  Цӏалулеб вирд хутӏана.
  Дида зарар гъанилан
  Аллагьасде гьардана.
  Кватӏун рахӏмат щвелалде
  Эсул ругънал руссана.
  Хӏал кӏолев бетӏергьанас
  Эв лъикӏлъизе гьавуна.
  Гӏурдада эс мал кьабун,
  Кӏиго ицц загьирлъана.
  Иси суялъ черх чурун,
  Цӏорорабги гьекъана.
  Эв чвердолеб мехаца,
  Цӏад гӏадин, месед бана.
  Гарцӏил суратги лъугьун,
  Авлахъ меседил цӏуна.
  Чвердон вахъун, черх лъилъун,
  Эс месед бакӏарана.
  Мун элде ккун гьечӏилан,
  Бичас эсде ахӏана.
  Дун элде ккун гьечӏилан,
  Айгуб данде кӏалъана.
  Кинниги гьеб дур нигӏмат
  Бокьилилан абуна.
  Цӏоб гӏатӏидав аллагьас
  Эсие изну кьуна.
  Меседил гъунал гьарун,
  Эв гъенезе гьавуна.
  Гьа хъублъунгутӏиялъе
  Чӏахӏил квацӏи кьабуна.
  Аллагьас амру гьабун,
  Рахӏматида кьабуна.
  Гъоркь рукӏарал кӏигогӏан
  Эсие лъимал гӏуна.
  Боцӏи-рикъзи гӏемерлъун,
  Гӏадамазе бикьана.
  Баширан цо вас вукӏун
  Авараглъун лъугьана.
  Айгуб хвараб мехаца,
  Халипалъун эв чӏана.
  Кӏиябгоги рукъалъул
  Давлаталде эв щвана
  
  Балагьазде сабурав
  Айгубил гьалмагълъана.
  ШУГӏАЙБ АВАРАГСУЛ КЪИСА
  Шугӏайб-аварагасул
  Цӏакъаб тухум букӏана,
  Ибрагьимгун умумул
  Гьижра гьабун рукӏана.
  Цинги Шугӏайб-авараг
  Эб наслудал лъугьана.
  Лутӏ-аварагасул яс
  Кӏудай эбел йикӏана.
  Цинги Шугӏайб аллагьас
  Авараглъун гьавуна.
  Мадянгун Айлаялде
  Авараглъун витӏана.
  Берцинаб гьаракь кьуна,
  Пасихӏаб кӏал-мацӏ кьуна.
  Ракӏ биунеб насихӏат
  Эс къавмалъе гьабуна.
  Берцинаб рагӏи бицун,
  Гӏадамазда кӏалъана,
  Къосараб эсул къавмалъ
  Эв гьереси гьавуна.
  Шугӏайбил рагӏиялда
  Гӏагӏадун релъанхъана.
  Къали-сахӏ мукъсан гьабун,
  Эз гӏадамал гуккана.
  Базман-гилавкаялъе
  Эз хӏилла-рекӏкӏ гьабуна.
  Ниж бокьухъе тейилан,
  Шугӏайбиде семана.
  Ганчӏица чӏвалин абун,
  Эз эсий хӏинкъи кьуна.
  Цинги ункъо къояца
  Багӏарун бакъ букӏана.
  Асхӏаб ул-айнаязул
  Иццал, гӏорал гьалана.
  Цинги тӏаде накӏкӏ бачӏун,
  Эл рагӏдукье кӏанцӏана.
  
  Накӏкӏукьан бараб цӏаялъ
  Рухӏун рохъо лъугьана.
  Мадяналъул агълуги
  Цӏакъ гӏорхъудаса ана.
  Жибрилас гьаракь гьабун,
  Тӏолго тӏагӏинаруна.
  Муъминзабигун Шугӏайб
  Маккаялдехун ана.
  Хвезегӏан тӏагӏат гьабун,
  Байтуллагьалда чӏана.
  Мадяналда вукӏаго,
  Мусагун данделъана.
  Мусаги дурцлъун гьавун,
  Шугӏайбил гӏи хьихьана.
  МУСА АВАРАГАСУЛГИ ГЬАРУН АВАРАГАСУЛГИ КЪИСА
  Юсуп-аварагги хун,
  Лъимал, вацал хутӏана.
  Ягӏкъубил асбатӏаца
  Мисри цӏезе гьабуна.
  Ибрагьимил, Исхӏакъил
  Дин эз хьвадизабуна.
  Мисриялъул йирул халкъ
  Къибтӏи абун букӏана.
  Нужумазе, хъанчазе
  Хъулухъ гьабун рукӏана.
  Пиргӏавнил сурат бахъун,
  Эз элъий бетӏер чӏвана.
  Баниисраилазе
  Эз цӏакъ гӏакъуба кьуна.
  Мисриялъул ракьалда
  Малгӏун Пиргӏавн чӏухӏана.
  Нужер аллагь дун абун,
  Халкъалда лъазабуна.
  Эс баниисраилал
  Тӏолго лъагъзаллъун ккуна.
  Эзда эс зулму гьабун,
  Гӏазаб чӏамизабуна.
  Гьижра гьабун Шамалде
  Риччаян эл гьардана.
  
  Пиргӏавница хӏинкъи кьун,
  Гьижра эзий къотӏана.
  Анцӏила кӏиго тухум
  Исраилал рукӏана.
  Нужумазул бутӏрузда
  Асбатӏалан цӏар тана.
  Эл цолъун данделъани,
  Эзул къуват букӏана.
  Гьижраялъе нух бахъи
  Эзда тӏалъун лъугьана.
  Кинниги данделъизе
  Эзул пурсат къотӏана.
  Рагӏи цолъун гьабизе
  Эзул бетӏер камуна.
  Асбатӏ гӏасилъилилан
  Пиргӏавн хӏинкъун вукӏана.
  Хӏинкъараб макьу бихьун,
  Виххун тӏаде вахъана.
  Шамалдаса цӏа бачӏун
  Къибтӏал рухӏун бихьана.
  Асбатӏалъе чи вахъун,
  Шагьлъи бахъун къотӏана.
  Пиргӏавн, Гьаман данделъун,
  Диван гьабун кӏалъана.
  Эзул лъимал хъвехъизе
  Мажлисалъ къарарлъана.
  Къинал руччабазда тӏад
  Хъаравулзаби тана.
  Баниисраилазул
  Ясал тун, васал хъуна.
  Ягӏкъубил лъималазул
  Лъабго кьери лъугьана.
  Лъабабилел кьеридал
  Бетӏер Гӏимран вукӏана.
  Эв Гӏимранил чӏужуги
  Хӏаннат-ханум йикӏана.
  Гӏимранил вас Мусае
  Хӏаннат лъимаде кьуна.
  Мусал эбел хӏинкъана,
  Хӏинкъугеян бихьана.
  Дур вас авараг абун,
  
  Макьилъ рохел бицана.
  Гьавигун хахейилан,
  Элде илгьам гьабуна.
  Хӏинкъани лъелъе рехи
  Элда ракӏалде ккана.
  Гъансинив лъун, элъ Муса
  Нил гӏурулъе рехана.
  Пиргӏавнил гӏадамаца
  Эв гӏурулъа вахъана.
  Пиргӏавн, Гьаман, эзул бо
  Гӏемерго мекъса ккана.
  Жидерго тушман хьихьун,
  Эзул хатӏа лъугьана.
  Гъамас рагьун, Асият
  Жание ялагьана.
  Вихьигун Муса вокьун,
  Васлъун кквезе къачӏана.
  Росасда Пиргӏавнида
  Эв чӏвагеян гьардана.
  Мусал пайда щвелилан,
  Эй эсдехун кӏалъана.
  Пиргӏавн, Асият рекъон,
  Рахьдал улбул ахӏана.
  Эзул кеке босичӏо,
  Мусаца нахъе чӏвана.
  Мусал эбел Хӏаннатил
  Каранда цӏа рекӏана.
  Вацасул хӏал цӏехезе
  Яц Мариям йитӏана.
  Мусаца рахь нахъе чӏвай
  Эй яцалда бичӏчӏана.
  Рахь гьуинай дир эбел
  Ахӏеян элъ гьарана
  Эй Мусал эбел йикӏин
  Лъачӏого эз ахӏана.
  Пиргӏавница мухьги кьун,
  Хӏаннаца вас хахана.
  Муса кӏудияв гӏуна,
  Гӏакълуялда ватана.
  Бичас гӏелму-хӏикмат кьун,
  Батӏияв чи лъугьана.
  
  Пиргӏавнил чуги рекӏун,
  Муса свердизе ана.
  Гӏадан тохаб мехаца
  Мисриялде хьвадана.
  Сибтӏиявгун къибтӏияв
  Цоцалъ речӏчӏун ратана.
  Мусаде аман гьарун,
  Сибтӏияс ахӏи бана.
  Эл ратӏа гьаризеян,
  Муса аскӏове ана.
  Мусадаги данде чӏун,
  Къибтӏияс квер биххана.
  Мусаца каранлъ зар бан,
  Къибтӏи чӏван, хабалъ лъуна.
  Хатӏалъанин дун абун,
  Аллагьасе хӏелана.
  Мусал хатӏаялдаса
  Аллагь тӏасалъугьана.
  Тӏокӏаб гьабиларилан,
  Тавбу гьабун, гьедана.
  Эб тӏатине гурилан,
  Муса хӏинкъун вукӏана.
  Хабар щибдай бугоян,
  Росулъ свердизе ана.
  Цо къибтӏигун вагъулев
  Довго сибтӏи ватана.
  Сонго гӏадин жакъаги
  Мусаде ахӏи бана.
  Мун питначи вугилан,
  Муса эсде вагъана.
  Кинго ракӏ букӏинчӏого,
  Квер бакъизе вортана.
  Къибтӏиясда кьабизе
  Муса унев вукӏана.
  Жиндего вортаравин
  Ккун сибтӏияв ахӏдана.
  Сон къибтӏи чӏварав гӏадин,
  Дун чӏвайищ дуй бокьараб,
  Маслахӏатчи мун гурин
  Зурба вугин абуна.
  Мусаца къибтӏияв чӏвай
  
  Гьав къибтӏиясда лъана.
  Вортун Пиргӏавнихъе ун,
  Эб хабар лъазабуна.
  Гӏадамал чӏвалел чагӏи
  Пиргӏавница ахӏана.
  Гьебсагӏат Муса чӏваян,
  Эзий амру гьабуна.
  Хӏизкъил Мусахъе вортун,
  Чӏвалевлъи лъазабуна.
  Бетӏер босун лъутеян,
  Эс насихӏат гьабуна.
  Хӏинкъун, нахъ-нахъ валагьун,
  Муса къватӏив лъутана.
  Хвасар гьаве дун абун,
  Аллагьасде гьардана.
  Маднаялде гьумер кьун,
  Мисриялде мугъ бана.
  Нухтӏа тӏовитӏиялде
  Аллагьасде хьул лъуна.
  Шугӏайбил Мадяналде
  Микьго къол нух букӏана
  Жабраилас нух малъун,
  Аллагьас эв витӏана.
  Мадяналъул рагӏалда
  Бугеб гъуялде щвана.
  Гӏи гьекъезе рачӏарал
  Гӏиял гӏухьби ратана.
  Жидерго гӏиги цӏунун,
  Кӏиго ясги ятана.
  Нуж щай чӏаралан абун,
  Муса эзда кӏалъана.
  Гӏухьби нахъ руссинегӏан
  Чӏун ругин эз абуна.
  Эмен херлъун, гӏи гьекъей
  Жидетӏе ккей бицана.
  Мусаца эзул рехъен
  Гьекъезабун битӏана.
  Цинги вакъун, рагӏдукь чӏун,
  Бичасде цӏоб гьарана.
  Цӏакъ нечараб куцалда
  Эй цояй яс ячӏана.
  
  Лъикӏлъиялъе инсуца
  Мун ахӏулин кӏалъана.
  Ясалъ нух бихьизабун,
  Шугӏайбихъе эв щвана.
  Жиндирго лъугьанщинаб
  Эс эсдехун бицана.
  Шугӏайбица Мусада
  Хӏинкъугеян абуна.
  Залимаб къавмалдаса
  Мун ворчӏанин кӏалъана.
  Шугӏайбил кӏудияй яс
  Инсудехун ургъана.
  Гӏиял вехьлъун Муса тей
  Элда берцин бихьана.
  Божарав чи эв вукӏин
  Лъан элъ бичӏчӏизабуна.
  Къуват бугев, лъикӏав чи
  Муса вугин бицана.
  Эв Шугӏайбил ракӏалде
  Бичас илгьам гьабуна.
  Муса дурцлъун гьавеян
  Ракӏалде ккезабуна.
  Цояй яс дуе кьезе
  Бокьун бугин кӏалъана.
  Микьго соналъ гӏи хьихьи
  Шартӏ гьабеян тӏад лъуна.
  Анцӏго соналъ мун чӏани,
  Дур лъикӏлъилъун рикӏкӏина.
  Микьго соналъ чӏелилан,
  Мусаца рагӏи кьуна,
  Гьебсагӏат магьари лъун,
  Шугӏайбил яс ячана.
  Боцӏул, рукъалъул кверщел
  Тӏолго Мусахъе кьуна.
  Анцӏго сон тӏубазегӏан
  Гӏиял милат гьабуна.
  Гьеб анцӏабго соналда
  Мусае иргьас щвана.
  Мусал гӏансаялдасан
  Гӏаламатал тӏатана.
  Цинги гӏагарахъ урхъун,
  
  Мисриялде ракӏ бана.
  Хъизан-кулпатги бачун,
  Сапаралде вахъана.
  Мадяналдаса рахъун,
  Тӏурисайналде щвана.
  Нух къосун свердулаго,
  Бакараб цӏа бихьана.
  Нуж гьанир лъалхъейилан,
  Мусаца хъизан тана.
  Нух лъан, я сунтур босун,
  Вачӏинилан абуна.
  Эб цӏаялде аскӏове
  Муса-авараг щвана.
  Гӏуннабалъул гъотӏода
  Хъахӏаб нур чӏван батана.
  Гъветӏ сверун анцӏго парсахъ
  Авлахъ гвангъун бихьана.
  Дун дур аллагь вугилан
  Гъотӏодасан рагӏана.
  Хьитал рахъун вачӏаян
  Бичас эсде ахӏана.
  Баркатаб кӏкӏал рагӏалде
  Мун щванилан кӏалъана.
  Мун тӏаса вищун дица
  Авараглъун гьавуна.
  Дир вахӏю-рагӏиялъухъ
  Гӏенекке мун абуна.
  Хӏакъав аллагь дунилан
  Мусада нур кӏалъана.
  Дун гурони бетӏергьан
  Гьечӏилан лъазабуна.
  Дун рехсезе как баян
  Бичас эсда тӏад лъуна.
  Ахират-хобги рехсон,
  Зикру гьаби малъана.
  Щиб дур кодоб бугебан
  Бичас эсда гьикъана.
  Тӏаде чӏвалеб, тӏад чӏвалеб
  Дир гӏансаян бицана.
  Гӏанса гӏодоб рехеян,
  Бичас абун, рехана.
  
  Аздагьолъун эб жунун,
  Муса хӏинкъун лъутана.
  Хӏинкъичӏого тӏад вуссун,
  Эб босеян абуна.
  Кӏалдире килщал регьун,
  Босун гӏанса лъугьана.
  Къвалакь квер лъун бахъеян
  Калимасда рагӏана.
  Къвалакь квер лъун бихьидал,
  Бакъ гӏадин квер гвангъана.
  Нахъойги льороб лъеян,
  Бичас амру гьабуна.
  Лъороб лъун квер бахъидал,
  Букӏухъе квер лъугьана.
  Цинги аллагь Мусада
  Каламалда кӏалъана.
  Калимуллагь Мусада
  Авараглъи баркана.
  Пиргӏавнихъе мун аян
  Эсде хитӏаб бачӏана.
  Пиргӏавнги эсул къавмги
  Къосун рукӏин бичӏчӏана.
  Мугӏжизатлъун бихьизе
  Гӏансаги кверги кьуна.
  Хӏеренаб рагӏи бицун
  Диналде цӏай абуна.
  Муса хӏинкъун: – Я рабби,
  Дица эзул чи чӏвана.
  Эз дунги чӏвалин абун,
  Дун хӏинкъулин кӏалъана.
  Ракӏ къваридав, мацӏ барав
  Янгъиз чи дун вукӏана.
  Эз дун гьереси гьави
  Дир ракӏалде бачӏуна.
  Гьаб дир мацӏалъул гарацӏ
  Бичеян эв гьардана.
  Пасихӏав дир вац Гьарун
  Дир вазирлъун вакьина.
  Цадахъ тӏагӏат гьабизе
  Авараглъун гьарана.
  Мусал дугӏа къабуллъун,
  
  Бичас жаваб гьабуна.
  Дица нуж цӏунилилан,
  Хӏинкъугеян абуна.
  Цинги хъизан-кулпатгун
  Мисриялде эв щвана.
  Урхъарай эбелалъул
  Кверда речӏчӏун баана.
  Авараглъиги баркун,
  Гьарунида къочӏана.
  Нуж Пиргӏавнихъе аян,
  Вахӏю эзде рещтӏана.
  Гьарун дагьав хӏинкъана,
  Бичасе хӏелхӏедана.
  Хӏал-гуч цӏакъав малгӏунас
  Ниж чӏвалилан абуна.
  Дида нуж лъан, рихьула,
  Дун нужгун цадахълъана,
  Воре, нуж хӏинкъугеян,
  Бичас Жибрил витӏана.
  Пиргӏавнида аскӏор ун,
  Дин малъеян ритӏана:
  – Эсие лъикӏаб бице,
  Цощинав эв вуссина.
  Нуж эсухъе ун кӏалъай,
  Ниж аллагьас ритӏанин.
  Нижгун Шамалде асбатӏ
  Битӏейилан абунин.
  Битӏараб нух ккурасе
  Алжан насиб гьабуна.
  Гьетӏараб нух ккурасе
  Жужахӏ щвелин бицана.
  Эл Пиргӏавнихъе ана,
  Берцин, хӏерен кӏалъана.
  Аварагзаби рукӏин
  Эсда бичӏчӏизабуна.
  Мусаца Пиргӏавние
  Цӏакъаб насихӏат кьуна.
  Мун вижарав бетӏергьан
  Витӏухъ гьаве абуна.
  Мун нижеда божани,
  Дур мунагьал чурила.
  
  Гӏумру, рикъзи, баракатгин
  Шагьлъиялда кватӏила.
  Дуца лъикӏлъи гьабуни,
  Мунги бичас лъикӏ тела.
  Мунагь чурун, вацӏцӏалъун,
  Аллагьасде мун щвела.
  Хӏакъалдалъун жиндие
  Лагълъи гьабизе кколев,
  Цохӏо Аллагь гурони,
  Нилъер бетӏергьан гьечӏо.
  Божи гьечӏеб гьаб дагӏба
  Дуца тани, лъикӏ ккела.
  Дун бетӏергьанан чӏани,
  Ахират-хоб бухӏила.
  Дуца баниисраилал
  Цадахъго тархъан гьаре.
  Дие бетӏер чӏвагеян,
  Гьаб халкъалда лъазабе.
  Асбатӏазул чагӏазда
  Дуца зулму гьабуге.
  Нижгун цадахъ Шамалде
  Унел чагӏи гьукъуге.
  Гьедин берцинго Муса
  Пиргӏавнида кӏалъана.
  Пиргӏавнил цӏакъ ццин бахъун,
  Муса чӏвазе гьесана.
  Пиргӏавница кӏал гьикъун,
  Мусада бадиб чӏвана.
  Эхе-эхеде кӏанцӏун,
  Гӏодор малал кьабуна.
  Нил гӏурулъаги вахъун,
  Мун нижеца хьихьичӏищ?
  Мун гьитӏинав чи вукӏун,
  Кӏудияв гӏезавичищ?
  Гӏемерал соналги ран,
  Гӏасилъун мун лъугӏичӏищ?
  Дир гӏагарав чиги чӏван,
  Бид вахъун мун виличӏищ?
  Дида цеве вачӏине
  Гьеб гьумергун нич гьечӏищ?
  Дида кодове щвани,
  
  Чӏвалилан мун хӏинкъичӏищ?
  Гьедин гьеб кӏалги гьикъун,
  Пиргӏавн цӏакъ гӏер-гӏедана.
  Дуй щиб къваригӏарабан,
  Мусаде хъихъидана.
  Цинги Муса-авараг
  Адабалда кӏалъана.
  Кигӏан ццин бахъаниги,
  Вахӏю ракӏалдещвана.
  – Хӏакъаб рагӏи буго дур,
  Дихъа хатӏа лъугьана.
  Нужекьа хӏинкъун, лъутун,
  Дун мадяналде ана.
  Дир гьеб хатӏаялдаса
  Аллагь тӏасалъугьана.
  Тӏурисиналда бичас
  Дун авараг гьавуна.
  Гӏелму, гӏакълу, давлат кьун,
  Дун бичас тӏокӏ гьавуна.
  Эб дида бадибчӏвараб
  Дур нигӏмат нигӏмат гуро
  Дуца гьабураб лъикӏлъи
  Лъикӏлъилъун рикӏкӏинаро.
  Дуца баниисраил
  Тӏолго лагъзаллъун ккуна.
  Эзул шагь вахъинилан,
  Бихьинлъимал хъвехъана.
  Эбел, хвеялда хӏинкъун,
  Элъ дун лъелъе рехана.
  Дудаго хьихьизавун,
  Аллагьас дун цӏунана.
  Гъоркь мун хӏинкъун вукӏарав
  Авараг дун лъугьана.
  Мусаца Пиргӏавние
  Асланаб рагӏи кьуна.
  Нужер бетӏергьан щиван,
  Пиргӏавница гьикъана.
  Аллагьасул сипатал
  Рикӏкӏун Муса кӏалъана.
  Зоб-ракьалъул бетӏергьан
  Аллагь вугин бицана.
  
  Рекъанщинаб бакӏалда
  Рекъанщинаб жо лъурав
  Жинди-жиндир нухалде
  Щибаб жо ккезабурав.
  Аразул, рачӏунезул
  Хӏал-хӏукму жинда лъалев,
  Азалалда хъвараб жо
  Майданалде бахъулев.
  Тӏад регизе бусен кьун,
  Халкъалъе ракь бижарав.
  Бокьаралъуве ине
  Нужей нухал рагьарав.
  Зоб-ракь жинца бижарав,
  Жаниб гӏалам хьихьарав.
  Зодисан цӏад базабун,
  Кьер-кьераб нигӏмат кьурав.
  Хӏарщудаса нилъ рижун,
  Хун рахъине гьарулев.
  Вате тӏадав аллагьан
  Ракӏ чӏезабизе кколев.
  Мусал эб рагӏиялда
  Пиргӏавнил ракӏ чӏечӏого,
  Диваналда гьикъана,
  Рагӏуларищан абун.
  Нахъго Муса кӏалъана
  Балики, кантӏилилан,
  Нужгин нужер умумул
  Рижарав аллагьилан.
  Пиргӏавница абуна
  Мажлисалда къотӏеян.
  Гьав нужеде витӏарав
  Илчи мажнун вугилан.
  Муса нахъго кӏалъана
  Гӏакълуялде рачӏаян,
  Машрикъ, Магъриб, гьоркьоб бакӏ
  Бичасул мулк бугилан.
  Муса донгнив тӏамизе
  Малгӏун Пиргӏавн гьесана.
  Дун аллагьлъун кквечӏони,
  Мун кквелилан вагъана.
  Мусаца пурман босун,
  
  Гӏанса гӏодоб рехана.
  Гӏанса аздагьо лъугьун,
  Нахъго гӏанса лъугьана.
  Кверги къвалакь лъун, бахъун,
  Бакъ гӏадин эб гвангъана.
  Нахъго льороб лъун, бахъун,
  Квер букӏахъе лъугьана.
  Эл мугӏжизатал рихьун,
  Пиргӏавнил бер биххана.
  Бер бухьун лъугьанилан,
  Гьаманида кӏалъана.
  Гьунар бугев сихӏручи
  Гьав Муса лъугьун вуго.
  Гьасул мурад – сихӏруялъ
  Гьаб улка бахъи буго.
  Мусал чара къотӏана,
  Мажлисалда абуна.
  Жаза нахъ тӏамун теян,
  Диван эсда кӏалъана.
  – Сихӏручагӏи ахӏизе
  Росабалъе чи витӏе.
  Сихӏраби данде разе,
  Заман Мусаца къотӏе.
  Гьаб гӏидалъул къоялъул
  Зухӏаялъул гӏужалда
  Данделъи нуж абуна,
  Мусаца майданалда.
  Киналго сихӏручагӏи
  Мисриялде рачӏана.
  Къотӏи гьабураб къоялъ
  Улкаго данделъана.
  Сихӏирзаби данделъун,
  Пиргӏавнихъе рачӏана.
  Мусадаса бергьани,
  Щиб кьелебан абуна.
  Пиргӏавн эзда разилъун,
  Гьумер битӏун кӏалъана.
  Аскӏор телилан абун,
  Эзий къотӏи гьабуна.
  Гьарунги вачун Муса
  Майданалде вахъана.
  
  Эс эл сихӏручагӏазе
  Хӏинкъараб вагӏза кьуна:
  – Нужей жужахӏ батаял,
  Бичасда бугьтан лъоге.
  Мугӏжизатазда данде
  Сихӏру багъизабуге.
  Дун гьереси гьавуни,
  Аллагьас нуж гъурила.
  Мусаца гьадин хӏинкъи
  Сихӏирзабазе кьуна.
  Сихӏирзаби данделъун,
  Цоцазда щур-щудана.
  Нилъ нахъе ццун, гьал бутӏрул
  Жидеде руссин бокьун,
  Вачӏана гьав кӏиявго
  Сихӏру бергьине бокьун.
  Жакъа гьанив бергьарав
  Бергьун хутӏизе вуго.
  Цойидасан нужеца
  Гӏер, квар рехизе буго.
  Цинги эл сихӏручагӏи
  Кӏалъана Мусадехун
  Дуцайищ, нижецайищ
  Тӏоцебе рехилебан.
  Нужеца квар рехеян,
  Муса эзда кӏалъана.
  Кинавго сихӏручияс
  Гӏарщ, квар, гӏурдул рехана.
  Лъабкъоялда анцӏила
  Кӏиго сахӏир вукӏана.
  Хъабчилъ ругел гьунарал
  Гьоркьоб бакӏалде рана.
  Цӏакъ кӏудияб бер бухьин
  Халкъалъе эз гьабуна.
  Эз рехарал гӏарщ, кварал
  Борхьал гӏадин хьвадана.
  Кинабго халкъ хӏинкъана,
  Мусалцин ракӏ туркӏана.
  Расги хӏинкъуге мунан,
  Мусахъе вахӏю щвана.
  Бергьенлъи духъ бугилан,
  
  Эсда рохел бицана.
  Гӏанса гӏодоб рехеян,
  Бичас пурман бачӏана.
  Гӏанса гӏодобе рехун,
  Аздагьолъун лъугьана.
  Эз гьабунщинаб сихӏру
  Кӏал гьакӏкӏан кӏкӏун биччана.
  Хӏакъаб жо загьирлъана,
  Батӏулаб жо тӏагӏана,
  Сихӏирзаби мукӏурлъун,
  Суждаялда речӏчӏана.
  Мусалги Гьарунилги
  Бичасде ниж руссана.
  Раббулгӏаламинасде
  Ниж божанин ахӏдана.
  Цинги Пиргӏавн эзие
  Хӏинкъи кьезе лъугьана.
  Дир пурманги гьечӏого,
  Нуж руссанищ абуна.
  Гьаб сихӏру малъарав чи
  Нужеда Муса вуго.
  Устарги нужги рекъон,
  Питна гьабулеб буго.
  Нужер кванарал кверал,
  Квегӏал хӏатӏал къотӏила.
  Чамасдакӏул гъутӏбузда
  Нуж дализе гьарила.
  Бичасдаса дир гӏазаб
  Цӏакълъи нужеда лъала.
  Иман лъеялда нужер
  Нахъа цӏакъ ракӏ бухӏила.
  Муъминал сихӏручагӏи
  Пиргавнида кӏалъана.
  Ниж рижарав бичасде
  Ниж руссанин абуна.
  – Дуцаги чӏван, шагьидлъун,
  Хвезе ниж рази руго.
  Бичас мунагьал чурун,
  Алжаналде хьул буго.
  Пиргӏавница чӏвалаго,
  Эл бичасе хӏелана.
  
  Сабру кьун, иманалда
  Рухӏ бахъеян гьардана.
  Къалъизегӏан Мусагун
  Къацандилел рукӏана.
  Къаденахъе иман лъун,
  Цадахъго шагьидлъана.
  Муса чӏвазе дун теян,
  Пиргӏавн ахӏдон лъугьана.
  Нужер закон биххулев
  Пасатав чи абуна.
  Бичас дун цӏунилилан,
  Муса къвакӏун кӏалъана.
  Мун гӏадав капурчияс
  Дун чӏваларин семана.
  Пиргӏавнил вацасул вас
  Хизкъил вачӏун кӏалъана.
  Муса-аварагасе
  Эв цӏакъ хӏалае чӏана.
  – Аллагьасул рахъалъан
  Мугӏжизатгун вачӏарав,
  Дир бетӏергьан аллагьан
  Битӏараб жо бицарав.
  Гьев авараг нужеца
  Чӏвазе цӏакъ бегьиларо
  Гьеб зулму-исрапалда
  Аллагь разилъиларо.
  Гьав гьереси ватани,
  Эсие зарар щвела.
  Гьав витӏарав ватани,
  Тӏолго нуж гьалаглъила.
  Жакъа гьаб улкаялда
  Нилъер гуч билълъун буго,
  Гьав чӏван балагь бачани,
  Нилъ цӏунулев щив вуго?
  Пиргӏавница дир гӏакълу
  Битӏун бугин абуна,
  Дир битӏараб нухалда
  Нуж хьвадеян кӏалъана.
  Нахъойги Хӏизкъилица
  Цӏакъ насихӏат гьабуна.
  Нухӏил Гӏадил къавм гӏадин,
  
  Нуж тӏагӏилин абуна.
  – Ле, дир гӏагарал чагӏи,
  Дун нужеда хӏинкъула.
  Гьадин зулму гьабуни,
  Ахират-хоб бухӏила.
  Мугӏжизатгун цевеккун
  Юсуп нужехъе щвана.
  Эсдеги инкарги ккун,
  Нуж гӏасилъун рукӏана.
  Далил гьечӏел дагӏбаби
  Жалго тун лъикӏ нужеца.
  Аллагьасде ахӏулев
  Гьав Мусаде нуж русса.
  Гьеб куцалда щакдари
  Нужеда рекъеларо.
  Гьеб къоялда чӏухӏизе
  Аллагь разилъиларо.
  Цинги Пиргӏавн ахӏдана,
  Халкъалда лъазабуна,
  Дун гурони бетӏергьан
  Нужер гьечӏин абуна.
  Багӏар кирпич бежеян
  
You have read 1 text from Avar literature.